2019 соналъул февралалда 98 сон тIубана багIар армиялъулаз, балъго тIадеги кIанцIун, Гиничукь росу бухIаралдаса.Гьеб балагь нижер гьитIинабго росдаде бачIиналъул хIакъалъулъ бицуна росдал харабаз 1921 соналъул авалалда ГIарани хъалаялде рачIун рукIана тIадмагIарухъги советияб низам щулалъизабиялъе гIоло рагъизе «гъеж гурарал» багIараб армиялъулал. Ракъуца малъкъосарал Астрахань ва Царицын губерниязул гIадамаздаса данде гьабураб 14 ва 32-абилел дивизиязул кьвагьдохъабаздаса,...

