Форма ретIараб гIоларо

Орехово-Зуево шагьаралда, полициялъулаз вухун, хвезавуна Сулли Юнусилау

 

Гьев ккола ММАялъул кIицIул чемпион МухIамад Юнусилаул эмен. Полициялъулазин абуни гьев чIвана, хIакъикъаталдаги вухун хвезавун вугелъул, чIванин абизе ккола, гIадамазул берда цеве. Гьездасаги, ай «полициялъулаздасаги» лъутун аскIоб букIараб аптекаялде ворчIарав Юнусилауца ахIи балеб букIана хIакъикъияб полиция ахIейилан. Амма хадурги рачIун, жал полициялъулал ругинги абун, чIвана гьез ригьалде вахарав чи.

Гьел чагIи, ай чIвадарухъаби полициялъул хIалтIухъаби кколин кинго абизе кIолебги гьечIо. Гьел руго нахъегIанал угърашал, миллатчагIи ва хIинкъучал. Гьезие рекIее гIечIеб къагIидаха кавказалъуласул гьумер. Гьелъиеги батила гIилла: щиб лъалеб, гьев лъабавго хIалихьат армиялда гIезегIан инжит гьарун рукIун ратизе руго кавказалъулаз. Гьанжейин абуни, ай чвантиниб лъезе удостоверениеги рачлихъ базе таманчаги щведал, гьел рукIун ратиларищха къисас босулел ругин абун.
Гьединал лъугьа-бахъинал гIемер дандчIвана дидагоги. Москваялда, Кавказалъул халкъазул конгрессалъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централда хIалтIулеб заманалда, гIезегIан ккана нахъегIанал къасдазул форма ретIаразул квачIикьа гIоло-хъаби рахъизе.
Дида ракIалде ккун букIана Москваялдаги гьелда сверухъ ругел шагьа-раздаги гьединал ишазе цебего ахир лъун батилин. Амма дун мекъи вукIун вуго. Ахир кин лъелеб, Кавказалдасаги Гьоркьохъеб Азиялдасаги рачIараздехун бугеб рокьукълъи лъугIун гьечIеб мехалда ва гьезул чвантиниса кваназе хьулазда ругелги рукIаго. Министрги вахIшияб такъсир гьабураб областалъул полициялъул начальникги, кIалдибе лъим босарал гIадин, руцIцIун чIун руго. Гьезие щибха, гьезда лъалелъул жидее мукIураз жеги вахIшиял такъсирал гIемерал гьарураблъи. Гьелда релълъараб иш кавказалъуласухъа ккун букIарабани, киса-кибего лъугIи гьечIеб ахIи ба-хъинабилаан букIараб жамгIияталъ, телевидениялъ ва Интернеталъ. Цо улкаялда батIи-батIиял даражаялъул гIадамалищ рукIунел? Щайха гьеб миллатчилъиялъулаб унти кьолболъанго сах гьабулареб? Щай гьеб унтиялъ унтун бугеб Москваялъул ва Подмосковьеялъул полиция?
Гьеб суалалъе жаваб балагьулаго, ракIалде бачIана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. 10 соналъ цебе ниж (РКНКя-лъул делегация) рукIана Иваново шагьаралда. Милициялъул цо офицерасулгун харбида рукIаго, гьес абуна: «ХIалтIул хIалбихьи камил гьабиялъул курсазда цIализе дица дирго хIалтIухъаби тIокIалъ киданиги ритIизе гьечIо Москваялде», — ян. Щайилан цIехедал, гьес абуна дораса хIалтIухъаби тIадруссун рачIунила тIубанго батIияб гIамал-хасиятгун, битIахъе хисун лъурал чагIи гIадин. «Москваялъул курсал лъугIараз байбихьула жидерго
хъулухъалдаса пайдаги босун тIасанккарал жал гьаризе. Гьединал хIалтIудаса эркен гьаризеги ккола, цогидал хадур цIачIого рукIине», — ян бицана офицерас.
Бихьулищха, цо идара, цого законал, амма хIалтIи гьабиялъул батIи-батIиял къагIидаби. Аби буго ччугIа бетIералдаса байбихьун махIцунин абураб. Гьеб битIарабги буго. Москваялдаги гьелда гIагарлъухъгилъидал улкаялъул аслияб бечелъи, ай гIарац бугеб. Гьенирлъидал бищун гIемер мигранталги рукIунел. БотIрое дагьабниги жагъаллъи ккарасдаги кIвелищха гьеб киналдасаго пайда босичIого чIезе.
РФялъул МВДялъул коррупциялде данде къеркьеялъул ва экономикияб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул бетIераб управлениялъул начальник Захарченкол яцалъул рокъоб ичIго миллиард гъуруш батараблъи лъида лъалареб? Гьеле доб аздагьоялъул бетIер. БотIроцаги гьединал жал гьарулеб мехалда рачIчIазда хьвагIечIогогIаги чIезе кIвелищ?
Орехово-Зуевоялда ккараб лъугьа-бахъиналда бан РКНКялъ бажарарабщинаб гьабизе буго такъсирчагIи мустахIикъаб тамихIалде цIазелъун ва хIаракат бахъизе буго гьединал ишал жамгIияталъул бербалагьиялда гъоркь чIезаризе.
Денга Халидов,
РКНКялъул председателасул заместитель,
ДРялъул ЖамгIияб
палатаялъул член