Этнографиялдаса унго-унгояб миллияб политикаялде
2019 соналъул 20 апрелалда Москваялда, РФялъул ЖамгIияб палатаялда тIобитIана Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул (РКНК) IV съезд
РКНК гIуцIана 2007 соналъул 25 марталда тIобитIараб Россиялъул Кавказалъул халкъазул вакилзабазул тIоцебесеб съездалда. Гьелдаса нахъе гьеб жамгIияб хIаракаталъ жигар бахъулеб буго регионалъул халкъазул масъалаби тIуразаризе. Гьелъ ракIбохизабула дир, щайгурелъул гьелъие кьучI лъуразул цояв дунги кколелъул. Гьеб ишалда гьор-
кьоре лъугьаразда гъорлъ рукIана: гьабсагIаталда Болгариялда гIумру гьабулев меценат ва жамгIияв хIаракатчи Гъизилюрталдаса Гъазияв Гъазиявовги (гьесда абула Питерскиянги), гьабсагIаталда Россиялъул муфтиязул советалъул председательлъунги Стратегиял пикрабазул халкъазда гьоркьосеб централъул генералияв директорлъунги вугев ГIахьвахъ районалъул ГIанчихъа АхIмад Азимовги (гьесго нухмалъи гьабула РКНКялъул Москваялъулаб отделениялъеги) ва цогидалги.
РКНК гIуцIун букIана лъайкьеялъулабгун социалияб рахъалъ гIолилазе насихIатал кьолеб ва, миллатазда гьоркьосел конфликтал ккунгутIиялъул мурадалда, бичIчIикьеялъул хIалтIиги гIуцIулеб, гIолилазул ихтияралги цIунулеб идара хIисабалда. Доб заманалда Россиялда тIегьалел рукIана ультранационализмги фашизмги, гIемер хIакъир гьарулаан «Кавказалъул куц-мухъалъул гIадамал».
Чанги иш рагIалде бахъинабуна РКНКялъул хIаракатчагIаз, гIезегIан хIалтIи хутIана кагътидаго. Амма нижехъа бажарана Москваялъул хIукуматалъулги, РФялъул президентасул администрациялъулги, РФялъул МВДялъулги пикру хисизабизе ва гьел нижер гIуцIиялъухъ гIенеккизаризеги. Гьал мухъазул автор чанцIулго гIахьаллъана рехсарал идарабазда гIуцIарал тадбиразда.
РКНКялъул букIана захIматаб нух. Гьеб чIаго хутIизабизе къеркьана Чачаналдаса этнографиял гIелмабазул доктор, профессор Асламбек Паскачев. Гьанжеги гьев вищана нижеца РКНКялъул ТIадегIанаб советалъул председательлъун. Гьеб ккола РФялда гIумру гьабулел Кавказалъул халкъазул нусгогIанасев вакиласдаса гIуцIараб мини-парламент. Гьелда гъорлъ руго Россиялъул къадруял кавказалъулал: чIахIиял чагIиги, гIолилалги, гIалимзабиги, жамгIиял хIаракатчагIиги (РКНКялъул регионалиял отделениязул нухмалъулел).
Жигараб хIаракат гьабуна гьеб ишалда Гъарачай-Чергесиялдаса ГIалий Тоторкуловасги – Кавказалъул щибаб халкъалъул вакил гъорлъ вугеб РКНКялъул президиумалъул председателас. Исана тIобитIараб съездалъ президиумалде вищана 26 чи. Гьелда гъорлъ руго: Нугъаязул миллиябгун маданияб федералияб автономиялъул председатель КазмухIамад Янбулатов; машгьурав тележурналист ва Дагъистаналъул жамгIияв хIаракатчи Руслан Гусаров (гьев президиумалде вищана пуланаб халкъалъул вакил хIисабалда гурев, оргкомитеталъул квотаялда рекъон); Москваялда гIумру гьабулел цахуразулги табасараназулги вакил, психолог ва рагъулав таржамачи, «Школа здравого смысла» абураб идараялъул ректор Александр Ибрагьимов; Россиялъул гIелмабазул академиялъул (РАН) Дунялалъул адабияталъул институталъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор, лъарагIазул вакил Казбек Султанов; РФялъул ЖамгIияб палатаялъул председателасул заместитель, РФялъул культураялъул министрасул гIакълучи Михаил Лермонтов (гIурус-хъазахъ общинаялъул вакил); Лезгиязул миллиябгун маданияб федералияб автономиялъул (ФНКАЛ) исполкомалъул председатель ХIусен Шахпазов. Вищана президиумалде дунги, председателасул заместительлъун.
ХIажат бугищ РКНК?
Рехсараб хIаракат чарагьечIого хIажат буго, щайин абуни:
1. РФялъул регионазда гIумру гьабулеб буго нилъер ракьцояз гуребги, Севериябгун Югалъулаб Кавказалдаса аза-азар чияс. Гьезул масъалаби тIуралеб идара буго РКНК.
2. РКНКялъухъа гIемераб жо бажарула, гIаммаб пикруги гъираги бугони. Гьединал, ай цогояб пикруялъул рахъкколел, кавказалъулал рукIин бихьизабуна ункъабилеб съездалда гьарурал гара-чIварияз (гьениб 80-ниги чияс кIалъай гьабуна). Северияб Кавказ хIалуцинабизе къваригIараб къуват букIиналъул хIакъалъулъги бицана съездалда ва хIукму гьабуна, республикабазда гьоркьосел гIорхъабазул ва цогидал конфликтазул масъалаби тIуралеб мехалда чарагьечIого хIалтIизабизе халкъияб дипломатия. Щайгурелъул Росреестралъ, ракьул гIорхъабиги гьелъул багьаги чIезариялъул хIакъалъулъ документал хIадурулаго, хIисабалде босун гьечIо миллияб суал. Цо-цо экспертаз абулеб буго, гьеб гьабун бугин ургъунго, ай Кавказалда халкъазда гьоркьосел бухьенал хIалуцинариялъул мурадалдаян абун. Гьединаб тунка-гIуси ккезе биччангутIизе хIукму гьабуна съездалъ.
Гьабуна цоги хIукму: РКНКялъул вакилзаби рахъинаризе федералиял министерствабазулги улкаялъул регионазул ЖамгIиял палатабазулги жамгIиял советазул членаллъун.
3. Информациялъулаб рахъ камил гьабизе: гIемерисезда лъаларо гьединаб тIолгороссиялъул хIаракат бугеблъицин.
Улкаялъул цебетIеялда жакъа буго хIалуцараб хIал. Съездалъул трибунаялдаса дица абуна, Кавказалда тIобитIулеб миллияб политика букIине кколин гьелъул некIсияб тарихалдеги цивилизациялдеги рекъонкко-
леблъун; «цIияб ермоловщинаялъул» бакIалда (масала, гIорхъаби чIезариялъулъ къуватгун хIилла-рекIкI хIалтIизаби) Россиялъул Кавказалда тIобитIизе кколин пушкинизациялъулгун лермонтовизациялъул политика (ай мугъчIвазе ккола гуманитариял технологиязде), экономикияб цебетIеялъулгун инвестициязулаб политика (гьелъие мисалал: Стиб Джобс ва гьоркьохъел гIасрабазул машгьурав гIурус купец Афанасий Никитин). Дир гьеб пикруялъул рахъккуна съездалъул гIахьалчагIазги. Бокьана гьезие «Федерациялъул миллияб политикаялда этнографизациялъулги шоуменазулги къагIидаби хIалтIизариялдаса инкар гьабизе ккола» абураб пикруги. «Ниж копол ясикIаби гуро, миллияб парталги тIадретIун, чидае берцин рихьизе абун, къватIахъ свердизе. РФялъулги Москваялъулги хIукуматал къватIире рахъе абе цин миллияб парталги ретIун, нижецаги гьединго гьабила», — янги бицана дица.
Миллияб политика кколаро кучIдул ахIиги кьурдиги, «лезгинкаги» «частушкабиги». Гьеб ккола халкъалъул гIумруялъул гъварилъуда цIунараб кьучI. КьочIоде кьватIел ккани, тIолабго гIумру кIалагъоркье чIвала. Гьединлъидал миллияб политика букIине ккола цIакъ цIодорго тIобитIулеблъун. Ункъабилеб съездалъул пикруялда рекъон, хIаракат гьабизе ккола Северияб Кавказалъул халкъазул гIумру батIияб рахъалдаса борцинеги бичIчIизеги. Аслияб масъала буго халкъазул мацIал цIуниги, халкъазда гьоркьосеб гьудуллъи-вацлъиялде рагIад рехунгутIиги, гIадамазул гIумруялъе шартIал гIуцIиги.
РКНКялъул нухмалъиялда – магIарулал
РКНКялъул президиумалда вуго 26 чи, гьезда гьоркьоса микьгояв вуго дагъистанияв. ТIадегIанаб советалда – 100-гIан чи. Гьезда гьоркьор руго Сайгидпаша ГIумахановги – МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъул президент, ГIали Камаловги – «халкъалъул къадруял вакил» абураб квотаялдаги, РФялъул Журналистазул союзалъул секретарьги ва «Кавказалъул рукъ» абураб регионазда гьоркьосеб жамгIияб гIуцIиялъул президент вукIин хIисабалдеги босун.
«ГIолилазул гIуцIабазул лидер» ва «РКНКялъул регионалиял отделениязул нухмалъулел» абурал квотабазда рекъон, ТIадегIанаб советалда вуго щугониги магIарулав: ХIажи ГIабдулкаримов (Свердловск область), ГIалихан Аварский (Приморский край), ГIали Шарапудинов (Астрахань); ХIабиб МухIамадов (Липецк область) ва цогидалги.
Денга Халидов,
РКНКялъул председателасул заместитель,
ДРялъул ЖамгIияб
палатаялъул член