ЖамагIаталда мугъчIвани, мекъи кколаро Росабалъ гIадамал чIезе ккани, рекъарал шартIалгIаги рукIине ккеларищ? Шамил районалъул росабазул лъикIал бегавулзабазда гьоркьоб цIар рехсола Ругъелда росдал бегавул ГьитIинамухIамад ГьитIинамухIамадовасулги. Росдал жамагIатги разиго буго гьесдаса. Гьединлъидал ахираб заманалда гьабураб хIалтIулги, гьабизе бугелъулги, дандчIвалел захIмалъабазулги бицун, нижеца гьабуна гьесулгун гара-чIвариги.— ГьитIинамухIамад, учительлъиги тун, бетIер унтизабулеб гьаб хIалтIи тIаде босиялъе гIилла щиб...
