Унтуде данде прививкаби гьаризе инкар гьабуразул къадар бахана 15000 чиясде
ГьабсагIат ругел баяназда рекъон, республикаялда месед унти бахун буго 154 чиясде. Гьебги буго хехго бахунеб ва цебеса цебе унеб унти.
Прививка гьабичIев ва цевеккун меседалъ унтичIев чиясде цIакъ хехго бахуна гьеб. Жиндир заманалда тохтурасухъе бачун бачIараб унтараб лъимер хехго сах гьабизеги кIола.
Цебе, месед унтуда данде вакцинация гьабулареб заманалда, гIемерисел лъимал холел рукIана меседалъ унтун. 2019 соналъул байбихьуда Грузиялда, Украинаялда месед унтиялъ гIадамал хвеялъул хIужабиги ккана.
Республикаялда месед унти бахарал къо-йидаса къойиде цIикIкIунел рукIиналда бан, ДРялъул хIукуматалъ, СахлъицIуниялъул министерствоялъ, Роспотребнадзоралъул управлениялъ ахIи балеб буго ва халкъалъе бичIчIикьеялъул тадбирал тIоритIулел руго.
24 апрелалда, «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб дандчIваялда, ДРялъул сахлъицIуниялъул мурадалда халкъалъе медицинаялъулаб кумек гьабиялъул отделалъул начальник Муслимат ХIасановалъ ва ДРялъул муфтияталъул вакил, исламияб медицинаялъул специалист МухIамад ГIабдурахIмановас бицана месед унтудаса цIуниялъул ва прививкабазул хIакъалъулъ.
Муслимат ХIасановалъул баяналда рекъон, меседалъ унтаразул къадар цIикIкIин бараб буго прививкабаздаса инкар гьабулезул къадар цIикIкIиналда.
«2010-2011 соназда республикаялда прививкабаздаса инкар гьабулезул 200-300 чи вукIун ватани, гъоркьиса гьединазул къадар 15000-ялде бахана. Абизе бегьила республикаялда прививкабазде данде информациялъулаб рагъ унеб бугин. Интернеталда бицунеб букIуна, вакцинаби квешал ругин, гьез лъимер унтизабулин, цере гIадинал вакцинаби гьанже гьечIин, медицинаялъул хIалтIухъабаз гьел жидеего гьаруларин абун. Гьел руго кьучI гьечIел харбал. Вакцинаби цIунизе цIорорал камерабиги, цогидаб хIажатаб техникаги буго республикаялда.
Абула советияб заманалъул вакцинаби лъикIал рукIанин, гьанже лъикIал гьечIин. Гьеб пикруги мекъаб буго. Цебеялде дандеккун гьанже ругел вакцинаби гIезегIан лъикIалги рацIцIадалги руго. Меседалде данде прививкаби гьаризеги хIалтIизабула кIиго батIияб вакцина – месед унтул бакъвараб (сухая) вакцина ва месед унтуде данде гьабулеб «чIагояб» вакцина. Гьеб кIиялъулго хIакъалъулъ ва гьелда гъорлъ рукIунел жалазул хIакъалъулъ бокьарав чияс цIализе бегьула Интернеталдасан. ЧIагоябин абулеб вакцинаги букIуна гIадамасе зарал гьабулареб хIалалда загIип гьабураб. Киналго вакцинабиги руго нилъерго улкаялда гьарурал.
ГIемерисезда бичIчIулеб гьечIо месед унтул инфекциялдаса хадур кколел захIмалъабазул хIакъалъулъ. Гьел жиндир заманалда больницаялде ккани, сах гьаризе кIола, амма рокъорги чIун унти сах гьабизеян лъугьани, гьелъул жаваб тохтурзабаз
кьоларо. Месед унтиги байбихьула ОРВИ яги ОРЗ (мегIерччин, къватIул унти) унтабазулго гIадал гIаламатаздалъун. Гьединлъидал, эбел-инсуца рокъорго сах гьарулелинги абун, лъимал жеги захIматаб хIалалде ккезарула.
Цо-цояз абула жидер лъимер загIипаб бугин, аллергия бугин, гьединлъидал прививкаби гьаризе инкарги гьабула. Нагагь лъимер унтун бугони, тохтурас жинцаго нахъбахъула прививка гьабиялъул заман, гьеб сахлъизегIан. Киназдаго лъазе кколеб жо буго, загIипал ва унтарал лъималазде месед унти бахани, гьеб цIакъго захIмалъула хIехьезеги», — ян бицана Муслимат ХIасановалъ.
СахлъицIуниялъул министерствоялъул хIалтIухъаналъ лъазабуна, захIматал унтабаздаса цIуниялъул «АКДС» прививка гьабичIел лъималазде хIалцен ва щокърол унти бахани, цIакъго захIмалъизе ва лъимер хвезецин бегьулин.
Прививкабаз гьабизе бегьулеб заралалъул хIакъалъулъ цIехедал, Муслимат ХIасановалъ абуна гIадатияб аспириналъцин зарал гьабизе бегьулин. Амма прививка гьабичIолъиялъ лъимаде месед бахани, унтуца гьабулеб зарал цIакъго кIудияб букIунин, прививка гьабун хадуб ккезе бегьулеб
захIмалъиялдаса. Прививкаби раккилалдего меседалъ унтарал гIадамал беццлъулаан, гIинкълъулаан.
Исламияб медицинаялъул специалист МухIамад ГIабдурахIмановас бицана инсанасул сахлъи цIуниялъе гьабулеб дару исламалъ гьукъулареблъиялъул.
«ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Нужедаго лъалеб батичIони, лъалезда цIехе», — ян («ал-Анбияъ» сурат, 7 аят). Гьаб суалалъулъги лъалеллъун ккола медицинаялъул хIалтIухъаби. Имам Нававиясги гьедин гьабулаан, гьесухъе медицинаялъул рахъалъ щиб бугониги цIехон гIадамал рачIиндал. Тохтурзабаз, гIадамал унтиялъе хIинкъи бугин абулеб бугони, гьезухъ гIенеккизе ккола. Гьединлъидал диналъ гьукъуларо инсанасул сахлъиялъе гIоло гьабулеб тадбир. Щайгурелъул сахгьари суннат буго. Жиндирго сахлъиялъул тIалаб гьабулаан свалат-салам лъеяв аварагасги ва цогидаздаги абулаан сахлъи цIунейин.
Исламалъ гьукъараб буго гъорлъ нажас бугеб жо хIалтIизабизе. Амма байбихьуда жиндир букIараб формаги хисараб, жиндаса цогидаб жо лъугьинабураб дару яги прививка хIалтIизабизе гьукъараб гьечIо. Гьелъ инсанасул сахлъи цIунизе квербакъулеб бугелъул. Исламалда прививкабазги дарабазго гIадинаб бакI ккола», — ян бицана МухIамад ГIабдурахIмановас.
ПатIимат СултIанмухIамадова