ГIакъилаб рагIи

БерцIодор

 

Гьеб къоялъ Къебедидаги ГIайшатидаги бищун къокъаб моцI щибали цIехон букIарабани, гьез ургъичIого жаваб кьезе букIана гьаз ригьин гьабураб моцI бугилан. «ГьацIул моцI» байбихьун ункъо моцIидасан гурони, гьелъие цIияб, ай чIухIдае ретIунеб гурде къваригIинчIо. Гьей Къебедгун цадахъ, гIагараб техникумалъул студентаз ва преподавательзабаз данде гIарацги рехун, жиндие босараб крепдешин ххамил къотIелги къвалакь ккун, общежитиялда кьураб рокъоса къватIие яхъана. Гьал унел рукIана руччабазул вукъарухъан Гьерелмуртихъе.
Гьеб къоялъ Къебедида ракIчIун лъалаан жиндир лъади дунялалда бищун берцинай гIадан йикIин, ГIайшатилги щибго щаклъи букIинчIо жиндир рос бищун гIакъилав ва сахаватав чи вукIиналда.
Гьел Гьерелмуртил кIалтIе щвана ва, гIемер ургъичIого, нуцIил цIумуралда тIад килищ цуна.
— Гьаа! – ян ахIун жаваб гьабуна, гьезие нуцIа рагьулаго, вукъарухъанас. – Гьале ахир-къадги нуж рачIана. Вукъарухъан вугоан, гIакълуялдасаги арав, жиндирго музыкаялъ гIинкъги гьавураб заманалъ машгьурав композитор Людвиг ван Бетховенил художниказ бахъараб цIакъго херлъараб сураталда релълъарав чи.
— Дуда бихьулищ, Римма? – ян кIалъалев вукIана Гьерелмурт лъидаялиго, рокъове жанивехунги валагьун. – Дуда лъазе бокьун батани, гьал руго клиентал! Кин букIаниги, рачIана гьал! Мун гурищ йикIарай ункъо соналъ цебе дица мадам ГIалиевалъе гурде букъаралдаса, бетIер бугев чи тIокIалъ дихъе вачIунарилан!
— Ниж духъе гурде букъизе рачIун руго,- ян байбихьана Къебедица. – Нижеда абуна…
— РагIанищ, Римма?! – ян гIолохъанчиясул рагIаби гьоркьор къотIизаруна Гьерелмуртица. – Гьаз абулеб буго гурде букъизейилан – гьелъул иш тIубалев чи дун гурищ кколев. Аллагьасе рецц! ЛъугIун гьечIо ракьал-
даса саламатал гIадамал. Дунни вукIана киназулго бетIер сверун батилин. БатIияб жо рагIуларо «Карден!», «Диор!», «Легерфельд!»… Щив кколев гьев Легерфельд, дица нужеда гьикъулеб буго? – ян абула ццинбахъарав гIадин лъугьун Къебедида тIаде къана вукъарухъан. – КIудияб иш — гьес ингилисазул къиралалъе букъулеб рагIула! ДагIба гьечIо, дурго гIолохъанай лъади гьабсагIат ингилисазул херай къирал гIадин йихьизе бокьани, мунги ине бегьула Легерфельдихъе!
— Нужерго талихI буго гьеб! – гьанже Къебед гIодовевиччазавизе гIадин кIалъана вукъарухъан. – Щайин абуни Легерфельдица гIадин кинаялиго ингилисазул къирал гурей, унго-унголъунги къирал гьаюн бажарула дихъа дур лъади. Унго-унгоги берцинай бикаха гьебмехалъги! Гьанже хIалтIуде лъугьинин… Амма байбихьуда ахирисеб суал: нужеда лъалищ щибжо кколеб гурде? РуцIцIа! Жаваб кьечIогоцин лъикIаб букIина. ГьабсагIат нужеца абула: руцIцI-руцIцIарал ххамил чIалал, вытачкаби, оборкаби… Гьадингоясеб жо! Гьеб жаваб данде ккезе бегьула Легерфельдие. Гурде – гьеб батIияб жо ккола. Гурде, гIолилав, гьеб бищунго цебе, чIужугIаданалъул «лъикIал гьечIел» бакIал рахчулеб, ва «лъикIал бакIал» рихьизе тIамулеб ххамил кесек ккола. Дуда дир пикру бичIчIанищ? Телин, чIужугIаданалъул берцинал бохдул руго. Гьебмехалъ нилъеца гьелъие букъула къокъаб гурде, ва гьелдалъун нилъ «бергьуна». Ялъуни, гьелъул сурарал бохдул ругони, амма каранзулъа берцинай йигони, нилъеца букъула халатаб гурде ва берцинаб логолъ балагьула «бергьенлъи». Гьединал ахир гьечIел балъголъаби руго рукъарухъанлъиялъул. Амма жакъасеб ахIвал-хIал босани, – вукъарухъан кIвар кьун валагьана ГIайшатихъ – дида ккола нилъеца кинабгIаги лага цебе рехиларин, лъикIаб букIина цIакъ…, горбодаса хIатIиде щвезегIан бахчараб гурде букъани!
— ТIубанго черх бахчарабищ? — ан мацI барав гIадинцин лъугьана Къебед. – Гьедин батани, кинаб логодаха нилъеца «бергьенлъи» босизе бугеб?
— Ххамил сураталда! – ян вохун ахIана вукъарухъанас – Гьеб нужеца бачIараб ххамида ругел гIурччинаб ахикь цIакъ берцинал багIарал хIанчIи рекъон ккелин тола дица! – Босун жиндирго вукъарухъанасул роценгун, гьев жигаралда лъугьана ГIайшатил лугбал рорцине ва жиндирго басрияб блокноталда хъвай-хъвагIаял гьаризе.
— ЧIая, чIая, — ян абуна Къебедица, — дида щибго бичIчIулеб гьечIо! Дуца рикIкIунеб буго гьаниб щибго цебе рехизе жого гьечIиниланищ? Мисалалъе, росани, бохдул… Щиб дуе гьаниб рекIее гIолареб жо? Гьел цIакъго тIереналищ ялъуни хIатталдаса ун риццаталищ ругел?
— Гьел суалазул магIна щиб? … – ан жаваб кьуна вукъарухъанас, гьабулеб хIалтIудаса берцин борхизабичIого. – Гьелъулъищ иш бугеб? Бохдул рукIине бегьула тIереналги риццаталги. БатIи-батIиял руччабазул батIи-батIиял рукIуна бохдул. Гьеб лъикIги буго. Амма квеш букIуна цо чIужуялъул батIи-батIиял бохдул ругеб мехалда…
— Щибилая, щибилая? – ян абун бичIчIуларого лъугьана Къебед.
— РачIа гьаниса нахъе рилълъине, – ян абун юссун ячIана ГIайшат росасдехун.
— ЧIая, чIая цо, — ян лъадиялдаги абун, цIидасан вукъарухъанасде тIаделъана Къебед. – ХIурматияв, дуца абулел рагIабазул магIна щиб? Кин гьел батIи-батIиял рукIине рес бугел?! Кир гьел ругел?!
— Мунго лъикI валагье, — ян жаваб гьабуна вукъарухъанас. – ВахI, дуда бихьулеб гьечIищ, дур гьайбатай лъадул кваранаб бох квегIалдаса гIезегIан жаниб цIураб букIин. Гьеб… ччорбахараб буго.
— Ва, букIунги буго, — ян лъикI валагьана Къебед. – Гьалъул магIна щиб, ГIайшат? Щай дуца гьеб дида бицинчIеб?
— Щибин гьеб бицинеб? – иланги абун, багIа-бакарлъун лъугьана гьей. – Дун, школалда цIалулеб мехалъ, эхеде кIанцIулаан. Спорталъул рахъалъ класс цебеккезабулебин йикIанаха. Кваранаб бохалде кколаан аслияб къагIидаялъ хIал.
— Гьелеха, – ян абун, жиндирго рагIи бергьиналдаса чIухIун гIадин кIалъана вукъарухъан. — Дица абичIищ! КвегIаб гьелъул, гIадамасулалда релълъараб, букIине кколеб куцалда дурусаб буго. Кваранаб –хIалщвараб букIин бихьулеб гьечIищ. Гьеб гьедин тезе бегьуларо, гьеб гIунгутIи чара гьечIого бахчизе ккола!…
— Рази вуго, — ян абуна щиб бицинебали лъаларого хутIарав Къебедица. – Керен?
— Гьебги гIунгутIи ккола.
— Щибя – гьебгийищ? Щай? Дида гьелъул гIаксалда ккола гьениб бажарилин … дуца абухъе «бергьенлъи» босизе… Дида кинго бичIчIуларо, щай каранзул мухъги тIубан бахчизе кколебали?
— Балагьея, гIолилав, — ан гIодове виччан абуна Гьерелмуртица, — дир бакIалда вукъарухъан гурев, скульптор вукIаравали, гьес дуда абилаан, керен рагьилалде цебе гьеб гьениб «букIинабизе» ккелин. РакIалде ккола, нилъеда цебеги гьебго масъала бугин. Дур ракIбакъваге расги! Гьебги щиб суал – керен-бетIер! Дуда бичIчIа, инсанасул пикруялда щибго гьечIелъубги бокьараб жо бижизабун бажарула. Гурде карандаса махщалида буцIцIинабуни, тIабигIаталда кIочон тараб, нилъер гIадинаб цIанбитIараб бакIалдацин бокьарав бихьинчи ур-хъилеб «бечелъи» бижизабун бажарула.
Гьединалго нухал ратизе бегьула чорхол лугбазе гуребги гьурмадуеги. Дида кидаго квеш букIун букIуна бакъбаккул модельераз ургъизегIанищ паранжа тезе…
— Щиб гьалда паранжа ретIине кколин абулеб мехищ дур гьеб? – ан хIинкъун лъугьана Къебед
— Дица гьедин абичIогури.
— Къебед, — ан абуна ГIайшатица, – рачIа гьаниса нахъе рилълъине.
— Гьанже чIая цо! – гьоркьой къотIизаюна гьей росас. – Дида лъазе кколарищ, бичIчIизе кколарищ.. ГIенеккия.. э..э… кIочана дур цIарги… каранзул бицаралда дуца дун божизе гьавуна… Гьанже дидагоги бихьулеб буго… Нилъеца хIалбихьани чергеслъи бихьизабизе?
— Кин гьеб? – борхизабун ризаб кьенсергун, валагьана вукъарухъан. – Дуда щиб ракIалде ккараб, щиб бакI дуда цеберехизе пикру ккараб? — янги абун, вукъарухъан мухIканго гIолилалъул чергеслъи бихьизабизе кколел лугбузухъ валагьана
— Щай гьеб, бегьуларищ щиб гьабунги гьеб мухъ цеберехулеб куц гьабизе… Масала, кинаб бугониги вытачка лъезе…
— Бегьула, щай бегьулареб, — ан абун тIад рекъана вукъарухъан. – Амма дуца бихьизабе киб бугеб гьеб цеберехизабизе кколеб лагаяли. – ЛъикIаб букIинаан, гIантал гIакълаби кьун, дир бетIер сверизабичIого чIолевани мун. Дуде кколеб хIалтIи дуца гьабун буго. Дуца гьай лъадилъун ячун йиго. Гьелъ бицунеб буго дуца гьай дунялалда бищунго берцинай гIаданлъун рикIкIуней йикIин. Дир масъала буго гьелда жеги цо чанго чи божизави. Мунги, берцинай, «вилълъа, гьаниса нахъе вилълъаян» йикIинчIого, сабруялда чIани, лъикI букIинаан. Бокьун бугищ берцинайлъун йикIине – хIехье! Жакъа гьабулеб хIалтIи лъугIана, борцине рачIа ункъо къоялдасан.
Ункъо къоялдасан вукъарухъан Гьерелмуртида Къебедги ГIайшатги дандчIвана болъодухъ. Гьесул берал кенчIелел рукIана.
— Баркула нужеда, гIолилал! – ан ахIана гьес. – Дун кьижичIо лъабго сордоялъ. Лъалищ нужеда, сунде нилъеца тIадчIей гьабизе бугебали. Ххамил расен гуребги, буго гьениб «бергьенлъи» босизе кIолеб цоги бакI. У, дица бицунеб буго бохдузул! Киналго бохдузда гуро. Кваранаб нилъер хIалккараб бугониги, квегIаб – гIадамасул гIадаб бугелъул. Гьединлъидал гьеб рахъалъан гурдеялда къотIел гьабизе бегьула нилъеца мачIчIудул бакьулъа бахъараб чIабаралде щвезегIан. БичIчIулеб бугищ нужеда?
Гьанже цебечIезабе гьадинаб сурат: бакъул къо, мун лъадигун цадахъ къотIносан унев. Гьелда тIад цIияб гурде, зама-заманалдасан гурде рагьун, цебе бачIунеб квегIаб бох. Киналго рази руго! Сверухъ ругезда бихьулеб буго дур лъадул берцинаб квегIаб бох, мунги рази вуго – гIадамазда бихьулеб гьечIо гьелъул кваранаб бох. Гьеле талихI!
— Батизеги бегьула, – ян загIипаб разилъи загьир гьабуна Къебедица.
— РагIулищ, Римма! – ян ахIана вукъарухъанас рокъобе жанибехун. – Гьав жеги сантIарилев вуго…
Чанго къоялдасан ГIайшат жийго ячIана гурде босизе. Цеве гIадин гьалда цадахъ Къебед вукIинчIо.
— Кивха вугев дур хIурматияв рос? – ан гьикъана Гьерелмуртица.
— Ниж ратIалъана, – ян щакърахана ГIайшат. – Къебедида лъалеб букIун гьечIо дир гьалгощинал гIунгутIаби рукIин.
— ВахI, балагьеха бихьизе! … – ян абуна вукъарухъанас, гьей жаниехун ахIулаго. Гьеб жеги лъикI, — ян абуна вукъарухъанас, гьелда тIад ретIараб цIакъ рекъараб гордеги битIа-бишизабулаго. – БитIараб бицани, дур гьев вукIарав рос дие вихьаравго рекIее гIечIо. Нижеда, руччабазул рукъарухъабазда, гьединаб жо бер речIчIарабго батIабахъизе лъала. Балагье, унго, гIунгутIабийила. Дуе жеги анцIила микьгоцин сон батиларо. Цо-кIиго соналъ эхеде кIанцIуге, кIиябго бох цоцада релълъарал лъугьуна. Керен-бетIер, гьеб щиб суал. Мун дида божа, цо заманалдасан гьел гIунгутIаби ралагьизеян лъугьаниги, ратизе гьечIо дуда. БитIараб бицани, ниж бихьинал, руччабазул берцинлъиялдаса бер гIорцIуларого рукIуна. Рокьизе абуни нижее нуж рокьула батIиял гIиллабаздалъун … лъаларо сунду-хъали. Батизе бегьула нужер гIунгутIабазухъцин. Дир Риммалги гьел гIунгутIаби кигIанги гIемер руго. Гьелъ батизе бегьула гьей дие лъай-хъвай ккараб тIоцебесеб къоялъго гIадин йокьулейги, гьей дунялалда гьечIелдаса анцIгоялдаса цIикIкIун сон аниги.
— Кин.. дунялалдаса аниги? — ян гIажаиблъана ГIайшат. – Щивгун гаргадилевха мун вукIараб доб къоялъ?
— Гьейгунха. Щивгун дун кIалъалев жеги? Лъалищ, гьебха дие дуда абизе бокьун букIараб дур вукIарав росасул хIакъалъулъ. Бихьинчиясе чIужугIадан йокьулей йигони, гьейгун гьев ватIагьавизе кIолеб гIунгутIи букIунаро, хвалдацин кIоларо гьел ратIа гьаризе. Дун гIадав бетIер сверарав Гьерелмуртил хIакъалъулъ бицинего ккелищ… Ва, Римма, дица битIараб абулеб гьечIищ? РагIулищ, гIенеккун чIана, щибго жо абичIо данде. Гьелъул магIна ккола дица абулеб жоялда гьей рази йикIин.