12 октябралда кIодо гьабуна Гъуниб район гIуцIаралдаса 90 сон тIубай Жакъасеб Гъуниб районалъул ракьалда, 1741 соналда бекана бащдаб дунял квегъарав Надир-шагьасул бодул хIуби. Гьаниб бана имам Шамилица жиндирго ахирисеб сангар, 1859 соналда ахир лъуна 25 соналъ халатбахъараб Кавказалъулаб рагъуе. Гьанив гIуна Дагъистаналъул ункъабилев имам МухIамадхIажи, гьанив гьавуна Северияб Кавказалъул амир УзунхIажи. КIудияб ВатIанияб рагъде...

