ГIалимзабаз рикIкIунеб буго пластикалдаса инкар гьабизе кколин
Ахираб чанго соналда жаниб Германиялъул гIалимзабаз гьарурал цIех-рехаз бихьизабуна лъималазул чорхолъе пластикаялъул микрочастицаби кколел рукIин. Германиялъул Сверухълъи цIуниялъул федералияб министерствоялъул ва пачалихъияб институталъул специалистаз щуго соналда жаниб, гьоркьоса къотIичIого гьарулел рукIана, 17 сонил ригьалде рахинегIан лъималазул кIващул анализал. Халгьабулеб букIана кинаб къадаралда гьелда гъорлъ пластик батулебали. 97 проценталъул кIващулъ ратана 11 батIияб тайпаялъул пластмассаялъул лъалкIал (микрочастицаби). Лъималазул чорхолъе гьеб химиялъул гIаламатал расанкIабаздасан яги шушбузухъа гьекъолеб лъедасан ккун бугин чIезабуна немцазул гIалимзабаз. Гьединго гьез абулеб буго анализазулъ рак унти лъугьинабулеб химикияб кислотаялъул (ПФОК) хутIелал ратулел ругиланги. Гьез лъикIаблъун рикIкIунеб буго пластикияб къайиялдаса тIубанго инкар гьабизе кколин абун. Амма кинха гьелдаса цIунилел, сверухълъиго гьелъ цIун бугеб мехалда?
Щай Россиялъе чияр рищни?
Таможняялъул статистикиял баяназда рекъон, 2019 соналда Россиялъ къватIиса пачалихъалдаса босулеб пластикалъул рищни-къулалъул къадар цIикIкIана. Бищунго цIикIкIун рищни-къул Россиялде бачIуна Турциялдаса ва Белоруссиялдаса. Нилъер улкаялъе кинабниги 18 улкаялъ жидерго рищни-къул бичулеб буго – гьезда гьоркьоб буго СШАги Украинаги. Щайха Россиялъе чияр рищни, хасго гIасрабаз турулареб пластик?
Россиялъ къватIисел пачалихъаздаса босула рищни гуреб, хIалтIизабун гIодобе рехараб пластик яги цогидаб къайи гьабизе бегьулеб магъакь. Россиялъул заводазде къватIисел пачалихъаздаса пластикаялъул шушби рачIуна дандеги къазарун ва гьелъул цIидасан цогидаб алатги гьабула.
Таможенниялъул статискиял баяназда рекъон, 2018 соналда къватIисел пачалихъаздаса босун буго 20,3 миллион долларалде пластикиял хутIелал. 2017 соналда дандеккун 32 проценталъ цIикIкIун буго гьеб.
2019 соналде щвезегIан Россиялдаго букIана ихтияр гьечIого гьабураб 11000 рощнол гохI. Щибаб соналда Россиялда хIалтIизабула ва гIодобе рехула пластикалъул шушбузул ва цогидабги полимералъулаб рощнол лъабго миллион тонна, амма гьеб къанагIат гурони батIа гьабуларо. БатIа ва цогидаб магъкьидаса бацIцIад гьабула гIицIго 10-15 процент рощнол. ХутIараб загьруяб полимералъул цIураб рищни цебе ккаралъубе бан тола. Щайха нилъерго улкаги рощнолъ тIерхьизе тун, заводазда хIалтIизабизе къватIисел пачалихъаздаса рищни-къул босулеб? Россиялъул рищни цогидаб къайиялде буссинабулел заводаздаян абуни, рощнол сурсат гIолеб гьечIо, гьединлъидал къватIисел пачалихъаздаса рощноде буссараб пластикаги босулеб буго. Нилъерго рищни-къул батIа гьабун бакIаризе кIвахIаллъиялъ яги кIвар гьечIолъиялъ къватIисел пачалихъаздаса гIарцухъ бичун босулеб буго рищни. Швейцариялда, Япониялда ва Канадаялда жидерго заводазда биун цогидаб къайи гьабизе пластикияб рощнол 90 процент хIалтIизабула. Россиялда гьединаб даражаялде рахине цо нусго соналдасаниги кIвезе батила.
Реформаялъул хIасил
2019 соналда Россиялда рищни бакIариялъул ва гьелъухъ гIарац кьеялъул къагIидаби хисаралдаса байбихьана ихтияр гьечIого гьарурал рощнол гохIал дагьлъизариялде кIвар кьезе. «Рощнол реформаялда» рекъон, гIадамаз рищни батIа гьабун базе кколаан къалазухъе. Улкаялъул цогидал регионазда кинаб къагIидаялъ гьеб батIа гьабулебали лъаларо, Дагъистаналда щибаб къолода тIад игIланал чIваниги рищни батIа гьабун бажаричIо. Лъидаха гIайиб бугеб? ГIадамазул кIвахIаллъийищ гьеб? Гуро, гIадатиял гIадамазда бихьулеб буго гьез батIа гьабуниги, гьабичIого таниги, киналго къалазухъ бугеб рищни цого машинаялде тIадеги бан баччун унеблъи.
ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ «Лидер» УК регионалияб операторгун цадахъ МахIачхъалаялда рагьана кIиго «Экопункт». Гьел пунктазде бичун босула кIиабилеб нухалда жиндаса цогидаб къайи гьабизе бегьулеб, гIадамаз гIодобе балеб пластик, цIер, кагъат. Кагътил килограммалъухъ кьолеб буго кIиго гъурущ, пластикалъул килоялъухъ – микьго гъурущ, цIорохъ – кIиго гъурущ. Гьединаб рищни-къул бичизе бегьула МахIачхъалаялъул Шамилил къватIалъул, № 34 минаялда ва Абубакаровасул къватIалъул № 98 минаялда рагьарал «Экопунктазда». МахIачхъалаялда гьединаб чанго пункт рагьизе бугин абулеб буго ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ.
Рищни-къул бичун босулел бакIал
ТIоцебесеб октябралда МахIачхъалаялда, редукторазул поселокалда тIобитIана нилъеда сверухъ бугеб тIабигIат цIуниялъул мурадалда, кIиабизе хIалтIизабизе бегьулеб сурсат бичун босулеб, «БукIинесеб цадахъ рекъон цIунизин» абураб акция. ГIурус учительницаялъе бараб памятникалда аскIоб ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ ва «Лидер» УКялъ гIуцIараб акциялда гIахьаллъана МахIачхъалаялъул медицинаялъул колледжалдаса волонтерал, гьенир аскIор ругел школазул цIалдохъаби ва журналистал. ЦIалдохъабаз ричизе цадахъ росун рачIана басриял тIахьал, журналал, кагъат. Акциялъул аслияб мурадлъун букIана нилъеда сверухъ бугеб тIабигIат, шагьаралда рацIцIалъи цIуни.
«Экопункт» проекталъул координатор МухIамад МухIамадовас бицана акция тIобитIулеб бугин тахшагьаралъул гIадамазда кIиабизе хIалтIизабизе бегьулеб басрияб къайи къабул гьабулел бакIал МахIачхъалаялдаги рукIин лъазабизелъун.
«Республикаялда «Экопунктал» рагьулел руго рацIцIалъи цIуниялъул мурадалда. ГIагараб заманалда МахIачхъалаялда жеги гьединабго анлъго бакI рагьизе ракIалда буго. Нижеца бичун босула кагъат, пластик ва цIер. ДРялъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Карачаевас нижеда тIадкъан буго Каспийск, Буйнакск ва Гъизилюрт шагьараздаги экопунктал рагьизе. Хадубккун цогидал шагьараздагун районаздаги хIалтIизабизе рес буго гьеб къагIида. Нижеца бичун босараб ва данде бакIарараб пластик щвезабула Дербенталъул предпринимателазухъе, цIер битIула Дагъистаналъул Огни шагьаралде — цIер гьабулеб заводалде. Нижеца битIараб цIер гьениб биинабула ва гьелъул цогидаб къайи гьабула. Кагъатги чурун бацIцIад гьабула, хадуб бакъвазеги гьабун гьеб хIалтIизабулел бакIазде бичула», — ян бицана МухIамад МухIамадовас.
«БукIинесеб цадахъ рекъон цIунизин» абураб акциялда бицунеб букIана нилъеца хIалтIизабун хадуса гIодобе рехулеб рищни-къул нус-нус соназдасан гурони туризе гьечIолъи.
ЧчугIбуздасаги гIемерал шушби
Дунялалъулго океаналде яги цогидал лъим бугел бакIазде лъагIалида жаниб балеб буго пластикаялъул рощнол микьго миллион тонна. ООНалъул хIисабалда рекъон, 2050 соналда океаназулъ ва ралъдалъ ччугIидаса гIемер пластикаялъул рищни букIине буго.
Бищунго гIемер пластикияб рищни ралъдалъе балеллъун ккола Азиялъул югалъулгун бакъбаккул рахъалда ругел улкаби. Дунялалъулго океаналъул тIинда ва дунялалдаго бищунго гъваридаб Мариинская гвендккелалъул тIинугицин цIун буго пластикалъул рищни-къулалъ. ЧIахIияб пластик турун яги синтетикияб ретIел чурулаго лъугьунеб, цо-цо ретIел чурулел порошоказулъ ва цаби чурулеб жоялъулъ букIунеб микропластик батун буго бищунго рорхатал мугIрузул тIогьибцин. Гьеб гьенибе альпинистаз гуро баччараб, гьороца хъамун бачIун буго. Микропластик батула нилъеца гьекъолеб лъелъ, хIатта шушбузухъе тIун бичулеб лъелъцин.
Пластик чанго гIасруялдасан гурони туруларин чIезабун буго гIалимзабаз. Жакъа къоялда нилъеца къватIибе рехулеб пластикалъул рищни-къул нилъер лъималазул лъимал херлъараб къоялъгицин кибегIаги тIагIине гьечIо ракьалдаса, гьеб нилъецаго дагь гьабуни гурони.
ПатIимат СултIанмухIамадова