Гьал къоязда кIодо гьабуна Шамил район гIуцIаралдаса 90 сон тIубай Байрамалде цудунго хIадурун букIана щибаб росдал жамагIат. ТIоритIана субботникал, данделъаби ва бищунго цIикIкIун къачIана ХIебда росулъ бугеб хIухьбахъиялъул парк. Байрамалъул къоялъин абуни гьениб мухъккун тIиритIун рукIана щибаб росдал майданал. Щибаб майданалда букIана пихъалгун овощалги, гьанал ва рахьдал батIи-батIиял нигIматалги, жакъа къанагIалъун ругел гьохъил, цIоросаролъул,...

