Эпидемия тIибитIиялде данде хIалтIи гьабулеб буго
14 октябралда больницаялда регизаруна сибиралъул язва унтиялда щаклъи бугел лъабгоял. Гьезда гьоркьоса кIигоязул гьеб унти букIин чIезабуна, лъабабилесул хIакъалъулъ жеги мухIканлъи лъалеб гьечIо. Унтарал ккола ЦIияб Лак районалъул ЦIияб Кули росулъа. Гьезде унти бахун буго жидецаго хьихьун букIараб хъураб хIайваналдаса. Микьабилеб октябралда оц хъолелъул, гьелъул хважаинги, гьесие кумек гьабулел рукIарал кIигоялги республикаялъул ЦГБялъул рахунел унтабазул отделениялде ккана. Республикаялда тохлъукьего баккараб унти тIибитIиларедухъ хIажатал тадбирал тIоритIулел ругин бицана специалистаз ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда.
ДРялъул бетIерасул
бербалагьиялда гъоркь
Гьеб унтуде данде гьабулеб бугеб хIалтIул бицана сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралей Раиса Шахсиновалъ ва ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулесул ишал тIуралей Лариса Пантиналъ.
Роспотребнадзоралъул бихьизабиялда рекъон, Сибиралъул язва унтиялдаса цIуниялъе санитариял хIалтIаби гьарулел руго щивав чиясул азбаралда, хлоркагун билъараб гач речIчIизабулеб буго хIайван хъураб ва гьелъул гьан букIарал бакIазде.
Унтараб хIайваналъул гьан гIицIго хважаинзабаз гуребги цогидал гIадамазги хIалтIизабун бугин бицана данделъиялда. Хважаинас гьан бикьун буго мадугьалзабазда гьоркьобги, Каспийскалда гIумру гьабун бугеб цо хъизамалъеги, гьединго Хасавюрталде бичизеги битIун букIун буго. Каспийскалда гьеб гьан хIалтIизабурал рос-лъадул кверазде тIадерахъин бан бугин абулеб буго. Сибиралъул язва бахун букIин лъазе ккани, микьгогIаги къо хIажалъулин, гьеб мехалда гурони гьеб мухIканго лъазабун бажаруларин бицана СахлъицIуниялъул министерствоялда.
ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, сибиралъул язва унти бахаразе гьабулеб буго хIажатаб дару, гьезул гIумруялъеги гьечIо кинабгIаги хIинкъи.
Кин лъугьунеб сибиралъул язва?
Гьеб унти бахине бегьула хIайваналдаса, гьелъул гьанада гIадамас хъарсараб яги лъукъараб квер хъвани. Аслияб къагIидаялда инсанасде гьеб унти бахуна чIегIербоцIудаса, чуяздаса, болъоназдаса. Унти бахуна сибиралъул язва бугеб боцIи хъолелъул, гьан батIа гьабулелъул, унтараб хIайваналъул гьан квани, тIомол гьабураб къайиялдасагицин.
Сибиралъул язваялъул бактериял хIинкъуларо цIикIкIараб температураялдасацин, гьел гIемерал соназ цIунун хутIула мегIер-гIалахалдаги боцIи кваналеб бакIалдаги.
— Унти цIунун хутIизе рес буго ракьулъги, гьеб бахине рес буго лъедасанги гьаваялдасанги.
Хвезе рес бугищ?
ГIадамаздаса цоцаде гьеб бахунаро. Сибиралъул язваялъ инсанасул чорхолъе ккун хадуб къватIибе кьола гьеб баккараб бакI гьорозабулеб кутакаб загьру. ГIадамасул тIомода гьелъул гIаламаталлъун ккола: гIисинал ругънал (язва) лъугьин, лимфоузлаби гьорой, цIа-кан бахин. Бакьазда гьеб унти лъугьунеб къагIида релълъараб букIуна кваница чехь-бакь биххизабиялда лагIдеялда (отравление). Гьуърул унтулеб къагIидаялъул сибиралъул язва — пневмониялде буссунеб квачалъул унтуда релълъараб букIуна.
Сибиралъул язва унти сах гьабула антибиотиказдалъун. Гьелъ унтаразда гьоркьор 99 процент батула тIомол унти, хутIараб цо процент ккола гьуърузулаб ва бакьазулаб къагIидаялъул унти. Сибиралъул язва унтудаса холезул къадар цо процент буго.
Роспотребнадзоралъул
малъа-хъваял
ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъ лъазабулеб буго, сибиралъул язва унти гIадамазда гьоркьоб тIибитIиларедухъ кIвар кьезе кколин инфекциялдаса цIуниялъул гьал хадур рехсарал къагIидабазде.
— Ветеринариял документал гьечIеб боцIи босизе бегьуларо. БоцIи цогидаб бакIалде баччизе яги бачине бегьуларо республикаялъул ветеринарияб хъулухъалъулгун дандбан гурони.
— Хьихьун бугеб кинабниги боцIул хъвай-хъвагIай гьабун букIине ккола ветеринарияб пачалихъияб идараялда.
— БоцIул хважаинзабаз жидерго хIайванал унтабаздаса цIуниялъе ветеринариял тадбирал тIоритIизе ккола.
— Ветеринараз халгьабун хадуб гурони боцIи хъвезе бегьуларо.
— Унтараб, хвезехъин бугеб боцIи хъвеялъулъ яги гьеб ракьулъ букъиялъулъ гIахьаллъизе бегьуларо.
— ХIайваналъул гьан яги цогидаб нигIмат гьелъие рихьизарурал хасал бакIаздаса гурони босизе бегьуларо. Бичун босулеб щибаб нигIматалъул ветеринарияб документ букIине ккола.
— ХIайван унтани ветеринарияб хъулухъалда лъазабизе ккола.
— Сибиралъул язва унтиялъул гIаламат тIатарав чи тохтурасухъе гIедегIизе ккола.
— Сибиралъул язва бахине рес бугел бакIазда хIалтIулел гIадамазе, ай зооветеринариял хIалтIухъабазе, ветеринариял тохтурзабазе, боцIи хъвеялъулъ, гьелъул гьангун яги тIомгун хIалтIи гьабулел гIадамазе, унтараб хIайваналъул материалалъул халгьабулел лабораториязул хIалтIухъабазе сибиралъул язваялдаса цIуниялъе иммунизация гьабизе ккола.
— Сибиралъул язва унтиялъул хIакъалъулъ суалал ругев чияс ахIизе бегьула Дагъистаналъул Роспотребнадзоралъул телефоналъул гьаб номералде: (8722) 69-19-52.
ХIадур гьабуна
ПатIимат СултIанмухIамадовалъ.