Хараби гурелги унтула

Бидул тIадецуялъул халгьабизе ккола ригьалъухъ балагьичIого

 

«Давление бугин» абуларев чи къанагIатги ватиларо жакъа. ХIатта гIолохъабицин рукIуна бидул тIадецуялъ рахIатги хвезабун. ЧIахIияб ригьалъул гIадамазин абуни гIемер абула гIолохъанаб заманалда давление щибжоялицин жидеда лъалеб букIинчIин абун. Гьезде гIайиб гIунтIизабула гIолохъабаз гьерсал рицунел ругинги абун. Бидул тIадецуй (АД) борциналъул къагIидаби медицинаялда хIалтIизаризе байбихьаралдаса нахъе, тонометралдаса пайда босулаан 50 яги цIикIкIун сонал рарал гIадамаз. Ахирал соназдайин абуни, тохтурзабаз бицунеб буго 20 сон баразда гьоркьобги гипертония гIемер дандчIвалин.

Щибха гьелъие гIилла? Унтиго гьечIев чияс бидул тIадецуялъул халгьабизе кколищ? Давление бахиналъе гIиллаби кинал рукIунел? Бидул тIадецуялъул кинал хасиятал ругел? Гьел ва цогидалги суалазе гIалимзабазгун тохтурзабаз кьурал баянал рехсела гьаб макъалаялда.
ГIолилал унтун ратула цебе чIахIияб ригьалъул гIадамазе хасиятал унтабазги. ГIумру гьабиялъул къагIидаги цебе гIадинаб гьечIелъул, гьебги рикIкIуна гIиллалъун. Цебе гIадаб рагъа-рачари гьечIо. Цебе дагь-дагьккун гурони гIадамазухъе щолеб букIинчIеб информация гьанже хехго ва гIемераб къадаралда щолеб буго. Цере школазда тIоцебесеб классалда тIоцебесеб хIарп малъулеб букIун батани, жакъа гIемерисел лъималазда лъабго-ункъо сон баралдасаго лъалеб буго алипги, рагIаби дандразеги, гьеб гуреб цогидабги. ХIасил, гIемераб информация бакIарулеб буго лъимадул ботIролъе. Гьелдаго рекъон, медицинаги нахъа хутIулеб гьечIо, къойидаса къойиде цIилъулел руго инсанасул сахлъиялъул халгьабулел къагIидабиги медицинаялъул алаталги. Цебе гIолилазда гьоркьор тIатунел рукIинчIел унтабиги хехго тIатинарун бажарулеб буго.

Бидул тIадецуй
цIикIкIиналъул гIаламатал

РекIел ва бидурихьазул низам хвеялда абула гипертонияйилан. Гьелдаса хIинкъи буго бидурихьазул жанисеб рахъалъе жагъаллъи ккеялда, гьединго гьенир лъугьине бегьула би эркенго хьвадизе квалквал гьабулел бляшкаби (кьаралъи). Би захIматго гурони хьвадулеб гьечIони, я гIадалнахалда, я ургьимесалда, я ракIалда кколеб къагIидаялда хIалтIун бажаруларо. Кин букIаниги, чIахIияб ригьалъул гипертониказде дандеккун гIолохъабазе гьелдаса сахлъизе бигьа букIуна.
Бидул тIадецуй цIикIкIиналъул гIаламаталлъун ккола: рахIатхвей, гIиллаго гьечIеб хIинкъи, гьоркьоса къотIичIого гъванща унти, гIинзу­ниб хъуй, лъикIго ракI кьаби, хIалуцин, хIухьел гIунгутIи, бетIерсвери, ракI багъари.
ГIолохъанал-хералин абун ба­тIалъи гьечIого киназулго рокъо­б бу­кIине кколин тонометрин ри­кIкIунеб буго тохтурзабаз. Гьебги босизе ккола битIун бихьизабулеб бугищали халги гьабун. Механикияб тонометралъ гьереси бицунаро, гьеб учузаб буго ва гье­лъие батарейка хIажалъуларо. Гьелъул гIунгутIабазул бицани: гьеб борцунев чиясул гIундул цIодорал рукIине ккола, гьеб хехго хола. Электронияб тонометралда цебеккун бидул тIадецуй борцун рукIарал баянал цIунун хутIула, амма аритмия бугев ва бидул кьаби загIипав чиясул давление мекъи бихьизабизе бегьула гьелъ.
ГIемер хIалуцунел, мехтулел жал гьекъолел, хIухьбахъи гьабизе лъаларел гIолилазул бидул тIадецуй хехго цIикIкIуна. ГIемерисезул гIадат буго бетIер унтулеб бугони унти къотIизабулеб къуватаб дару гьекъолеб. Гьедин бегьуларо. Гьединго, тохтурзабаз абулеб буго гипертониялдалъун холезул къадар дагьлъизе рес бугин, чияс цаби-гIусазда хадуб къойилго гьабулеб хъулухъ кинигин, тонометралдаса пайда босулеб бугони.

БукIине кколеб давление

Бидул тIадецуялъул халгьабуле­лъул, манометралда бихьизабулеб тIасияб ва гъоркьияб давления­лъул магIна щиб? Сахав чиясул кинаб давление букIине кколеб? ВОЗалъ бихьизабун буго, инсанасул бидул тIадецуй кинаб букIине кколебали ва гьеб цIикIкIун бугони кинал унтаби лъугьиналда хIинкъи бугебали. ТIасияб давлениялъ (систолическое) бихьизабула ракI данде къараб заманалъ бидул тIадецуй, гъоркьиялъин (диастолическое) абуни, ракI чучлъараб лахIзаталда бидул букIараб тIадецуй. Бидул тIадецуй цIикIкIанагIан хIин­къи буго рекIел ишемикияб, инсульт, инфаркт, ургьисалаби, гипертония унтаби лъугьиналда. Сахав чиясул кинаб давление букIине кколебали ва гьеб цIикIкIиналдалъун инсанасул сахлъиялъе кинаб хIинкъи бугебали бихьизабулеб таблицаялдаса пайда босула тохтурзабазгицин. Гьениб бихьизабун буго сахал гIадамазе киназего рекъараб тIасияб рахъалда — 120, гъоркьияб рахъалда – 80 букIунин; гIадатаб: тIасияб — 120-129, гъоркьияб 80-89; гIадатаб цIикIкIараб давление: тIасияб – 130-139, гъоркьияб – 85-89; тIоцебесеб даражаялъул АГ (артериалияб гипертония): тIасияб – 140-159, гъоркьияб 90-99; кIиабилеб даражаялъул АГ: тIасияб — 160-179, гъоркьияб – 100-109; лъабабилеб даражаялъул АГ: тIасияб – 180, гъоркьияб 110; ИСАГ (тIасияб гурони, гъоркьияб хисулареб давление): тIасияб – 140-ялдаса цIикIкIун, яги дагь, гъоркьияб 90.

10 гIилла

ГIолохъаналин, хералин батIалъи гьечIо гипертониялъе. Гьединлъидал кигIанги сахавин кколесги лъагIалида жаниб кIиго нухалда бидул тIадецуй борцине ккола. Бокьараб ригьалда бидул тIадецуй цIикIкIиналъе чанго гIилла рехсола тохтурзабаз.
1. Ирсалъе щвараб унти. Эбел-инсул гипертония бугев чиясулги гьединабго цIикIкIараб давление букIине рес буго. Гьединлъидал бидул тIадецуялда хадуб халкквезе лъикIаблъун рикIкIуна.
2. Ригь. Аслияб къагIидаялъ чIахIияб ригьалде рахиндал байбихьула гIемерисезул бидул тIадецуй цIикIкIине, щайгурелъул бидурихьал заман анагIан загIиплъизе бегьулелъул.
3. Жинс. ГIемерисеб мехалда 45-64 сон барал бихьиназе цIикIкIун зарал гьабула гипертониялъ. 65 сон баралдаса нахъе руччабазул рахIат хвезабула гьелъ.
4. Физическияб хIалтIи яги рагъа-рачари гьечIолъи. ХIалтIуца ва спорталъ гIадамазул чорхое ва бидул кьабиялъе лъикIаб асар гьабула. Гьелъул магIна кколаро анцI-анцI километралъ рекеризе яги захIматаб хIалтIи гьабизе кколин абураб. Щибаб къоялъ гIисинккун рекерулел яги цокIалго рилълъанхъулел ругони, яги хур-хералъул гIадатияб хIалтIи гьабулеб бугони, би лъикI хьвадула ва чорхоеги тIадагьлъи букIуна.
5. Кьаралъи. ГIадада гIодор­чIеялъ ва гIемер кванаялъ кьаралъула, хIасилалда ракI, унтула, инсульт ккезе рес буго.
6. Кваникълъи яги заралияб квен. ГIемераб гьуинлъи кванаялъ, пучч гъорлъ бугеб кваница бидурихьазул хIалтIи хвезабула.
7. Мехтизарулел жал. Гьоркьоса къотIичIого гьекъолдиялъ бидул тIадецуй цIикIкIинабула ва ракI кьаби хIалуцинабула.
8. Хъалиян бухIи. Гьеб лъикIаб гуреб хасияталъ ракI ва бидурихьал хехго басралъизарула, рес буго атеросклероз ва рекIел ишемикияб унти лъугьинеги. Цо нухалда цIараб хъалияналъ бащдаб сагIаталъ бидурихьал къварид гьарула. Заман анагIан гьелъ бидул тIадецуйги борхизабула ва ракIги хехго кьабизе байбихьула. Гьединабго хIинкъи буго хъалиян цIалезда аскIор рукIунезеги.
9. ХIухьел цIазе захIмалъи. МагIарзухъа гIемер кколел, пуланаб заманалъ магIарзухъан хIухьел цIаялъулъ квалквалал ругезулги бидурихьал къварилъизе рес буго, гьелдалъун бидул тIадецуйги цIикIкIуна.
10. ХIалуцин, нерваби хвей. РакIхвеялъ ва хIалуциналъ бидул тIадецуй цIикIкIинабула. ГIа­лим­забаз чIезабун буго цIикIкIун чакар кваналездасаги, гьекъолдулез­дасаги, хъалиян цIалездасаги, гIор­цIизегIан кьижуларездасаги цIи­­кIкIун унтулин стресс ккарал гIа­дамал.

ХIадур гьабуна
ПатIимат СултIанмухIамадовалъ.