Цониги батичIо бечIчIулеб хIелеко

ГьитIинав Драгомирица рагьулеб буго дунял

 

Нилъеда гьоркьор къанагIатги ратиларо мегIергун гIалахги, ралъадгун гIорги бокьуларел чагIи. Щибабкъойилаб хIалтIуда свакараб мехалда хIаракатги бахъула тIабигIаталде хIухьбахъи гьабизе ине. Цебе росу тун къватIире бихьинал унел рукIун ратани, гьанже руччабиги уна ва гьел щоларел бакIалги дунялалда къанагIатги ратиларо. Цебе даран-базаралъ къватIисел улкабазде унел рукIун ратани, жакъа гIемерисел уна берцинаб тIабигIат бихьизеги, тарихиял бакIазде щвезеги. ПалхIасил, дунялалда тIадго къойидаса къойиде цебетIолеб буго туризм. Гьелдаго цадахъ гIемерлъулел руго нилъер республикаялде рачIунел туристазул къадарги. Гьезие бищун рокьулел бакIаллъунги лъугьун руго Сулахъалъул къварилъиги, Сары-кум салул гохIги, бищун некIсияблъун рикIкIунеб Дербент шагьарги, Самуралъул лиановияб рохьги ва гIемерал цогидал бакIалги.

Гьал къояздайин абуни Дагъистаналде рачIарал туристал къабул гьаруна «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазги. Гьел ккола Кировалдаса рос-лъади ва гьезул вас, гьединго цо москваялъулавги. Кировалдаса хъизам щибаб соналъ щола батIи-батIиял бакIазде ва Инстаграмалда гьезул буго жидерго васасул «Драгомир открывает мир» абураб цIаралда гьумерги.
Гьалбал хириял дагъистанияз гьоболасул мурад кидаго тIубала, ва гьедин нижги къватIире рахъана АхIулгохIдеги, ЧIиркъатIеги, Сары-кумалдеги щвезе. МугIруздасан унеб нух киданиги бихьичIел гьалбал Буйнакскалде щвелалдего рукIана гIажаиблъи гьабун. Унго, цо берцинлъийилан абулеб букIана гьез гьоркьоса къотIичIого. ЧанцIулго гьеб нухдасан хьваданиги нижеда бихьичIебги бихьизабуна гьез. АхIулгохIде щолелъуб бараб музей-хъала рахан батидал, пашманлъана. ГьечIоан гьениб музеялъул хIалтIухъабазул телефоналъул номер хъвараб бакIцин. Бокьун букIана гьезухъе ахIизе, музей рагьулищ яги рагьуларищан гьикъизе. Амма заманалдасан тIаде щвана музеялъул хIалтIухъаби ва Жамиляца рехсарал тарихиял лъугьа-бахъиназ кIочонго тана гьел кватIиги, гIадада чIезе ккейги.
Гьенисан ана ЧIиркъатIа росдал музеялде. ЦIакъ лъикIаб гьоболлъи гьабуна музеялъул директор Ибрагьим Ибрагьимовасги хIал­тIухъабазги. Ибрагьимица бицана музеялда бугеб щибаб экспонаталъул хIакъалъулъ ва абуна гьалбадерие бокьани гьел «Этнодомалдеги» ине бегьулин. Гьенире ниж рачана ХIабизатица. Гьалбал къабул гьаризе хIадурго ятана ХIаби, ва, заман иналдего, нижеда цере лъуна панкъалги, хIанги, гьанги.
Павелиеги Наташаеги бокьана чанго сордо базе гьенирго чIезе. Гьезие бокьана ХIабица гIака бечIчIизе тIамиги, тIох хардаса бацIцIад гьабиги, пайдаял хурдул ракIаризе ине рукIинги.
«Этнодомалъул» хважаиналъ бицана гIемераб гIарац хванин гьаниб букIараб басриябго рукъ рукIалиде ккезабулаго. Исана гIезегIан туристалги рачIанила росулъе, гьел ра­зигоги хутIанила гьаниб бихьа-таралдаса.
Радиоялъул журналист Наташа Белкиналъ бицана анцIгоялдаса­ги цIикIкIун сон бугин жидер, гьитIинав васгун цадахъ тира-сверулел ругелдаса.
— Ниж щвана 25 улкаялде. Щвана Мексикаялде, Исландиялде, Кубаялде, Турциялде ва цогидалги улкабазде. Социалиял гьиназда бачуна «Драгомир открывает мир» абураб гьумерги. ТIоцере щвана Белоруссиялде, гьеб мехалда Драгомирица лъагIелцин бан букIинчIо. Гьелдаса хадур щвана Дагъистаналде, Азербайжаналде, Грузиялде, Испаниялде, Крымалде, Казахстаналде. КIиабилеб нухалдаги бокьана Дагъистаналде щвезе. Унго, гьаниб бугебщинаб берцинлъи: сухъмахъалги, мугIрулги, рохьалги, гIалахалги, ралъадги… Цо моцIниги гьаниб ба­чIого гIеларин ккола. Дагъистаналде унелъул, цо-цояз абулеб букIана гьениб рагъ рагIулин абун. Гьеб гьедин гьечIолъи бихьана къаси сордоялъ МахIачхъалаялда тирулагоги. Шагьаралда гIемер руго ресторанал, кафеял, квенги буго гьуинаб, гIемерго хира гьечIеб. Ниж гьанир ругьунлъана магIарулазул, тумазул, лъарагIазул хинкIал кваназеги. ЧIиркъатIаса ХIабицаги абуна цIурачадалги хинкIалги гьаризе малъилин, — ан бицана Наташаца.
Гьеб киналдасаго хадуб Павелица абуна жинда рагIун букIанин Дагъистаналъул росабалъ гIадамаз хIелкалцин речIчIулин абун. Амма цониги хIелеко бечIчIулев чи жидеда вихьичIила.
— ХIелказул иш лъаларо, амма дагъистаниял ратана кутакалда разиял, гьалбадерил къимат гьабулел, къварилъи ккаразе кумекалъе рахъине кидаго хIадурал, — ан абун лъугIизабуна Наташаца хабар.
ХIелкал речIчIулареблъи бичIчIа­рал гьалбалги ЧIиркъатIаго тун, нижги МахIачхъалаялде тIадруссана.
ПатIимат Расулова