Новость на родном

ЧIикIаб росдал сипат-сурат цо-цо мехалда макьилъцин бихьула

  Нижер букIана кIиго росу: Басрияб ЧIикIаб ва ЦIияб ЧIикIаб. Басрияб ЧIикIаб букIана Сулахъ гIурул квегIаб рахъалда, ЦIияб ЧIикIаб — Сулахъ гIурул кваранаб рахъалда. ЧIикIасез гьелда абулаан Авлахъ росуйин. Нижер хъизамалъ гIумру гьабулеб букIана Басрияб ЧIикIаб. Дир эмен, ГIусманил ХIажи, вукIана кверда махщел бугев чи. Гьабулаан къебелъигун цIулал устарлъи, къачIалаан чIунтарал гьабал. Дир инсул умумулги...

Новость на родном

Лъималазда куркьби гъола

  ГIемерисел умумуз учительзабазде тIаде рехун тола жидерго лъималазул пагьму цIикIкIинабиялъул суал. Гьезда ракIалдеги ккола школалде иналде лъималгун хIалтIизе кколарин ва гьезда щибго жоги бичIчIуларин.   Умумузда ккола цого-цо цIалун бажарани ва лъикIал къиматал росани лъималазе гIунги тIокIаб бугин. Амма нилъеда бихьула гьабураб къоялдаса нахъе лъимер берцинабщиналде балагьулеб, хIеренаб гьаркьихъ гIенеккулеб ва кьер берцинал расанкIабигун...

Новость на родном

ГIумруялъ малъила…

    ГIажаибаб жо буго инсанасул гIумру. Цин гьулчун бачIуна, жиндирго карачелалгун, цинги гIодобцуна, жинцаго гьабуралда ракIги бухIун. Цо-цо нухалда гьелдаги кIочон толеб буго жиндиего лъикIлъи гьабурал гIадамал. Жиндир адабги гьабуларел, гIодобги лъун, жиндаго тIад расандулезе, талихIалъул къвачIаги баччун, дандего бекерун уна гьеб. Цо-цо нухалда гьелдаги рагIулеб гьечIо «ГIумру, бокьула мун дие!» — йилан ахIи...

Новость на родном

Швейцариялъул «Давос», Дагъистаналъул «Алмахъ»

Россиялъул ВВПялда (валовый внутренний продукт) гьоркьохъеб бизнесалъ ккола 18 процент, Турциялда — 40 процент   Россиялдаги Турциялдаги гьоркьор политикиялгун экономикиял ва туризмалъул бухьенал соналдаса соналде цIикIкIунел руго. Мадугьалихъ ва цебегоялдаса нахъе цоцада «рухьун» рукIиналъги гьел суалазулъ лъалеб бакI ккола Дагъистаналъ. ГьитIинаб бугониги, цо хасаб бутIа гьеб кIудияб ишалъулъ лъуна сентябрь моцIалда нилъер бизнесчагIазул кIудияб делегациялъ...

Новость на родном

ГIарац гьечIолъиялъ квералги «рухьун»

ЖамагIаталда мугъчIвай гьабиялъ цIикIкIана хIалтIул рахъин   Росу-жамагIат ккола цо кIудияб хъизам. Росдал бегавулги ккола гьеб хъизамалъул эмен гIадав чи. Гьединлъидал гьесде тIаде ккола хъизамалъул масъалаби тIуразариялъул ишги, «лъималазул» гIумру-яшав лъикIлъизабиги.Росдал бегавуллъун вукIаго жамагIаталъе щиб гьабун бажарараб, кинал суалаз жакъа рахIатхвезабун бугеб, кинал ругел церечIарал масъалаби? Гьел ва цогидал суалалги рорхун, нижеца гара-чIвари гьабуна Хасавюрт...

Новость на родном

МухIамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон тIубаялде

Парашюталъ кигIан гIемер кIанцIаниги, ругьунлъизе заман щун бугониги, рекIелъа хIинкъи тIагIунеб гьечIин абулаан Танкаевас   Меседил медалалда академия лъугIизабидал, МухIамад Танкаевасе рес щвана хъулухъ гьабизелъун аскаралъул бокьараб тайпа тIасабищизе. Гьесда абула гьаваялъулгун десанталъулал аскаразде айилан. Гьевин абуни киданиги самолеталдасан парашюталъ кIанцIун вукIинчIо, парашют бихьунцин букIинчIо… — ХIалтIи байбихьизе ккана парашют лъазабиялдаса, — ян бицунаан МухIамад...

Новость на родном

Дон Хуанил ракIалдещвеязулъ «лезгинал»

ГIажаибаб къисматалъул Испаниялъул офицерас щиб гьабулеб букIараб Кавказалда?   «Кавказалъул гIемерисел халкъалго гIадин, лезгинал, гьитIинаб къоялдасаго нахъе, ккола гьунар тIокIал кьвагьдохъаби». Гьедин абуна Кавказалъул халкъазул гIумруялъул хIакъалъулъ лъай бугев Испаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосица (1788-1864). (Нилъеда лъала, гIурусазги къватIисел улкабазул вакилзабазги «лезгиналин» абулаан Дагъистаналъул тIолалго мугIрузул халкъазда. – Ред.). Хуан Ван Галенил...

Новость на родном

Бищун захIматаб балагь

Гъира букIун гIолеб гьечIо, сурсатги къваригIунеб буго   «Наркотикал гьечIеб Россия» проекталъул автораз гьабураб цIех-рехалда рекъон, Hydra абураб даркнеталда щибаб къойил наркотикал ричула 13 600 чиясе. Даркнетин абула, хъвай-хъвагIай гьабулаго, хIакъикъияб цIарги цогидал баяналги цIехечIого, балъгояб дарам гьабизе кумек гьабулеб сайталда. Наркотикал ричулезул даркнеталда жанире раккулезул къадар бахуна 800 азарго чиясде. Гьеб ахIвал-хIалалъ рахIатхвезабураб РФялъул...

Новость на родном

Макьу гIечIони, гIузраби камуларо

ХХI гIасру – цIиял ресал, цIиял захIмалъаби   ГIалимзабаз, цебегоялдаса нахъе, гьоркьохъеб ригьалъул гIадамал микьго сагIаталъ кьижи лъикIаблъун рикIкIуна. Инсанасул сахлъиялъе кIвар бугеб жолъун ккола гIураб къадаралда кьижи. Макьу тIури сах гьабулев тохтур ккола сомнолог. Макьу щунгутIи гьеб унти гурин, батIи-батIиял унтаби сабаблъун лъугьунеб гIаламат бугин рикIкIуна специалистаз. Ахираб нусго соналда искусственнияб канлъи, гьединго компьютерал...

Новость на родном

ГIарада речIчIизе хIадурго руго

Рахьдал мацIал ва культура цIуниялъулъ миллияб прессаялъул кIвар   ТIадеялдаса тIаде хIалуцунеб буго Дагъистаналда рахьдал мацIал школазда малъиялъулги, гьел цIунизе ккеялъулги, щибаб миллаталъул ва­киласда жиндирго мацI лъазе тIадаб букIиналъулги хIакъалъулъ бицунеб масъала. Цо рахъалъ босани, гIажаиблъи гьабизе ккараб хIужа гьечIищ миллаталги мацIалги гIемерлъиялъ берцин гьабураб Дагъистаналда гьединаб суал баккиго. Гьеб суал бижизего кколароан нилъер гьаниб....