Ракьандаса рачI ккун букIана нижеца «Мой город», «Моя вода», «Моя чистая среда» абурал чанкIкIарал конкурсазулги, къецазулги, къойилго гьарулел гьал рекламабазулги.
Нижер букIине буго «Мой бюджетный магIишат» абураб эбелаб конкурс.
Гьелда гIахьаллъулезе букIине гьечIо кинабгIаги гIорхъичIвай – я ригьалъул рахъалъ, я лъаялъул рахъалъ, я криминалияб стажа-лъул рахъалъ.
Конкурсантаздаса тIалаб гьабулеб аслияб жо буго кигIан кIваниги гъваридго бюджеталда кIутIизе лъай-педералияб, республикаялъулаб, районалъулаб батIалъи гьечIого.
Лъимерлъиялдасаго цIогьодизе лъалев, ай мадугьаласул хоно, херав чиясул пенсия, рагъул ветеранасул орден-медаль бикъарав чи вугони, гьев автоматически финалалде ворчIула.
Цо къониги туснахъалда бахъарав зекасеги гIезегIан тIокIлъаби рукIине руго конкурсалда.
Конкурсалъул буго лъабго номинация:
1. ЦIогьор года союзного значения.
Ай тIолабго улкаялъул казнаялде кIвер бегьизе кIварав бахIарчи
2. Ришватчи года республиканского значения.
Ай республикаялда жаниб кьоле-толеб жоялъул жавабияв жуликI.
3. Универсал года районного значения.
Ай бикъа-хъамизеги, бикъаралъул саламатаб бутIа тIаде кьезеги лъалев, лъайги гьечIев, гIададаго институталги лъугIичIев, кинабго левый рахъ дурусав, деловой хIалихьат.
Бергьарал чагIи, басриял чиновниказул магIишат понцIорабго, цIан гьелги нахъе рахъун, гьезул бакIалде тIамизе руго.
Коррупциялде данде къеркьолел погонал багIараз пуланаб болжалалъе жанир лъеялдаса цIунизе кIолин гарантия кьезе нижеда кIоларо. Бокьараб мехалъ Сибиралде хъетизе рес буго щивасул.
АнкьцIул борце, цин къотIе!