МагIарулаз Гиннессил рачI ккун букIана…

Щивали лъаларев Гиннессил бицунел рукIуна цо-цо гIадамал.

Ал пакъирзабазда щибха лъалеб нилъер гьанив щивав бахьикъос рекордсмен вугеблъиги некIого гьез Гиннессил ракьандаса рачI ккун букIараблъиги.
Нужее хIужжаби, далилал, уйищ? Накку гIадин рачина.
Восилин Гъуниб районалдаса МухIамад ХIабибович. ГIажаибаб хIара, хIаракатав гIалимчи, гIемерал пикрабазул хан, хадур нилъ гъоларел идеябазул хважаин!
Жибго Китаялъцин пикру буссинабураб цо кванил чип ургъун рагIула гьев магIарул гIалимчияс дагьаб цебегIан. Гьеб жоялъ малъулеб рагIула чиясда кинаб квен кваназе лъикIабали ва щиб къагIидаялда къулчIизе кколебали. Гьединаб чип чияхъ лъихъниги гьечIила, ай дунялалдаго цо бугила.
ГIажаибав хIара вугелъулха МГУялъул парафессор МухIамад, гьес исана культура бокьулеб халкъги хIикмат гьабун буго.
МахIачхъалаялда бугеб жиндирго «Журавлик» абураб интеллектуалияб Империялъул рагьтIа гьес эхетизабун буго цо чанго метр борхалъи бугеб магIарулазул халкъияб музыкалияб алат – Пандур.
Нагагь кечI ахIизе гъира ккарав кочIохъанасул рес буго пандриде жанивеги лъугьун кечI ахIизе.
ПалхIасил, парафессор ХIаби-бовичасги магIарулазги Гиннессил рачI ккун букIана некIого.