Новость на родном

«Сариназул сиялъ» гьабураб асар

   5 февралалда МахIач­хъа­лаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб биб­­лиотекаялда данделъу­н ру­кIана, Дагъистаналъул хал­къияй шагIир Баху-Меседу Ра­­су­ловалъул проекталда ре­къон, къватIибе бачIараб «Са­ри­назул си» абураб, 15 авто­расул кучIдуздаса гIу­цIараб, тIехьалъул хIа­къа­лъулъ бицине. Тадбир нухда бачарав Ма­гIарул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас би­цана магIарул адабияталъулги тIехьалда лъурал кучIдузул авторазулги хIакъалъулъ. — Рохизе ккараб хIужа буго рахьдал...

Новость на родном

АнкьцIул борцун лъикI гурищ?

Гьаб ахираб лъабго анкьида жаниб дир остола­лъул рагIалда гIуна цIибахъараб анкьго тIехь.   Гьел киналгоги руго шигIрабазул. МагIарул мацIалда басмаялда бахъараб щибаб цIияб тIехь — гьеб буго миллаталъул бечелъи. РекIеде бачIанщинаб хъван къватIибе гьурщулеб заман буго гьаб. ТIахьал рахъиялда, гьезул даражаялда хадубги гьечIо щибго халкквей. Интернеталъул гIатIилъухъа рищарал кучIдуздаса гIуцIараб тIехьалъул дагьабго бицен гьабизин. «Сариназул...

Новость на родном

Редакторасул калам

Хиса-басиязул гьогьен   Ассаламу гIалайкум, гIагараб, бокьулеб, бокьараб заманалда нужее божараб гьудул-гьалмагълъун букIине хIадураб «ХIакъикъаталъул» къадруял цIалдолел!   МагIнаяб, гъваридаб, нужер ургъелазул гъамас ричIизе кIолеб, пикрабазул ханлъун, хиялазул нурлъун лъугьине рес бугеб миллияб казияталъул коллективалъул цIаралдаса цо гьитIинабго хитIаб гьабизе ракIалде ккана жакъа.Жиндир бечедаб тарихги цIарги бугеб, жиб гIуцIаралдаса гIасруялдасаги цIикIкIун заманги араб авар басмаялда...

Новость на родном

«Россиялъул церехъабазул» хIалбихьулеб заман

  ГьанжегIагар Минеральные Воды шагьаралда рагIалде бахъана «Лидеры России» конкурсалъул СКФОялда тIобитIулеб бутIа. Финалалде рорчIарал гIахьаллъи­зе руго улкаялъул киналго регионазда бергьаразул къецазда.   ПалхIасил, Минводыялде ра­чIа­рал «лидеразул» бищун кIу­ди­яб къокъа Ставрополь краялдаса букIана – 106 чи. Гьезда хадубго рехсолеб букIана Дагъистаналдаса къокъаги – 87 чи. Гьедин Ставрополь краялдаса финалалде ворчIана 14-яв, Дагъис­таналдаса — 7-яв, Кабардино-Балкариялдаса...

Новость на родном

Хасаб асар буго дир чуяздехун

5 февралалда «РИА-Дагъистаналъул» редакциялда тIобитIана ЧотIахъабазул федерациялъул вакилзабазул пресс-конференция. Республикаялда гьединаб федерацияги гIуцIана дагьаб цебегIан. Официалияб куцалъ, федерация хIисабалда, гьелъие аккредитация щвана гъоркьиса Таргъу ма­гIарда рукIарал чуял тIамиялъул къецаздаса ха­дуб. Гьелъул президент ккола бизнесмен Зубай Му­хIа­мадов. Умумузул заманалда чуязде букIараб хIажалъиги гьезул къиматги жакъасеб наслуялъе цIигьаби бугин жидер аслияб мурадилан бицана гьес. Федерациялъул исполнительнияй директор...

Новость на родном

Къисматалъул сухъмахъаздасан анищазул хурзабахъе

Миллияб библиотекаялда тIобитIана ГIабдулманап НурмухIа­мадовасул ва Игорь Рыбаковасул «Отец» (Эмен) абураб тIехьалъул презентация. Аби буго, лъимадуе тарбия кьезе кинаб къагIида инсуца тIаса би­щаниги, гьеб гьесда релълъараб гурого букIунарин абураб. ГI. Нур­мухIамадовасул хъизамалдаги гьедин ккана.    ГьитIинаб къоялдаса нахъего инсул гIамал-хасият ва гьабулеб иш мисаллъун лъугьана ХIабиб НурмухIамадовасе. Инсуца цере­лъун рукIарал масъалаби ва гьесул анищал гIумруялде...

Новость на родном

Лъалищ нужеда?

• Устрицаялъул берал гIадалнахалдасаги кIудиял рукIуна. • ЦIияб ручка кодобе щведал, гIадамазул 97 проценталъ жидерго цIар хъвала. • Руччабазде дандеккун бихьиназ жалго жидецаго чIва­ла лъабго нухалъ цIикIкIун. Амма руччабаз лъабго нухалъ цIикIкIун хIалбихьула жалго жидецаго чIвазе. • ЦIунцIра киданиги кьижуларо.• Кьижун ккезе ккани, гьоркьохъеб къагIидаялда гIа­дамасе анкьго минут гIола. • Хамелеоналъул мацI жиндасаго кIиго нухалъ...

Новость на родном

Нужее баяналъе

«РекIел ахIи» рубрикаялде ри­тIу­лел нужерго лъазабиял, суалал, гьикъизе бокьараб, лъа­зе хIажатаб, лъугьа-бахъараб, ккара-тараб, смс би­тIи­зе бегьула Вот­сапалъул гьаб номералде: 8 988 301 25 40. Гьединго Вотсапа­лъул кумекалдалъун нужер рес бу­го лъугьа-бахъара­лъул яги ккара-таралъул хъвалаго, ца­дахъго суратги битIизе гьебго номералде.Инсанасул напс хIакъир гьабулел, кьучI гьечIел СМСал газеталда рахъизе гьечIеблъиги кIочон тоге.

Новость на родном

Херехьдерие – мачIхъадерил лъим

Кидаго цо хIалалда гIадан ву­кIу­наро: бечедав мискинлъула, мискинав бечелъула, унтарав сахлъула, сахав хола, хIорал ракъвала, бакъвараб хIор лъел цIун батула. Гьединабго жо ккана исана Харахьи росдаеги, 14 км бачараб лъимги къотIун. Гьеб къварилъи бихьидал, мадугьалихъ бугеб ГIоротIа росдал гIолохъабаз кумек гьабуна нижее лъим чIезабизе. Гьединго районалдасаги щвана гьеб. Гьанже нижее бокьун буго лъим МочIохъан бахъизе....

Новость на родном

Лъарамухъалги ракъван, рокъобе лъимги бачун…

«Гьалагаб КъаралгIор АваргIурухъе, Инсухъе вас гIадин, гIедегIун буго…» Гьадинан раккула мугIрузда иццал, гьадинан лъугьуна магIарухъ лъарал. Гьел гIемерал журан лъугьуна гIорал. ГIорал чвахула ралъдалъе. Гьениб хинлъун, гьаваялде сверун, накIкIал лъугьун, рала цIадал… ЦIидасанги раккула иццалги лъаралги, лъугьуна гIоралги. Гьединаб буго тIабигIаталъул гIаламат, хIикмалъизе жо батуларо. Гьанже гIелмуялъ кинабго ма­лъула.ХIикмалъизе жо гьанже лъугьунеб буго магIарухъа гIорал...