Гьанже магIарухъе инсул рокъове щвараб мехалъги, гьадингоги гIемер ракIалде щола дида инсул гьеб мина балеб мехалда гьенив хIалтIулев вукIарав кIиго устар.
Цояв — ХIамзатил ГIали, ГIурухъ-СотIа росулъа цIар рагIарав къадал устар, сверухъ росабалъги районаздаги лъалев. Цогидав — гъалай биччан гIертIал, цIа-рагI къачIалев нижер Гьочоб росулъ вукIарав ТIелекьа МухIамад.
Сверухъ росабалъгицин тIокIалъ къачIазе цIа-рагI хутIун букIинчIеб къагIидаха, МухIамадги цо рагъи букIинесеб бакIалда гьитIинабго къед балев вукIана.
ГIалицайин абуни ганчIил кIамураби гьарулел рукIана.
МухIамад ГIалидаса къогогIаги соналъ гьитIинавги вукIана. ГIали — гIемераб гIумруги гIадамалги рихьарав, чанги батIияб бакIаздеги щварав чи вукIун ватилин ккола дида гьанже, гIодове виччан гьес рицунел рукIарал лъугьа-бахъинал ракIалде щведал.
ТIелекьа МухIамадица тIармида кечIги ахIулаан. Дица, гьитIинав чияс, дидаги малъе тIамур бачинейилан гьарараб мехалъ, гьес абуна жиндаги лъицаниги малъун букIинчIилан.
ГIалица гьел-дол, бергьарал, цIар рагIарал, къадал устарзабазул бицунеб мехалъ, МухIамадица гьел гIад-хочI гьарун, гьезул гIамалазул харбал рицунел рукIана. Гьелдаса гьезул кIудияб дагIбаги кколеб букIана.
Жиндаса цIакъав устар вукIине рес гьечIеб гIадаб букIунаан МухIамадил харбил бицен.
ГIалица цо-кIиго гамачIги кIармазда рекъезабун, чIалудаса гъоркьеги рещтIун, хъалиянги цIалаго МухIамадида абулеб букIана: «Гьеб гамачI батIайиса лъунани», » гьеб бакIалда рацIцIи къотIани рекъараб букIинаанха», — ян. Гьасул малъи гIемерлъараб мехалда, гIодоб речIчIун квартIа-хъалахъгун, рикIкIадеги ун барщун чIолаан МухIамад.
Цинги ГIалица гьесда: — Ле, гьудулав чи, МухIамад, дица дуда гъалай биччазеги, кечI ахIизеги малъулеб гьечIогури, дидаго лъалеб жо малъулеб буго, — янги абулаго, гьесулгун рекъел гьабулаан. МухIамадил цониги рекъон ккараб гамачI бугони, гьебги беццулаан ГIалица. Веццараб мехалда МухIамадица хъващтIан, хIарщулгун хIурул цIурал квераз тIамурги босун, вохуца холаго кечIги ахIулаан.
Цойги МухIамад разиго вукIунаан, жиндир къед ГIалил кIармазде данде ккун, хехго бан лъугIулеб букIиналдаса.
ГIалица гьесда абулаан: «МухIамад, лъицаниги цIехоларо, кигIан заманалъ къед барабан, къадахъанасул цIар цIехола «.
ГIалица гьарурал кIамураби мисал хисичIого къамартIун руго жакъаги, амма МухIамадица ганчIаздасаги хIарщ гIемер гьабун бараб къед, тIад тIох чIвалелдего биххунги ун, цоги устарас базе ккана. МухIамадица чанго батIияб куцалъ лъезе хIал бихьарал, ахирги къелъ рекъечIого чIарбиде рехарал ганчIазул гъонодаса босун ГIалица гьел дагьалго рекIкIа-рессун кIармазда лъолаан, добаго букIараб гIадин дурусги кколаан.
Мунагьал чурадал ГIурухъ-СотIаса къадахъан ГIалиги, ТIелекьа Къебед МухIамадги ракIалде щвезе гIиллалъун ккана фейсбукалда магIарулал данделъулел годекIабахъ батараб дагIба-къец. ХIалбихьигун гьунар бугез гьениб гьабулеб буго пайдаяб малъа-хъвай, реццани — рохун, какани — барщун руго, жидер гьунар рагьизе байбихьарал поэталги.