Минаби, хасго гIемертIалаял, рай расги бигьаяб хIалтIи гуро. Техникиялгун санитариял тIалабалги цIунун гьабизе кколеб хIалтIи гьеб бугелъул, гьениб гъалатI ккезе бегьуларин рикIкIуна махщелчагIаз. ДРялъул Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъул «Госстройнадзор» управлениялъул бетIерав специалист ГIабдулварис Ибрагьимовасдаги гьеб иш цIакъ лъикI лъала. Гьал къоязда гьесулгун тIобитIана нижеца гара-чIвариги.
— ГIабдулварис, кина-кинал хIалтIаби тIуразарулел нужер управлениялъ?
— Мина базе изну кьола ракьалъул бетIергьанас, ай муниципалиял гIуцIабазул идарабаз. Гьеб щун хадуб мина балев чи вачIуна нижехъе, нижеца гьесул хIалтIуе кьола код, хIадурула гьеб хIалтIи нухда бачиналъе документал ва гьелдаса нахъе бан лъугIизегIан мина букIуна нижер халгьабиялда гъоркь. Гьеб бан лъугIидал, проекталда рекъон бан бугищали хал гьабула. Кинабго хIалтIи ракIбацIцIадго тIубазабун батани, гьеб хIалтIизе биччаялъе изнуги кьола. Гьеб изнугун гьев уна шагьаралъул администрациялде ва гьениб гьесие кьола мина хIалтIизе биччаялъе документ.
— Жидерго гIарцухъ ралел минабазул тIалаб гьабулищ нужеца?
— Нижер хIалтIуе аслияб документ ккола «Градостроительный кодекс». Гьелда рекъон, нижехъе кколаро цо хъизамалъ гIумру гьабулеб, лъабго тIалаялде щвезегIан бугеб мина. Гьелдаса тIаде араб кинабго мина-карталъул тIалаб нижеца гьабула, лъил гIарцухъ гьеб бан батаниги.
— Нужехъ букIунищ божизе бегьулел минаби ралезул (застройщиказул) сияхI?
— БукIуна, гьел руго нижер сайталдаги, баян гьарула гьикъун рачIаразеги. Нижехъ рукIуна тIолабго Дагъистаналдаго ралел бакIазул мухIканал баянал. Гьединлъидал нижеда абизе кIола гьав застройщикасул рукъ босизе бегьулин,цогидасулаб босичIого тейин абун.
— Гъоркьиса Дагъистаналда рарал гIемертIалаял минабазул гIаммаб гIатIилъи кигIанасеб букIараб?
— Гъоркьиса рарал гIемертIалаял минабазда гьоркьоб цониги гьечIо пачалихъалъул гIарцухъ бараб (бюджеталъул харжалда рана гIумру гьабизе хIинкъи бугел минабахъа гочинарурал гIадамазе минаби). ГьабсагIаталда Каспийск шагьаралда байбихьун буго аскариязе гьединал минаби разе (бюджеталъул гIарцудалъун), амма гьезул тIалаб нижеца гьабизе кколаро. Ралел минабазул къадарги соналдаса соналде дагьлъулеб буго. Мисалалъе, 2018 соналда нижер халгьабиялда гъоркь букIана 850 объект, гъоркьиса — 700, исана гьеб жеги дагьлъилин ккола. Гьелъие аслияб гIиллаги ккола законалда гьарурал хиса-басиял. Цебе щивав застройщикасул букIана жиндирго счет, гьенибе бакIарулаан гIарац ва гьелда рекъон гьес балаан мина, кьолаан гьелъул жаваб. 2019 соналдаса нахъе гьезухъ гьечIо гьединаб ихтияр, кинабго хIалтIи гьабизе ккола банкалдасан, гьелда рекъон хиралъана хIалтIи ва гIемерал гIадамаз рехун тана гьеб иш.
— Социалияб объект гъоркьиса чан бараб? Цересел соназда дандеккун кинаб къадар гьеб кколеб?
— Бана 160 гьединаб объект. Гьединал объектазул къадар цIикIкIунебги буго. Гьелъие гIиллаги ккола гьел пачалихъалъул гIарцудалъун (10-15 процент республикаялъул бюджеталдасан, хутIараб — федералияб бюджеталдасан) ралел рукIин.
— ЖКХялъул буго гIадамазул гIарзал камулареб хIалтIи. Кинаб къимат дуца кьолеб гьабсагIаталда гьеб хъулухъалда бугеб ахIвал-хIалалъе?
— ЖКХялъул хIалтIуда гьоркьоре унел лъел рогIразул, токалъул подстанциязул, канализациялъул, нухазул 80 процент буго басралъараб, капиталияб къагIидаялда хисизе, къачIазе ккараб хIалалда.
Ралел руго цIиял минабиги, «херлъулеб» буго ЖКХялъул магIишатги. Гьелъул цо-цо бутIаби руго бетIергьабазда кодорги. Гьеб кинабго низамалде бачине ккани, хIажалъизе буго гIемераб гIарац. Гьелъие къваригIуна хасаб программаги. Гьеб рахъалъ Дербенталда гьабулеб бугебго гIадаб хIалтIи гьабизе ккола МахIачхъалаялдаги.
— Ахирал соназда МахIачхъалаялда гIемертIалаял минаби раялъулъ гьечIо низам, нагагьлъун тIабигIияб балагь ккани, гьезул гIемерисел риххун иналдацин хIинкъи буго…
— Минабиги цогидал бакIалги разе изну кьола ракьул бетIергьанас, ай шагьаралъул администрациялъ. Щай гьединаб ахIвал-хIал лъугьарабин абураб суалалъе жаваб буго цо – гьеб ккола ришватчилъиялъул хIасил. Гьезул бугеб ахIвал-хIал, гIумру гьабизе бугеб (ялъуни гьечIеб) хIинкъи загьир гьаби мурадалда нижеца гьабун буго щуго тIалаялдаса тIаде араб мина-карталъул гIатIидаб сияхI (тIолабго республикаялда буго 410 мина, гьезда гьоркьоса МахIачхъалаялда — 354).
Гьезул халгьабизе гIуцIун буго хасаб комиссия, гьеб хIалтIи тIубазабизе федералияб бюджеталдасан биччан буго 210 млн гъурущ (гьелдаса цо процент буго республикаялъул бюджеталъулги). Халгьаби лъугIидал (октябрь моцI), къотIизе буго щибаб объекталда бан хIукмуги.
— ГIемер бицуна законалъул тIалабал тIурачIого рарал минаби судалъул хIукмуялдалъун риххизе рукIиналъул. Бугищ гьединаб план, гьеб гIумруялде бахъинабизе ресго?
— Цебе лъураб мурад бугони, тIубазабун бажарула. КIиабизе, баялдаса захIматаб масъала буго биххи. Гьединал ва цогидал гIиллабаздалъун гьабсагIаталда гьединаб план гьечIо. Гьеб буго нижги цогидал идарабиги цадахъ рекъон тIад хIалтIи гьабулеб бугеб кIудияб масъала.