Новость на родном

МагIал

Цо-цо чагIи рукIуна цогидазда аскIоб согIаб махсараги гьабулел, цогидазде рагIабиги рехулел, амма жидедаго аскIоб гьебго гьабулеб бугони, кутакалда мекъи бихьулел. Хасго хIукуматалъул хIалтIуда ругел гIемерисел нухмалъулезе бегьуларо хъулухъалъ жиндаса гъоркьехун вугев хIалтIухъанас гъалатI бихьизабизе яги бадибчIвай гьабизе. Гьедин гьабуни, хIаким барщула ва гьес хIалтIухъанасе зарал гьабичIого толаро, кинаб къагIидаялъ гьабунги. Щивав чи БетIергьанас батIи-батIияб гIамал-хасиятгун...

Новость на родном

Гьаб мацIалъ кIалъала ТIадегIанасда

Дир гIагараб мацI. Дир рекIел бухIиги, угьиги, гьимиги гьаб. Дир кIиабилеб хIухьел. ТIоцебесеб хIухьелалда цадахъ дир чорхолъ рещтIана гьаб ва гьениб абадиялъе бессун хутIана. Гьаб мацIалда гьимана дие бакъ, магIарул мацIалда еэдана дун талихIалъул бакъул хIасратал чIораз, гьаб мацIалда рагIана дида эбелалъул кинидахъ кечI. МагIарул мацIалда рачана дие мугIрул иццазги, сабурго ва гIанчIго чвахун унел...

Новость на родном

Пикрабаз цIунула шигIру, шигIруялъ цIунула пикру

  ШагIирасул «Рекалабаздаса»: * Дудаса тIокIазда хIалхъублъичIого,  РухIдаллъизе кIвани, кIодолъила мун. * Малъулел гIемерлъун, кантIулел дагьлъун, Киналго гIакъиллъун, гIадлу хун буго.   Миллаталъул аслу лъугIи – бищун кIудияб балагь   — Нилъер миллаталда рихьана кIудиял балагьал: рагъалги, унтабиги, ва цогидал къварилъабиги. БахIарчиял умумуз хIехьана ра-къиги, къечги, кIудиял къварилъабиги. Амма гьеб киналдасаго бергьине буго мацI лъугIи,...

Новость на родном

ЖамагIат гъункаралъуб лъикIлъи тIегьала

МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) хIадис буго: «Инсан хвараб мехалда гьесул кинабго гIамал къотIула, лъабгояб хутIизегIан. Гьеб лъабабго гьоркьоса къотIичIого хьвадулебги букIуна – халкъалъе гIаммаб маслихIат бугеб бакIалде жиб буссине гьабураб (лъим бачине, нухал къачIазе, мажгит, кьо базе) садакъа; гIадамазе пайда бугеб лъай кьей; жидеца гIелмуялда рекъон гIамалги гьабулел, жиндие дугIаги гьабулел лъимал гIезари». (Имам Муслим).  ...

Новость на родном

Ислам босарав италияв

    Истамбулалъул аэропорталда, рокъое йоржине заман щвезегIан балагьун чIарай дида аскIовеги вачIун, гIодов чIана батIияб пачалихъалъул вукIин бихьулев, берцинго ретIа-къарав бихьинчи. Дихъги валагьун, жиндирго мацIалда цо жо цIехолеб букIана гьес. «Ислам» абураб рагIиги такрарлъулеб букIана гьесул кIалъаялъулъ. Щибго бичIчIулеб гьечIин абун квераз ишанги гьабун, кIварго кьечIого тана дица гьев. Цинги жиндирго телефоналда, яндекс-таржама гьабулеб...

Новость на родном

Цези: Дидойзас фольклор

БолІлІикІу гІумру гІадада бикІин   «ХIакъикъаталъул» редакциялъ байбихьун буго цIияб проект. Гьелда рекъон, бахъулеб буго жидер хасаб мацI бугел магIарулазул къавмазул мацIалда цо-цо гьумер. Бокьилаан, рехсарал мацIазда хъварал халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал нижехъе ритIани. Гьел ритIизе бегьула hakikat1917@mail.ru яги kavsarats@yandex.ru электрониял адресазде. Бегьула редакциялде рачIун щвезабизеги.Гьаб номералда рахъулел руго цезазул мацIалда цо-цо асарал.   Лъух...

Новость на родном

МухIамад Махулов:«Дица дунго рикIкIуна талихIав чилъун»

Гьал къоязда гIумруялъул 105 сон тIубай кIодо гьабизе буго МухIамад Махуловас. Гьев хIалтIана партиялъул Хунзахъ, Гъуниб, Хьаргаби, Казбек райкомазул тIоцевесев секретарьлъун, ДАССРа-лъул Халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул тIоцевесев заместительлъун. Вищун вукIана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, КПССалъул XXIV съездалъул делегатлъун, щуго нухалда – ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, 20 соналъ вукIана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул членлъун.   КIудияб ВатIанияб...

Новость на родном

Миллаталъул бечелъи ясбер гIадин цIунила

Инсанас гIумру гьабула гIицIго жамгIияталда, гIаламалда гьоркьоб. Гьединлъидал инсан кидаго вукIуна цогидал гIадамазулгун гьоркьоблъиялда. Жидерго пикраби, анищал, рекIел асарал цоцазе баян гьаризе, гIадамаз кидаго хIалтIизабулеб алатлъун ккола мацI.   МацI щулаго бухьараб буго жамгIияталдаги гIадамазул гIакълуялдаги. МацIалъ кумек гьабула жамгIият, гIелму, техника ва маданият церетIезариялъе. ГIадамазда гьоркьосеб бухьен бихьизабулеб алат хIисабалда мацI щулаго бухьараб букIуна...

Новость на родном

Борохь хвасар гьабуна

Малайзиялда цIа свинабулез хвасар гьабуна чахъу къулчIараб анлъго метр халалъи бугеб питон-борохь.   Гьелъ цин хIанчIана рехъенгун цадахъ кваналеб букIараб къинаб чахъдада, хадуб гьеб цадахъго къулчIана. Гьедин гIорцIизегIан кванараб бор­хьихъа бажарана ре­хъен кваналеб букIараб авлахъалдаса нахъе хъурщизе, амма шагьранухкъотIун унаго гьелъул къуват лъугIана. Кампунг Джабор росдал гIадамазда гьеб бихьидал, гьез цIа свинабулезул къокъа ахIана хIинкъи...

Новость на родном

ГIалимзаби-бусурбаби

ФИЗИКА Физикаялъул бицунаго, тIоцебе ракIалде вачIуна ХII гIасруялъул ахиралда гIумру гьабун вукIарав ИсмагIил ал-Жазари.   Гьев рикIкIуна гьанжесеб кибернетикаялъул эменлъун. Ибн ХIайсамица (965-1051) хъвана дунялалдаго цIар рагIараб «Горюнтюлер Китаби» абураб хIалтIи ва гьев ккола физикаялъул цо бутIалъун кколеб оптикаялъе кьучI лъурав чи. Гьесул хIалтIудаса пайда босулаан Европаялда рукIарал гIалимзаби Бэконица, Кеплерица, Леонардица ва цогидазги. Фараби...