МухIамад Махулов:«Дица дунго рикIкIуна талихIав чилъун»

Гьал къоязда гIумруялъул 105 сон тIубай кIодо гьабизе буго МухIамад Махуловас. Гьев хIалтIана партиялъул Хунзахъ, Гъуниб, Хьаргаби, Казбек райкомазул тIоцевесев секретарьлъун, ДАССРа-лъул Халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул тIоцевесев заместительлъун. Вищун вукIана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, КПССалъул XXIV съездалъул делегатлъун, щуго нухалда – ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, 20 соналъ вукIана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул членлъун.
 

КIудияб ВатIанияб рагъул соназда улкаялъул ТIадегIанав командующиясул рахъалдасан щвана кIиго баркала, мустахIикълъана Социалистияб ЗахIматалъул бахIарчиясул цIаралъе, Ленинил кIиго, «ЗахIматалъулаб БагIараб Байрахъалъул», «ХIурматалъул гIа-ламат» орденазе, гIемерал медалазе ва ХIурматалъул грамотабазе. Гьев ккола ДРялъул бетIерасда цебе бугеб Херазул советалъул ва рагъулгун захIматалъул ветераназул Дагъсоветалъул президиумалъул членги.
Гьал къоязда нижер мухбир дандчIвана МухIамад Махуловгун.
 
— МухIамад, 23 февралалда дуца 105 сон бала. Доб заманалда росабазул советал рукIинчIелъул, гьединал хъвай-хъвагIаял гьарулел рукIанадай?
— Хунздерил гIадат букIана лъимер гьабидал Къуръаналъул тIанчазул рагIалда лъие лъимер гьабурабали хъвалеб. Дун гьавураб къоялъги Къуръан цIалулев вукIарав МухIамад абулев чияс, дун гьавунин рохалилаб хабар бициндал, жинцаго цIалулеб букIараб хирияб тIехьалъул тIанчил рагIалда хъван батана Махуласе вас гьавураб къо-моцI, сон.
— Щал рукIарал дур эбел-эмен? Нужер фамилия кин бачIараб?
— ХIуригат бахъилалде дир эбел-инсул рукIана 16 къали хьалеб хурги, оцалги, чуги, хIамаги. ВатIаналъе хIинкъи бугилан гIурус пачаясул ахIи бачIиндал ва нужеего бокьун ватIан цIунизе къватIире рахъаян улкаялъул бетIерас абидал, Япониялъулгун рагъде унев Хунзахъа 78 гIолохъанчиясда гьоркьов вукIун вуго дир эменги. Нижер фамилия бачIиналъе ккун буго гьадинаб гIиллаги: цо рагъулъ инсуда речIчIараб гулла, тункIил рачелги тIезабун, тункIидаги щун нахъе кIанцIун буго. Гьеб бихьарав, инсуда цадахъ вукIарав цо тIанусисес абун буго: «Вагь, Маххулав, мун киданиги хвезе гьечIо», — ян. Инсуда батIияб цIар букIана, амма гьелдаса нахъе гьесда Махулав абураб цIар рекIана. Нижер фамилия гьедин бачIараб буго. Дагъистаналда граждан рагъ бугеб заманалда советияб власталъул рахъалдаги чIун вагъана дир эмен, гьев вукIана багIарав партизан.
 
— Лъимерлъуда, гIолиллъуда щивлъун вахъине бокьун букIараб?
— Хунзахъ росдал опорнияб школалда дун цIалулеб заманалда дие дарсал кьолев вукIана Зайирбег ГIалиханов. Гьес гIемераб хIалтIи гьабуна авар халкъалъул абиял, биценал, кицаби ракIариялъе. Школалда цIалулеб заманалда дица гIемер пикру гьабулаан Зайирбег ГIалиханов гIадинав учитель дир вахъинародаян.
Гьедин педагогикиял курсал лъугIизарурав дун хIалтIизе витIана ГIоротIа росдал школалде. Гьенив директорлъун хIалтIулев вукIана МухIамад ГIабдулмажидов. Гьес дида гIемераб жо малъана, лъазабуна, лъай кьеялдехун дилъ рокьи бижизабуна. Харахьи росдал школалда хIалтIулеб мехалда дир дарсиде вачIана районалда хIалтIулев вукIарав цо жавабияв хIалтIухъан – гIурусав. Дица кьураб дарсги бихьун, гьес дида абуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул (райОНО) нухмалъулевлъун хIалтIизе вачIаян. Дица гьесда абуна, дир гьеб хъулухъалъе гIураб лъай гьечIин, амма Хунзахъ гIумру гьабулел дир эбел-эменги ругелъул, хIалтIизе вачIине бокьилаанин. Гьеб идараялда маданияталъулгун лъай кьеялъул инспекторлъун хIалтIулев вукIана ЦIадаса ХIамзатги. РайОНОялъул нухмалъулевлъун вукIана МухIамад Къебедовги. Дица гьел рикIкIуна дирго учительзабилъунги.
— 1940 соналда мун, 25 сон барав гIолохъанчи, ВКП(б)ялъул Хунзахъ райкомалъул кадрабазул рахъалъ секретарьлъун вищун вукIана, хадув 1943 соналъул марталда вищана партиялъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъунги. Цогидал кандидатураби рукIинчIогойищ?
— Гьеб заманалде дун района-лъул гIолилазул цевехъанлъунги лъай кьеялъул органазда хIалтIарав хIалбихьи бугев чилъунги вукIана. Гьединлъидал дун районалъул коммунистаз цин райкомалъул секретарьлъун, хадув тIоцевесев секретарьлъун вищана. Дица гьезул божилъи ритIухъ гьабунилан ккола. Гьеб хъулухъалде рищизе доб заманалда цогидал кандидатурабиги рукIинчIо.
 
— Рагъул соназ кинаб хIалтIи гьабураб партиялъул райкомалъ? БагIараб Армиялдаса лъутарал, советияб власталъул бакIалъулал органазде данде къеркьолел гIадамал гIемер рукIанищ районалда?
— Районалъул захIматчагIаз гIемераб тIощел, гIи-боцIи, бакъвараб гьан, месед-гIарацалъул тIагIелал, гIарац кьуна фронталъе. Партиялъул райкомалъ жиндирго хIалтIи гIуцIун букIана «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъиялъе гIоло!» абураб ахIиялда гъоркь. Дида киданиги кIочонаро 1944 соналъул ихдал Дагъистаналъул Совнаркомалъул председательлъун хIалтIулев вукIарав ГIабдурахIман Данияловас тIобитIараб цо данделъи. Аслияб къагIидаялда гьенире ахIун рукIана магIарул районазул партиялъул комитетазул тIоцересел секретарал. ГI Данияловас жиндирго кIалъаялда абуна: «БахIарчиял умумузул ирсилазда, ай нилъеда, лъикIаб цIарчIван гьечIо ва 1924, 1925, 1926 соназда гьарурал гIолохъаби жидеего бокьун КIудияб ВатIанияб рагъде ине ккола. Гьеб хIалтIи нухда бичине нуж районазде хехго тIадрусса», — ян. Гьеб данделъиялда дунги цогидалги кIалъана ва жиде-жидер районазда цебе лъураб масъала тIубазабизе тIадеги босана. Дица партиялъул райкомалъул кIиабилей секретарь Залму ГьитIиновалъухъе телефоналдасан ахIана, метерго гIолохъаби Хъалаялъуб бугеб школалъул клубалде ракIареян. Дун эхеде щведал, гьениве унелъул дандчIвана Дагъистаналъул халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзат. Дица цадахъ гьевги вачана. Гьенив данделъун ватана рагъде ине бокьарав 203 гIолохъанчи. ЦIадаса ХIамзатица ва дица районалъул гIолохъабазде хитIаб гьабуна. Гьенир кIалъазе рахъана Хунзахъ росулъа ХIосенхIажи Атаев, МухIамагIали Махулов, Хьиндахъа Жамал ХIасанов ва цогидалги. Гьез лъазабуна жал ВатIан цIунизе къватIире рахъине, хIажалъани, жидерго гIумру кьезеги хIадур ругилан. Гьедин гьабуна цогидал районаздаги. Дагъистаналдаса квешаб цIар нахъе бахъана.
Районалда рагъулал соназда лъикI хIалтIулеб букIана истребительнияб батальонги. 1945 соналъул ихдал лъугIизабуна гьелъ жиндирго хIалтIи. Ункъо соналъ гьелъул комиссарлъун вукIана дун. Гьелъ къватIир чIвазаруна фронталде ине бокьичIого рахча-хьван рукIарал, рагъдаса лъутун рачIарал хъачагъал. 
— КIудияб улка ва гьелъул
цебехъан КПСС биххиялъе гIайибияллъун гIицIго Горбачевгун Ельцинищ рукIарал? Гьелъие гIиллаби батIиял рукIинчIодай?
— КIиго чиясда СССРги, гьелъие нухмалъи гьабулеб букIараб партияги биххизабизе кIвелароан. Гьезул рахъ кколел, гьезда тIад рекъолел чагIиги дагьал рукIинчIелъулха. Партиялда ва улкаялда жанир рикьалаби ккана. ЦIигьабун гIуцIиялде, кинабго рагьун бициналде, демократиялде гIадамал хIадур рукIинчIо, партиялъул гьел ахIиял халкъалда ричIчIичIо. Улкаялда реформаби гьаризе кколаан. Референдумалда СССР цIунизе кколилан халкъалъ абуниги, биххичIого хутIичIо гучаб улка.
 
— Гьанже улкаялда гIемерал партиял рукIин лъикIищ бугеб яги квешищ? Гьанже ругел партиязул кинаб дуе гIагараб бугеб?
— ГIемерал партиял рукIин лъикI гьечIо. Улкаялда цо яги кIиго партия букIине ккола. Дие цонигияб партияги гIагараб гьечIо, гьезул кьеразулъе лъугьине дир къасдги ккечIо. Дун цо партиялде лъугьун вукIана, хвезегIан гьелъие ритIухъавги вукIине вуго, партбилетги цIунун буго.
— Исламияб диналдехун кинаб бербалагьи букIараб ва бугеб?
— Исламияб диналъул лъикIав гIалимчи вукIана Харахьиса ГIумар. Дун гьесда цеве цIалана, лъугIизабуна Къуръан, хадуб «Мухтасарги». Дун кидаго божулаан Аллагьасда. Рес рекъон какги течIо, кIалги ккуна. ТIадегIанас щивав бусурбанчиясда тIад лъурал парзал тIуразарула гьанжеги.
 
— Мун разияв вугищ дуца нахъа тараб гIумруялъулаб нухдаса?
— ГIемераб хIалтIи гьабун бажарана божилъиги гьабун дун хIалтIизе витIарал районазда. Дагъистаналъул тарихалъулъ дир гIумруялъ лъикIаб бакI кквезе бегьула. Дица дунго талихIав чилъунги рикIкIуна. Аллагьасе рецц буго, 105 сон базегIан чIаго хутIана. Дида лъан гIадамасе зарал ккезе течIо, бажарараб кумек гьабуна, пайдаявлъун вукIине хIаракат бахъана.
— Дурго ва дуца гIумру гьабураб заманалъул, машгьурав политикияв ва жамгIияв хIаракатчи МухIамад Махуловасул хIакъалъулъ тIехь хъвазе ракIалда гьечIищ дуда?
— ТIехь хъван гьанже бажариларо. Канлъи дагьлъулеб, дунго херлъун вуго. Дида ракIалда букIана тIехь хъвазе, амма жакъа-метерилан нахътIамун хутIана. Цогидаздаги хъвазабун, тIехьалда гъоркь дирго цIар хъвазеги къабуллъиларо. Дир хIакъалъулъ тIехь хъван букIана хъвадарухъан ва журналист МухIамад Шамхаловас. «КIудияб гIумруялъул къоял» абураб тIехьалда дир фамилия хисизабун Маргъаловилан кьун буго, хисизабун буго дун партиялъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIараб района-лъул цIарги.