Новость на родном

Нужее баяналъе

«РекIел ахIи» рубрикаялде ри­тIу­лел нужерго лъазабиял, гьикъизе бокьараб, лъа­зе хIажатаб, лъугьа-бахъараб, смс би­тIи­зе бегьула Вот­сапалъул гьаб номералде: 8 988 301 25 40. Гьединго Вотсапа­лъул кумекалдалъун нужер рес бу­го ккара-таралъул хъвалаго, ца­дахъго суратги битIизе гьебго номералде.Инсанасул напс хIакъир гьабулел, кьучI гьечIел СМСал газеталда рахъулареблъиги кIочон тоге.  

Новость на родном

«ХIакъикъат» — нижер гьоболги гьудулги

МагIарул газета цIали — гьеб къаде кванайго гIадин гIадатлъун лъугьараб иш буго нижер рокъоб. «БагIараб байрахъ» газеталъе тIоцебе подписка дица гьабуна 1966 соналда.   Заман ингун цIикIкIана магIарул мацIалда рахъулел газетал, журналал. «ХIакъикъаталда» цадахъго цIалулеллъун лъугьана «Ас-салам», «Нурул-ислам» газетал ва «Гьудуллъи» журнал. Нижер рокъоб кидаго къимат букIана магIарул мацIалда бахъанщинаб тIехьалъул, газетазул. Мунагьал чураяв дир...

Новость на родном

Даларал квараз ккурал гьетIарал хIубал

Араб гIасруялъул 50-абилел соназул ахиралда цIунтIал тIадруссана Чачаналдаса умумузул ракьалде. Гьеб заманалда гьезул рукIинчIо нартил чирахъалцин. Канада цIаги бакун гьабулаан квен-т1ехцин. БукIана кан цIунизе гьабураб хасаб бакIги. Ниж, гIисинал лъимал, иргадал тIаде рахъунаан, бухIун бахъаралъул бакIалда цIияб кан лъезе. Ана сонал. Хисана гIумру. Лъабкъоялда анцIабилел соназда байбихьана токалъул хIубал эхетизаризе. Гьеб ишалда рукIарал махщелчагIазе кумекалъе...

Новость на родном

ГанчIил ракIал ругел гьал тохтурзаби

Бищунго аслияб жо буго гIадамасе чорхол сахлъи. Гьеб щула гьабизелъун дун вегизе ккана гIемерал больницабазда. Гьениб дида бихьана тохтурасул каламалда, бербалагьиялда бараб жо гIемераб букIунеблъи, сахлъи щула гьабиялъе кIудияб квербакъи гьабулеблъи.   Гьел киналго рахъал данде ккуна дица районаллъул, республикаялъул ва Москва шагьаралъул больницабазда вегун вукIараб заманалда. Гьаниб цIар рехсезе бокьичIеб цо районалъул больницаялъул хIал­тIухъабазул...

Новость на родном

Районаздаса харбал

ЦIумада 14 февралалда ТIаса Гьаквари росдал бегавул Сулейман Сулеймановас росуцоязе хIисаб кьуна гъоркьиса гьабураб хIалтIул. Росдал бюджеталда бихьизабураб гIарцул къадар букIана 1 млн 776 азарго гъурущ. 105 проценталъ ракIарун руго киналго налогалги. ГIолилалги хIалае рахъун, гъор­кьиса росулъ гьарурал аслия­л хIал­тIаби ккола шагьранухал къа­чIай. Гьелъие районалъул нухазул фондалдаса 200 азарго гъурущги биччан букIана. Чабхилгун ракьул цIураб...

Новость на родном

Халкъалъул божилъи ритIухъ гьабила

Тарихалде ана 2019 сон. Бечедаб букIана гьеб лъугьа-бахъиназ­да­лъун, ракIалдещвеяздалъун, тIубарал ишаздалъун, ккарал хIасилазда­лъун. ЦIумада районалъе гьеб кинаблъун букIарабали бицунеб буго районалъул нухмалъулев АнвархIажи Вечедовасулгун нижеца гьабураб гара-чIвариялда.   — АнвархIажи, гъоркьиса нужеца гьабураб ва исана гьабизе хIисабалде босараб хIалтIул бицани бокьилаан. — Районалъе нухмалъи гьабизе бигьаяб гьечIеблъи дида бицун гуреб, бихьун лъала. Жавабчилъиги цIикIкIараб буго....

Новость на родном

Пособиязул гIарац рехизе буго карточкаялде

«РекIел ахIи» рубрикаялде цIалдолез ритIун рачIуна эбелалъулаб капиталалъул, больничнияб тIанчил ва батIи-батIиял пособиязул хIакъалъулъ гIемерал суалал. Специалистазухъеги ун, нижеца жигар бахъула гьел суалазе мухIканал жавабал кьезе.    Гьебго мурадалда, социалиял масъалабазда тIасан цIалдолез редакциялде гIемер ритIун рачIунел суалазе жавабал цIехон ва 2020 соналда мискиналгун сакъатал чагIазе рихьизарун ругел бигьалъабазул хIакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас...

Новость на родном

Суалал-жавабал

«Дир ясалъул буго лъабго лъимер. Гьелъ тIоцебесеб лъимер гьабидал, ясли-ахалде кьураб гIарзаялда рекъон, жеги бакI щун гьечIо гьениб. Яс жийгоги хIалтIулей гьечIо, лъимал гIиссинго рукIиналда бан, мукъсанаб гурони лъималазе щолеб пособиеги букIунаро. Я мина базе кьолеб ракь ялъуни хIукуматалъул рахъалдасан кумек гуро. ГIолохъанал хъизамал кире ине кколел гIарзалъ?»   Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул...

Новость на родном

ГIаздада хъещтIеялъул къецал

Ункъо соналъ гьоркьоса къо­тIичIого, щибаб хасало, Къамилухъ росулъ тIоритIула лыжабазда хъещтIеялъул рахъалъ къецал. Щибаб гIелалда гьоркьор батIи-батIиял къояз тIоритIулел гьел къецазда гIахьаллъула школлъимал ва росдал гIолохъаби. Къамилухъ буго лыжабазда хъещтIеялъе санагIатаб бакIги, гьенир чIезарун руго хIа­жатал шартIалги. ГIолилалги лъималги разияб гьеб ишалъе квербакъулеб буго росдал администрациялъ, школалъ ва спорталъулгун лъикIаб гьоркьоблъи бугел росдал гIолохъабаз. Исанаги...

Новость на родном

«ХIакъикъаталъул» гъасда ЛЪАРАТIА

ГIужий босараб гьунар   Ахирал соназда республикаялъул щибаб районалда гIуцIун рукIана пагьму-лъай цIикIкIарал, гьунар тIокIал цIалдохъаби цIалулел хасал группаби (центры для особо одаренных детей). Гьел рукIана муниципалиял лъай кьеялъул идарабазда гъорлъ, хасав нухмалъулевги вихьизавун. РукIана гьезул жидерго программаги, тартибги, цере лъурал масъалабиги. КIигогIан соналъ цебе ЛъаратIа гьединаб центр тIубанго къана. Щиб гIиллаха гьелъие ккараб? Гьеб...