Гьаб мацIалъ кIалъала ТIадегIанасда

Дир гIагараб мацI. Дир рекIел бухIиги, угьиги, гьимиги гьаб. Дир кIиабилеб хIухьел. ТIоцебесеб хIухьелалда цадахъ дир чорхолъ рещтIана гьаб ва гьениб абадиялъе бессун хутIана. Гьаб мацIалда гьимана дие бакъ, магIарул мацIалда еэдана дун талихIалъул бакъул хIасратал чIораз, гьаб мацIалда рагIана дида эбелалъул кинидахъ кечI.
МагIарул мацIалда рачана дие мугIрул иццазги, сабурго ва гIанчIго чвахун унел лъаразги гIажаибго кIарчанал саринал. Гьаб мацIалда кIалъана дида бахIарчияб магIарул тарих. Гьаб мацIалда Дагъистаналъул цIар дунялалда рагIизабуна ЦIадастаналдаса магIарулас. МагIарул мацIалда угьдана ватIаналъухъ гIащикълъарал Халилбегил суратал. МагIарул мацIалда гIодана МахIмудил пандур. Гьаб мацIалъул хIайранлъиялда гъоркь гурищ пахруял цIумаз тIавап гьабулеб зобалазде гIунтIарал мугIрузда. Дир гIагараб магIарул мацI. ГIагараб миллат нурлъун гвангъизе мугIрузда рещтIараб жавгьарги гьаб. Гьаб мацIалда гьардола дун ТIадегIанасда. Гьаб мацIалда гаргадула дун умумузул заналгун.
 
Бокьула дие нилъерго гIагараб магIарул мацI. Гьалъул гъасда беролеб цIадухъ гIадин, пикрабазе роцIенги руцIенги щоларо. Гьаб мацIалда бижараб гIакъиллъиялъ гIадин, нилъеда бауларо.
Миллаталъул кинабго бечелъиги, сахаватлъиги, рухIияб нахърателги, бахIарчияб тарихги речун буго гьениб, магIарул мацIалъул гъасда. Божизе бокьулеб гьечIо жакъа гьениб рекIараб цIадухъ хинлъизе рачIунезул къадар дагьлъулеб букIиналдаги. Шагьаралдагицин цIикIкIунеб буго мацI лъазе бокьаразул къадар. Амма магIарухъе щведал, гьеб пикру тIубанго кIочон тола дида. Бицани щиб гьез гIурус мацI, магIарул мацIги чвахулеб бугогури гьезул кIалдисан. МагIаруллъи чIаго букIаго, чIаго букIине буго магIарул кьурабазда бижараб, гьенисан зобалазде харун бажарараб дир магIарул мацI. Гьаб мацIалда гурищ бахIарчилъиялъул цIар рагIизабураб Шамилил хвалченалъ. Гьеле гьаб мацIалда белъанхъула нилъер талихI, гьаб мацIалда гIодула гIумру, угьдула къисмат. Кинабго – рахьдал мацIалда.
 
МагIарул мацIалда цIалула нилъеца Инхоса ГIалихIажиясул кицабиял алфазал, гIагараб мацIалда кьурал ХIамзат-кIудил гIумруялъул дарсал гурищ нилъер рухIияб бечелъиялъул роцен. Гьаб мацIалда чIухIула дун миллаталъул цIар цIвабзазда хъварал магIарул васаздасаги ясаздасаги. МагIарул мацI ккола нилъеца цоцазул ракIазухъе лъураб рокьул кьолъун. Гьеб кьодул ссакI бекани, лъугIула нилъер миллат. ГIумруялъул ццидалал карачелаз росун унел нилъ хвасар гьаризе щивго гIедегIизе гьечIо.