МагIал

Цо-цо чагIи рукIуна цогидазда аскIоб согIаб махсараги гьабулел, цогидазде рагIабиги рехулел, амма жидедаго аскIоб гьебго гьабулеб бугони, кутакалда мекъи бихьулел. Хасго хIукуматалъул хIалтIуда ругел гIемерисел нухмалъулезе бегьуларо хъулухъалъ жиндаса гъоркьехун вугев хIалтIухъанас гъалатI бихьизабизе яги бадибчIвай гьабизе. Гьедин гьабуни, хIаким барщула ва гьес хIалтIухъанасе зарал гьабичIого толаро, кинаб къагIидаялъ гьабунги. Щивав чи БетIергьанас батIи-батIияб гIамал-хасиятгун вижун вугелъул, киналго чагIи цо коцонир кьабгIизе бегьиларо, амма гIемерисезда мекъи бихьула жидеца чияе гьабулеб жидеего гьабидал.
Цо пуланаб росдал школалъул директорасулгун ракI рагьараб кIалъай ккедал, гьес гIайиб чIвачIев учительго хутIичIо. Киналго хIалтIухъабазда ракIхун вугоан гьев. Дида лъаларо гьеб школалда хIалтIулел учительзабазул гьесдехун кинаб бербалагьи бугебали, амма бичIчIана директор гIумруялдасаги гIадамаздасаги рази гьечIев, цIакъ хехго ракIхолев, захIматго гIумру тIамулев чи вукIин. Пуланаб росдал школалъул директорасулгун ккараб кIалъай-басаялдаса хадуб дида ракIалде бачIана цо гьадинаб бицен.
 
Цо нухалда мугIалимасухъе вачIуна цIалдохъан ва гьес абула: «Валлагь, мугIалим, дида щиб гьабилебали лъаларо, амма цIакъ захIматго гIумру гьабулев чилъун гIолев вугин ккола дида дунго. Дида аскIоб хIалихьатал жал гьарулел гурони лъималги кколел гьечIо, гьездехун ракIхун гIемерисеб заманги унеб буго. Щибдай гьабила»?
МугIалимас гьесухъе магIазул цIураб таргьа кьола ва абула лъида бугониги ракIхун лъугьанщинахъе цо-цо магI къадалъ кьабгIейилан.
ТIоцебесеб къоялъго гьев цIалдохъанас къадалъ кьабгIула 26 магI. Хадусеб анкьалъ гьев ругьунлъула сабру гьабизе ва къадалъ кьабгIарал магIазул къадар саламатго дагьлъула. Гьесда бичIчIула магIал кьабгIулев вукIиналдаса сабру гьабиго бигьалъизехъин букIин. Ахир-къадги бачIуна цо къо, гьев васас цониги магI къадалъ кьабгIизе ккечIеб. Гьелдаса вохиялъ векерула мугIалимасухъе ва рохел загьир гьабула. МугIалимас гьесие кьола цIияб тIадкъай, ай лъида бугониги ракIхвезе течIого сабру гьабизе кIванщинаб къоялъ цо-цо магI къадалъа нахъе бахъейилан.
ЛъикIаланго заман ун хадуб цIалдохъанас мугIалимасда бицуна къадалъ цониги магI хутIичIилан. Гьеб мехалда мугIалимас кверги ккун цIалдохъан гьеб къададе аскIове вачуна ва хIалчIахъадилан гьесие рецц-бакъ гьабула.
 
«Амма халгьабеха къадада рахъун ругелщинал картIал. Гьанже гьаб къед киданиги букIине гьечIо цебе гIадаб берцинаб. Лъида бугониги ццин бахъун, рокьукъал рагIаби абулел ругони, гьаб къададаго гIадин, гьев чиясул рекIелъги хутIула сахлъуларел ругънал. Дуца тIаса лъугьайилан гьараниги гьаричIониги – ругъун хутIула. Хонжроца лъуралдасаги кIалалъ лъураб ругъун цIикIкIун унтулебги букIуна», — ян абула мугIалимас.
«ВахI, щибха гьанже дица гьаб къадада рахъарал картIазда гьабилеб»? — ан цIехола цIалдохъанас. «Гьеле гьел картIалгун гьабизе ккола дуца хутIараб гIумру», — ян жаваб кьола мугIалимас.
РачIаха халгьабизе тIоцебе нилъехъго, хадуб нилъеда аскIор ругезухъ. Чан вугев сабурго, инсанасул ракIги бакъвазабичIого, къваригIел гьечIеб калам гьабичIого, гIумру тIамулев чи? Чамасул рекIелъ ругел сахлъуларел ругънал? Чан чи вугев магIаз къадада тарал картIалгун гIумру тIамулев?