ЖамагIат гъункаралъуб лъикIлъи тIегьала

МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) хIадис буго: «Инсан хвараб мехалда гьесул кинабго гIамал къотIула, лъабгояб хутIизегIан. Гьеб лъабабго гьоркьоса къотIичIого хьвадулебги букIуна – халкъалъе гIаммаб маслихIат бугеб бакIалде жиб буссине гьабураб (лъим бачине, нухал къачIазе, мажгит, кьо базе) садакъа; гIадамазе пайда бугеб лъай кьей; жидеца гIелмуялда рекъон гIамалги гьабулел, жиндие дугIаги гьабулел лъимал гIезари». (Имам Муслим).
 

Нилъ хун хадуб кириги халкъалъул баркалаги къотIулареб хIалтIи гьабулел гIадамал ни-лъеда сверухъ дагьал гьечIо. Жакъа къоялда жаниб хIажатаб, хадусеб гIелалъеги мисаллъун хутIулеб хIалтIи гьабулеб буго ахирал соназда ДРялъул муфтияталъул мугIрузул районазда ругел вакилзабаз. Районазул имамзабазухъа ва исламияб лъай кьеялъул отделазухъа бажарана пачалихъиял лъай кьеялъул идарабигун цадахъ рекъон хIалтIизеги. Жакъа гIемерисезда бихьулебги батила щибаб районалъул росабалъ исламияб лъаялде кIвар кьолеб букIин. Халкъ лъикIлъиялде цIалел вагIза-насихIаталги гIемер гьарулел руго. Диниял хIаракатчагIаз гьабулеб хIалтIи гьанже киназдаго социалиял гьиназдаса, батIи-батIиял информациялъул алатаздаса бихьизе рес буго. Дин тIибитIизабизе гьукъарал соназда как-кIалалъул кириги, исламалъул лъикIлъиги букIунеб хIалалда бичIчIулеб букIун батичIони, жакъа щивав чиясе рес буго гьелъул гъварилъуде раккизе. ЦIияб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъулъги кIудияб бакI кколеб буго диниял гIуцIабаз. Ясли-ахаздасанго байбихьун лъимал ругьун гьарулел руго как базе, Къуръаналъул аятал битIун цIализе, иман-ислам лъазабизе.
 
Динги магIишатги цадахъ бачуна
 
Диниял гIуцIабазул баракаталдалъун росабалъ ралел руго мадрасаби ва мажгитал. Динияб рахъалде ракIал руссараб жамагIат росабалъ букIинчIебани гьебги захIмат букIинаан. Росдал администрацияги, диниял хIаракатчагIиги, жамагIатги цадахъ рекъон хIалтIун, ахираб чанго соналда жаниб ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ бана лъабго мажгитги мадрасаги. Росулъ щивасул рокъобе лъим бачана, магъилъе цIияб нух бахъана, цIидасан гIатIид гьабун къачIалеб буго росулъа жанисан унеб нухги.
Ингердахъ росулъ 270-ялдаса цIикIкIун цIараки буго. Цогидал росабалъа гIадин, ингердахъел гIатIиракьалде гIемер гочунаро. БоцIи-панз хьихьун, хур-харил хIалтIи гьабун, хIалалаб чедги кванан, нилъерго ватIаналда гIумру гьабун лъикIилан абула кIудиял чагIазги. Шагьаралда мина базе ва гьенире гочине дагьабгIаги рес рекъарал гIолилазгицин росулъ жидерго мина-карт чIунтизе толаро. ХIатта шагьаралда гIумру гьабун ругел цо-цояз жидерго эбел-инсуде гIагардегIан рукIине бокьиялъ росулъ цIиял минаби рала яги басриял къачIала.
КигIан рикIкIада ругелги шагьаразда гIумру гьабулел росуцоял гIидалъул къоялъ гIагарлъиялъухъе, умумузул хабаде щвезе рачIинчIого чIоларо. Росулъ букIараб аслияб мажгиталда бакI къваридго букIунаан гIидалъул къоялъ как базе рачIаразе. Гьединлъидал росдал цеве вукIарав имам, жамгIияв хIаракатчи Рамазан Макъсудовасул жигаралдалъун жамагIат разилъана мажгит кьучIдасанго биххун цIидасан базе. Росдал имам ГIабдула Мажудиновасги кIудияб хIаракат бахъана мажгит баялъе. Гьеб бан лъугIизегIан гIадамал хьвадулаан росдал цояб авалалда бугеб гьитIинаб мажгиталде. Гьанже кIудияб мажгиталда 750 чиясе гIураб бакI буго. Гьединго росдал рагIалда бугеб школалда аскIобги бана цоги авал мажгит. ЦIалдохъабазе ва учительзабазе как базе цIакъ квегIенаб бакIлъун лъугьана гьеб. Какил заманалда росдал мажгитал чIорогоги хутIуларо.
 
Квараналъ кьураб садакъа квегIалда лъазе течIого
 
Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда Аварагас (с.т.гI.в.) абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасул рагIдукь рукIунел гIадамал ккола жидеца садакъаги кьурал, гьебги балъго тарал, хIатта кваранаб квералъ кьураб жо жидер квегIаб квералдацин лъазе течIел». (Муслим). Аварагас малъухъе, балъго гьабуна ингердахъез мажгитал къачIаялъе кьолеб садакъаги.
Ахирал соназда росуго цадахъ лъугьун хабалги къачIана. Росдал бегавуллъун вукIарав Асадула ХIажиевасул квербакъиялдалъун ва Рамазан Макъсудовасул жигаралдалъун, пачалихъалъул кумеки гьечIого, жамагIатго цадахъ лъугьун лъим бачунел рогIрал хисана ва канализация бачана.
Афгъаназул рагъул гIахьалчи Зикрула Дибирдадаевасул кумекалдалъун, чанго соналъ цебе, росу бакьулъ цIияб мадрасаги бана. Гьенирго гIумру гьабун ва цIалулел рукIана цогидал районаздасагун шагьараздаса мутагIилзаби. Цере гьенир лъабго сменаялда цIалулел ва чанго мугIалимас дарсал кьолел рукIун ратани, исана гIицIго росулъа мутагIилзаби гурони хьвадулел гьечIо. Къаси-къаси чIахIияб ригьалъул бихьиналги цIализарула.
Шагьаралда чIарав росуцояв АхIмад Цевехъановас мадрасаялъе сайгъат гьабуна жиндирго инсул букIараб мина. Гьеб цIидасан къачIан тIадеги лъаб-абилеб тIала балеб буго. Макъсудовас бицана кватIичIого гьениб руччабазе мадраса рагьизе бугинги.
Кинаб захIмалъигун данд-
чIваниги, ингердахъез жамагIа-талъул газа кьурдаги рекIунеб букIин бихьизабула. 1999 соналда Болъихъ районалде хъача-гъал кIанцIидалги ингердахъезул жамагIаталъ гъункиги, къо ккани мадугьаласе кумек гьабизе хIадур рукIинги бихьизабунин бицуна дол соназда росдал бегавулъун вукIарав МухIамад ГIалиевас.
Дол соназда росдал жамагIат букIана гIицIго боцIудалъун ва хуриса бачIунеб нигIматалдалъун бетIербахъи гьабулеб бакI. МухIамадица Болъихъ районалда ругел солдатазегун ополченцазе кванидалъунгIаги кумек гьабизе бокьун бугин бициндал, жамагIатго бакIарана данде. Цоял картошкадул тургьби раччун рачIана, цогидаз рахь, хIан, нах ва цогидал нигIматал кьуна. Чанго сагIаталда жаниб кванил нигIматазул цIурал машинаби Болъихъеги ритIана.