1958-1959 цIалул соналда дун ана Начада росдал школалда цIализе. ГIемер ракIалде щола, байбихьул классалде вачIиндал букварьги кьун, цIализе ва хъвазе малъарай гIурус учительница Таня (фамилия кIочана). Гьелда цадахъ рикIкIадаб Россиялдаса нижехъе ячIун йикIана жеги лъабго учительница. КIочон толаро, дун захIматго унтараб мехалда, нижехъе рокъоеги ячIун, Нина абурай учительницаялъ, жиндирго ботIродасаги бахъун шал дир горбода жемараб...

