Жакъа миллиял мацIал цIуниялда сверухъ гIемераб хабар бицунеб буго. Гьалделел руго пикраби. Гьел хIалуцун, цоцалъ речIчIун, гьалаглъараб гIоралда цебе бугеб цо сангар тIезабун бажаруларого ругел гIадин руго. Гьеб тIезабичIого, гIорги цолъиялъул ралъдахъе щолеб гьечIо. Гьеб къеркьеялъул цебесеб кьердаги руго магIарул мацIалъул мугIалимзаби, хъвадарухъаби, шагIирзаби, мухбирзаби. Цо-цояз абизе бегьула гьезухъа чед бахъулеб бугилан. Гуро. Гьезухъа бахъулеб буго гьез ургъун тIаса бищараб рухIияб бечелъи, гIумруялъул магIна. Гьезда бичIчIулеб буго мацIалъул бугеб кIвар. Гьеб лъугIани миллат лъугIулеблъи. Аралда таманча речIчIун хутIичIого, букIинеселда гIарадаги речIчIулеблъи.
Амма гьеб хIалуцараб, ритIухъаб къеркьеялде данде чIарал къуватал, рагьун гIемераб жоги бицинчIого, жанисан къеркьолел руго. МацIал лъугIизариялъе гьез пайда босулеб буго жалго тIалъиялъул хъулухъазда рукIиналдаса, гIадамазул жагьиллъиялдаса, дагь-дагьккун миллиял мацIал рагIулел бакIал къаялдаса ва загIип гьариялдаса. МагIарул мацIалъул мукъулукъида, гьеб гъанкъизе, квер лъун буго гьез.
Гьединаб ахIвал-хIалги букIаго, дида бичIчIулеб гьечIо цо-цо кIалъаязда рагIулел пикрабазул магIна. Цолъеян ахIи банилан, мацIал цIунеян ахIдонилан, гIадамал цолъуларо, мацIалги цIунулароян рахъуна цо-цоял. Рази вуго. ЦохIо ахIиги бан руцIцIун чIолел ругони ва щибго гьабулеб гьечIони, хIасил кколаро. «Школазда миллиял мацIал малъичIони щиб? Гьениб грамматика малъиялъищ нилъер цересел шагIирзабазда кучIдул хъвазе лъалел рукIарал? ГIухьбилъун рукIаразги гьаруна кучIдул, школаздаго цIаличIезги гьаруна!» -ян чIола цогиял. «Аслияб жо, эбел-эмен рокъор рахьдал мацIалда гаргади буго, школалъ малъун мацI лъида лъалеб?» -ан абула лъабабилез. Киналго ритIарал руго. Амма гьел киналго пикрабазул мукъсанлъи буго, гьел цонигияз ратIаго росун, халкъалъулго мацI цIунуларо.
ЦIунула, пачалихъазул бутIрузда ва депутатазда рагIулеб хIалалъ ахIиги бани, эбел-инсуца ва жалго магIарулаз рес бугебщинаб бакIалда жидерго мацIги бицани, школаздаги мацI малъулел мугIалимзабаз жакъа къоялъул тIалабазе жаваб кьоледухъ дарсалги кьуни. Гьезие дарсал лъикI кьезе лъай кьеялъул идарабаз, тIадчагIаз квалквалги гьабичIони. Школазда магIарул мацI кьеялъе нухалги рагьани. Байбихьул классазда киналго предметалги магIарул мацIалда кьуни ва школа лъугIизегIан рахьдал мацIалъул ва адабияталъул дарсалги кьун, гьез магIарул мацIалда тIахьалги казият-журналалги цIалулеб хIалги гьабуни. МагIарул прессаялъ, казият-журналаз, радио-телевидениялъ магIарул мацIалда хъвараб жоялъул даража бокьулеблъунги гьабуни. Интернеталдасанги миллиял мацIазда хъвалеб жо гIемерлъиялде кIвар кьуни. Миллияб театралъги хIалтIи лъикIлъизабуни, гьелде рачIунел магIарулал гIемерлъуледухъ хIалтIиги бачани. МагIарул мацIалда тIад хIалтIулел гIалимзабиги гIемерлъани, гьелъ мацI гъваридго халкъалда лъаялъе квербакъиги гьабуни. ЦIунула, гьебги гьеб гуреб азарго тIадеги, цадахъ киназго гьабуни ва рес бугевщинас магIарул мацI цIуниялъулъ жидерго бутIаги лъуни.
Гьениб хасаб кIвар буго школалъул нухмалъулезул, районазул бутIрузул, лъай кьеялъул киналго хIалтIухъабазул ва умумузул.
Хъвадарухъабазул союз гьелда тIад хIалтIулеб буго. ШагIирзабаз тIахьал хъвалел руго. Абизе ккола лъикIал поэталги хъвадарухъабиги нилъер ругилан. Жакъасезде гIей гьабуларезе, гьезул асарал цIализе бокьичIезе, гьезул даража гIодобегIанаблъун бихьулезе, дунялалъулго даражаялда хъвадарарал магIарул шагIирзабиги хъвадарухъабиги нилъер руго. ЦIали буго мурад.
ГIумруялъул чвахиялъулъ къоялъе цо бащадаб сагIат бате, магIарул тIахьал, казиятал ва журналал цIализе. Щибаб номер цIалани, гIакълуги цIикIкIунеб, мацIги бечелъулеб Хъвадарухъабазул союзалъ биччалеб «Гьудуллъи» журналги буго. Руччабазе -«МагIарулай», лъималазе «Лачен» журналалги руго. МагIарул мацIалда рахъулел республикаялъул ва районазул, цо-цо росабазулцин казияталги руго. МагIарул мацI гуребги, адабги Аллагьасде гIагарлъизе нухги малъулел «Ас-салам», «Нурул-ислам», «МугIалим» исламиял казияталги руго. Нилъее кинабго дагь буго. МацI лъазе бокьаразе гуребха.
Гьелде тIадеги, щибаб моцIалъ цо нухалдаса дагь гьечIого, дун ккола Хъвадарухъабазул союзалъ гIуцIаралги, гьезда гIей гьабичIого, жидецаго шагIирзабаз гIуцIаралги тIахьазул церелъеязде, «Поэзиялъул театралда» рукIунел шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул церерахъиназде.
Масала, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекаялда букIана гьединаб данделъи. Цебелъеялъе босун букIана Дагъистаналъул Халкъияй шагIир Баху-Меседу Расуловалъ 15 шагIирасул кучIдуздасан данде гьабураб «Сариназул си» абураб тIехь. Гьенир кIалъазе рахъараз тIадчIей гьабуна цо-цо жидее цIикIкIун рекIее гIурал авторазда, рихьизаруна гIунгутIаби, гьаруна малъа-хъваял. ГIемерисез борхана магIарул мацI цIунизе ккеялъул суалги.
МагIарул мацI цIуниялъе кIвар бугеб цоги лъикIаб иш ккана гьенибго. Гьенире рачIаразе рикьана МухIамаднаби Ибрагьимовас хъвараб «МагIарул Лиза» абураб тIехь. «Сариназул си» цIалун бахъарабго, дирги йикIанин гIурус учительница, гьелъулго гIадаб гIумру букIун батилин гьалъулгиян дица байбихьана «МагIарул Лиза» цIализе. ТIехь хъван буго бацIцIадаб, рекIелъе бортулеб мацIалда. Дица, цIалун бахъинчIого, гьеб гIодоб лъечIо. Дие дарсал кьурай гIурус учительница Чуева Александра Ивановналъулги гьей «МагIарул Лизалги» гIумруялъул гIаммал бакIалги гIемер ругоан. Дие цIакъ асар гьабуна, Хьаргаби букIараб зоналияб данделъиялда гьелъ магIарул мацIалда МахIмудил кечIги рикIкIун, гьел рагIаби жинда батIияб мацIалда ричIчIизе рес букIинчIилан абиялъ. Гьаб тIехьги ккана магIарул мацI цIуниялъул къеркьеялъулъ бакI кколеб, кIвар бугеб ишлъун.
Гьадинал ишаз магIарул мацI цIуниялъе щивас бахъулеб хIаракаталъ жиндирго бутIа лъела. Амма хIажат буго цере чIарал масъалаби мухIканго лъалев Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовасда сверухъги гъункун, магIарул мацI цIуниялъул киналго масъалаби ва ишал цо рахънире руссинаризе ва хIасил кколедухъ иш гIуцIизе. ХIажат буго «ликбезал» рагьунги, мацI малъулел хасал школал, курсал рагьунги хIалтIи гIуцIизе.