Гъуниб районалъул БацIада росулъеги коронавирус абураб балагьаб унти бачIана республикаялда жеги самоизоляция лъазабилалдего. Росуцоязда гьоркьоб унти тIибитIиялъе гIиллаги ккана тагIзияталде ракIари.
Районалда унти баккилалдего райбольницаялъул отделениял эркен гьарулел рукIана къойилго гIадин чанго нухалъ «Хехаб кумекалъ» БацIадаса хъамун рачIунел захIматго унтаразе. Районалъул росабазда гьоркьоб кIудиябин абизе бегьулеб росулъ, 25 соналъ хIалтIарай тохтур ПатIимат МухIамадбеговна гьениса аралдаса, лъабго медицинаялъул сестра гурони тIадегIанаб лъай бугев тохтур росдае хIажатаб къоялъ ватичIолъиялдаги гIажаиблъи гьабизе бачIана. Гьеб заманалда БацIадаги байбихьана рихха-хочи, хIинкъи, жакъаги щалдай хъахIаб ретIел ретIарал гIадамаз Гъунире рачун унел ругелин цоцахъе телефоналъ ахIдей…
Амма гIаммаб къварилъиялъ жеги цолъизабураб жамагIаталъул тIалабги гьабун, росдаде рещтIараб захIматаб заманалда гьелъул цевехъанлъун лъугьана, «ХIакъикъат» газеталдасан баркала кьезе бокьун бугин росуцоял дихъе хъвадариялъе гIиллалъун ккарав, росдал бегавул Руслан Замалов.
Щивасе гьев лъугьана вацлъунги, васлъунги, киназго ахIи балев, жив гьечIого росу цебе чIезабизе кIоларев чилъунги. Русланица бихьизабуна росуцояз жиндего гьабураб божилъи гIададисеб батичIолъи. Цояз – къварилъахъдилаго кьолеб буго гьесие баркала, цогидаз — гьев бахIарчи вугинги абун, кIиго рагIиялдалъун кьолеб буго гьесие къимат.
БакIалъулаб радиоялдасанги телефоназдасан тIиритIизарунги Русланил лъазабиял щолаан кидаго росуцоязулгун бухьеналда йигей дихъеги. БачIинахъего унти къотIизабизе росулъ карантин лъазабизе гьесул бакIалда цогидавги кантIилароан. ТIоцебесеб иргаялда, хIажат рукIана дараби. ТIоцебесеб лъазабиги букIана росдал хIажалъабазе цебе- цебе бакIараралда тIаде росуцояз, щивасул ресалда рекъон, гIарацги бакIарун гьел росизе ккеялъул. Телефоназдасан бачIараб лъазабиялъухъ гьесие баркалацин кьуна росу тун къватIир ругелги бецIдерица. Гьезги байбихьана, Русланилгун бухьенги ккун, гIагараб росдае хIажатаб къоялъ ратизе. БецIдерица ракI-ракIалъ баркала кьолеб буго жакъа жидеде рещтIараб къварилъи гIахьал гьабурал мадугьалзаби — ГIунтIиб росдал жамагIаталъеги. Гьезги, жидерго росуцоязул къукъаялдасан лъазабиги кьун, бакIарун гIарацгун, БацIаде щвезабуна лъикIаб къадар дарабазул.
Росулъе нух къана. Районалъул бетIер МудунхIажи Къадировасул тIалабалдалъун райбольницаялдаса, бецIдерица баркала загьир гьабулев кIиго тохтур витIана БацIадаго сах гьаризе бажарулел гIадамал сах гьаризе гьенирго рукIине (больницаялда унтарал регизаризе бакIги хутIун букIинчIелъул). Росдал бегавул Русланица, хIалхьи гьабизени киса гурин, живгоги унтилин хIинкъизецин жиндиего изну кьолеб букIинчIо. Гьев вихьулев, рагIулев вукIана кивго, сордо-къо батIа гьабичIого: мехелалда жаниб жаназа кида росулъе щолеб бугониги, Русланги гьесда сверухъ гъункарал гIолохъабиги хабзалалъ рукIунаан. Гьелго гIолохъаби, ирга гьабун, посталда дежурствоялдаги рукIуна жакъаги. Гьезиеги, Русланиего гIадин, унтизеги унтун хадур сахлъичIого рукIинеги ихтияр букIинчIелъул, хварал рукъизеги росдал бегавуласе мугъчIвайлъун рукIинеги гьел гьечIого гIоларелъул…
ВорчIичIо Русланги вирусалдаса, живгоги унтана, рокъосездеги бахана. Аллагьасул кумекалдалъун рокъорго сах гьаризе кIвана. Унтана «Хехаб кумекалъул» машина бачунев АхIмадги. Щибаб къоялъ унтаразда цадахъ вукIунев гьевги вирусалдаса ворчIичIо.
Гьеб мехалда Руслан живго лъугьана «Хехаб кумеклъунги». «Калина» маркаялъул мех бараб гьесул машинаялда, захIматго унтаразе тIагIам бахъи гуребги, живго Русланиеги хIинкъи цIикIкIана гьездаса унти бахиналъе. Гьеле гьебги, гьеб гуребги, росуцоязда лъаларебги жидерго бегавуласул бугеб ракIунтиялъ, тIалабалъ рохун, гьесие дугIаялда руго жакъа росулъги къватIирги ругел бацIадисел.
Жалго росуцоязда гIадин, дидаги лъала гьаб каламги Руслан Замаловасе бокьизе гьечIеблъи, тIадежоялъе, гьеб гьесул рекIее бакIлъизецин букIин. Гьес абизе буго гьеб жинда тIадаб иш букIанин ва жакъаги бугин. Кин бугониги, абила — баркала, Руслан!
Нилъер Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадис буго: «ВатIан бокьи иманалдасан буго», — ян абураб. ВатIан буго баракат. ТIоцебесеб ватIан — вижараб росу кколелъул, гьелдаса байбихьула кIудияб ВатIан бокьиги. ВатIан бокьиги, хасго гьаб заманалда, кинавго нухмалъулесулъ батулебги, гьесие щолебги шапакъат гуро. Дуе, Руслан, гьеб щун букIин бихьизабуна жакъа росуцояз кьолеб къиматалъ.
Аллагь разилъаги дудасаги дур хьибил ккун чIарал нилъер гIолохъабаздасаги, чIагоял сахлъизеги, хварал абадияб рокъоре тIоритIизеги рахъун чIаралъухъ. Бухъизе ккогеги нужеца анцIила ичIго, жеги зани чIвачIел, жеги цIарал гьечIел хобазда тIаде тIокIабги хобги, квешаб макьу гIадин аги, лъугIаги коронавирусин абулеб унтиялъ бачIараб магIуги, ракIал кIорокIараб асарги… Аллагь гурхIаги киналго хвараздаги тIолалго чIагояздаги!