Мокъокъ росдадаса кIиго километралъул манзилалда, бакътIерхьул рахъалда, Микьуда гIурул рагIалда буго ицц. Гьениса лъим гьекъолеб мехалда цо дагьабго чIабтIил махI чIвала. Гьеб буго кванирукъалъе цIакъ пайдаяб лъим. Гьелда халкъалъ лъун буго «Бодохская минеральная вода» абураб цIар (БМВ).
Мокъокъ
МагIарухъ хIалтIулев цо тохтурасул квералда байбихьун букIана экзема. Чанго батIияб дару хIалтIизабуна тохтурас, амма хIасил ккечIо. Гьесие кумек гьабуна БМВялъ. Дица гьеб битIун букIана шагьаралда ругел цо-цо профессоразеги. Риидал авлахъалда хIалтIулб мехалда хIатIазда гIетI балаан, гьездаса бахъунаан рокьукъаб махI. Лъабго-ункъо нухалда гьебго лъелъ лъуна дица хIатIал – гьелдаса нахъе я гIетI баларо, я махIцунаро.
БМВ битIун букIана Пятигорскиялъул лабораториялде. ЛъикIаб, жиндилъ гIемерал пайдаял жал ругеб лъим бугин абун хъвараб кагъат кьуна гьениса. Лъел чвахи гьитIинаб букIин рекIее гIун гьечIоан гьезие. ГьабсагIаталда БМВялъул ицц ккун буго, нух балаго, гъегъги бан лъугьараб хIоринибе. Хьул буго заманалдасан гьеб цIидасан къватIибе баккиялде.
БежтIасан Гуржиялъе унеб Аваро-КIахети нухда хьолбохъан чвахулеб Симбирисхеви гIурул рагIалда буго бухIараб лъел ицц. Советияб заманалда гьениб хIухьбахъизе рачIунаан гуржиял, азербайжанал, мадугьалихъ районаздаса магIарулал ва цогидалги гьалбал. Гьезул гIемерлъиялъ бакIалъул халкъалъе рес щолароан бухIараб иццул лъедаса пайда босизе. 7-10 къоялъ гьабураб хIамамалъ кумек гьабулаан ревматизм, хондроз ва цогидал рукьбузул гIузраби ругел унтаразе. ЦIигьабун гIуцIиялда цересел соназда бицунеб букIана гьениб санаторий базе бугиланги, амма гьеб букIун буго кьучI гьечIеб хабар. Хадубккун «Хунзахъводстрой» абураб идараялъ, Аваро-КIахети нух бахъулаго гъегъги бан, бацизабун букIана бухIараб лъел ицц. Ицц «тIад буссинабизе» рагIиги кьун букIана рехсараб идараялъул нухмалъулез, амма гьеб чамалиго соналъ гьединго хутIана ва халкъ махIрум гьабуна даруяб лъедаса щолеб букIараб пайдаялдаса. Гьоркьоб заман индал, ицц къачIана бежтIадерил гIолохъабаз. Амма гьанжеги гьенире ине рес щоларо: гIорхъи цIунулезул заставаялдаса гьукъула хьвадизе. Гьеб бакIалдаса хурдул ракIаризе риччаларого рукIана ДФИЦалъул «Горный ботанический сад» абураб институталъул гIалимзабазецин. Ахирги Кьадал росдал советалъ кьураб справкагун, гIалимзабазе рес кьуна цIех-рехалъулаб хIалтIи гьабизе.
Инхокъвари
ЦIумада районалъул Инхокъвари росдада аскIоб бугеб даруяб ицц лъаларев чи ватиларо магIарухълъиялда. Араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназда ЦIумада районалъулгун гIорхъода бугеб ЦIунтIа районалъул Сагьада росулъ хIалтIулаго, гьеб иццул лъим гIемер хIалтIизабулаан дица. Дица мухьдахъ ккураб рукъалъул бетIергьанчIужуялъ, кванилъ балеб содаги гьечIого, гьеб лъеда буцараб гIатIал гьарулаан татуял хинкIалги цогидаб квенги. ТIиндиса хъвадарухъан, Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахIикъав мугIалим Гъазиев Расулица абулаан, Инхокъвариялдаса лъим гьекъон, жиндир кванирукъалъул ганчIалцин ххенолеб хIал лъугьанилан абун.
Росдада дандбитIун, накIкIил рохьаз тIерхьинабураб гIор бахун добехун бугеб иццалдаса 50 метралъул борхалъуда букIана унго-унгояб санаторий. Ункъ-ункъ ва щу-щу чиясе бакI бугеб 4-5 рукъги, даруяб лъим кин гьекъелебали малъулев 2-3 тохтурги вукIана. Анкьидаса яги 10 къоялдаса сахлъун рокъоре тIад руссунаан гьенире рачIарал унтаралги. Щибаб къойил камулароан лъеда хадур рачIарал гIадамалги. Дагьал соназ цебе иццде дандбитIун бана гIадамал хьвадизе санагIатаб кьо.
Щай нилъер ракьцоял хьвадизе кколел батIиял регионазул санаториязде? Нилъер бугеб тIабигIияб бечелъиялдаса пайда щай нилъеца босулареб? Гьелдаса пайда босиялъе санагIатал шартIал гIуцIани, бакIалъул бюджеталъеги хайир букIинаан.