ГIемерав чиясе чанги батIияб зарал ккараб сон бачIана исана. Культураялъулгун искусствоялъул гьунарчагIазул киндай бугеб ахIвал- хIалилан хIалтIана пикру. Гьезул цо-цо коллективал хIалтIуде хьвадулел ругоан, инчIого рокъор чIаралги камилищха, киналго районазда цого низам гьечIелъул.
КингIагидай рокъор хIебтIун руго гвангъарал концертаз, бечедал бертабаз, къасисел рестораназул чалухал банкетаз хьихьарал кочIохъаби? Гьезул цоялъул зигара чIвана гIинда гьал гIагарал къояз. Махсара жубараб гьадинаб кIалъай ккана гьелъулгун:
— Кеп гьечIо дие гьаб пандемиялъул.
— ВахI, хутIанщиназе сухIматищха гьаб?
— Нужее щиб захIмалъи бугеб, хIукуматалъ харжги кьун ругин рокъор.
— Мунги йигогури, гъоб пуланаб, маданияталъул идараялъул штаталда? — ян щвезабизе ккана ракIалде.
— Вуя, щиб бицуней мун! АнцIила щуазарго гъурущ! Гьа-гьа-гьа, гьеб сундуе гIолеб жо!
— Йо, анцIазарго гурони харж рокъобе бачIунарелги руго гIадамал. Гьез хъизан хьихьула.
— Лъаларо, гьез кинабгIаги экономиялда гIарац хIалтIизабизе малъулеб гIелму лъазабун батила.
— Дуе гIолареб жо щиб? Рукъзал руго хайир кьолел, гьебги цо гуро. Машина буго. Концерт-банкетазде яхъине цIияб партал босизе кколеб гьечIо пандемиялъул заманалъ. Аллагьасукьа хIинкъа.
— Щиб дуца бицаниги, дида лъаларо гьеб анцIила щуазарго цIулал гъурщида рекъон гIумру гьабизе.
— Гьебги гьечIого хутIани лъазе буго дуда гъурщазул къимат, — ан тана хабар лъугIизе.
Шагьаралъул рестораназда кечI ахIулел кочIохъабазул мухъилъ нагагьги ватизе рес гьечIо хIукуматалъул чвантиниса харж щоларев, маданияталъул идарабазул хIалтIухъанин рикIкIунарев чи. ЛъагIалие лъабцIул гъоб идараялъул тадбиралда цереги рахъун, нахъраталие харжги карточкаялде чвахун руго, эмехвадал. Ведомосталда гъулбас гьабун харж босулеб заманалъ, моцIрое цо нухалъниги раккизе кколел рукIун ратила «жал хIалтIулеб» идараялде. КучIдулги кинал ва кинан ахIулелали нилъеда лъалаха, маххул къебедас тIагIел гIадин студиязда къачIалеб гьаракь-бакъан, гьенибги бищун къуватаб алат — гьитIинаб флешка! Чанго батIияб масъала борхун, мисалал рехсон хъвазе бегьила миллияб кочIол бугеб татуго хвараб ахIвал-хIал.
МустахIикъабго гьечIониги, гIемер такрар гьабулеб рагIула «оцол багьаяб кечI» абураб умумузул машгьураб аби. Оц кьун руцIцIинарун бажарулеб гьечIо, машинаялъул кIулал кодоре щванигицин цIияб щавкъалда къосинабулеб буго гIалам гIадлу биххараб гIамалалъул кочIохъабаз. МакъратIисалъ гIадин халкъ гьезда тIаде цIалебги щиб хIикмат лъаларо. Гьеб кинабго рихаразул рахъалдаса цо-цо бадирчIваял камуларо хъвадарулел чагIазеги.
«Щай нужеца хIакъаб рагIи абулареб, гьагъал гьалагал руччабазда, гьезий хъат балезда?» «Жал магIарулал, бусурбабиян рикIкIунадай гьез?» «Жидер хIурмат цIунулеб хIалалъги ахIизе бегьулагури кечI…»
Журналистал диванчагIи гурелъул, нижеда кIалгьикъун щай? Лъица щиб бицаниги, жидее къабулаб гуреб рагIи, мохмохалдаса лъим гIадин, гирула гьездаса.
«Культураялъул министерство щибулеб жоха? Гьезул букIунарищ кочIохъабазул магIна-гIиналъул милат гьабулеб отдел?»
Культураялъул министерствоги батилаха, культурный къагIидаялъ ретIа-къан, кагътазда квал- квалдулаго, кабинетазда жаниб къан.
Кин бицаниги щиб, шоу- бизнесчагIазе кутакалда эркенаб гIасру буго, амма сухIматал гьукъараб пандемиялъул кваркьи саламатго хъван батила гьезулги чвантида.
Роцен кинаб бугеб гьунар борцунеб?
Гьанибго ракIалде щвана кIиго соналъ цебе гIассияб цо кечI рагIидал лъугьараб асар.
Райгазеталдаго хIалтIулеб заман букIана. Къаде какгун квандаса хадуб хIалтIуде нуцIа рагьидал, берцинаб кечI-бакъаналъул сас чIвана. Редакциялъул гIолохъанай хIалтIухъан Рисалат йигоан, интернеталдасан гIисинккун биччараб кочIохъе, клавишабазда хIарпал рищулей.
— Гьаб щиб цIакъаб гьаракь-бакъан?
— МагIарулха, интернеталдаса. Модаялда бугеб, гIемеразе бокьулеб кечIха гьаб.
Цо дагьаб гIинтIамуна дицагоги. Зани бегараб рагIабазул такрарлъи- припев:
…Герегун герегун,
рег-регун рег-регун,
Герегун рег-регун
тIогьол мугIрузда.
Герегун рег-регун,
рег-регун герегун,
Герегун рег-регун
кIиялго цадахъ..
— Цоги нухалъ редакциялда жаниб рагIани, гьеб кечIги, компьютерги, мунги Авар гIурулъе риччала!- ян махсара жубараб бадибчIвай гьабуна.
Шагьра ккун, телалъул квараз бачун, интернеталъ тIибитIизабун магIарухъе бачIанщинаб чIанда гIурулъе бани гIорги загьрулъила. Умумуз абухъего, нацIида ццин бахъун хъабарчаги бухIизе бегьилищ? Месед гIадай нижер хIалтIухъаналдаги компьютералдаги бугеб багьана щибха? Гьелде тIадеги, гьаракь-бакъаналъухъ гIенеккун гурони жинца рагIабазул магIнаго гьабичIин Рисалатги йихха-йикана.
«Борхатаб» поэзия, «гъваридаб» образ! Гьунар тIокIал шагIирзабаз хъварабдай, кочIохъаналъ жинцаго ургъарабдай? АхIулелги лъаларо, хъваралги рагIичIо. Дида рагIичIони щиб, халкъалъ такрар гьабулеб бугелъул.
Нужеца хIисаб гьабе, 700-800 чи гIодов чIолеб концерталъул зал «Герегун-рег-регун» кечIалъ кверде босараб! ГIив-гIав, чIинкьи-хъат, гIодор чIаралъурго ясазул кьури- кIичIи.. Гьев нус-нус чиги — магIарул гIолилал, нилъер букIинесеб, гIисинал лъималазул улбул.
Гьел концертазда улбузул телефоналда бахъаралъухъги балагьун «Лег-легун, гелегун»-ин такрар гьабулел, гьанжего гьанже рахьдал мацIалъул рагIаби абулел гьитIичал! МагIна босизе лъалареб, пикру гьабизе кIухIалаб, нилъер кIваргьечIолъиялъ куцараб наслу.
Дица бицинаро гьел, цIвакарал «цIвабзазул», тIогьол бусабазда «рег-регулел» образаз жал машгьурлъарал «шагIирзабазул», гьезие къимат кьезегIанасеб гIакъиллъи дилъ гьечIо. Амма, суалал рижула гьел «гьунарчагIи» Дагъистаналъул маданияталъул ва адабияталъул цебесеб кьерде росулел хIакимзабаздехун. Сундухъ кьолел жалдай «Дагъистаналъул мустахIикъал, халкъиял» цIарал? Кинаб роценалъ борцун гьунаргун росулел «шагIирзаби» Россиялъул хъвадарухъабазул мухъилъе?!
Культураялъул министерствоян абулеб, Хъвадарухъабазул союзин абулел цIакъ серьезный кьучIалда гIуцIарал солидный бакIал руго нилъер. Рикьулел руго цIарал, кьолел руго багIарал книжкаби, каранда разе шапакъатал. Гьунаралъул махIго гьечIезеги рагьун буго каву кIудияб сценаялде. Щай, сундухъ?! Судухъали бицинаро, жидедаго лъани гIела, халкъалъеги гьеб балъголъи гуро. Гьезулго кодоре, ма, бокьараб ахIе, бокьараб бице, бокьараб цIалеян кьолел руго миллиял театразул, райцентразул маданияталъул кIалгIаби. Рощнол чIарбидаса борхине гIечIеб даража гьел «гьунаразул» батаниги халлъуларел маданиятгун адабият роцIинабеян хъулухъалги кьун таралгиха!
Нужеца копоего, гьал цо «рег- рег» тайпаялъул цониги кечI гIурус мацIалде буссинабе лъугьунеб кайфушниказул каламбур бихьизе!
Мавлид ахIугейин, чи хваралъуб панкъ тIамунги садакъа бикьугейин, рокъор ругел лъималазул расанкIаби рухIейин, ЦIияб соналъ гьитIичазе ёлка лъогейин вагIза- насихIат гIезегIан рагIула. Амма, гьелде ирга щвелалде щивас жиде- жидер мухъаздаса, росулъа хъвалел ва ахIулел «рег-регазда» рекIелъе иман тIинкIулеб гьуинаб хабар бицани, вирусго гIадин мунагьал тIиритIизарулелги дагьлъилаан.
ХадурагIи
Ахиралдаги абила, гIемераб жавгьар буго халкъалда гьоркьоб, жал цIакъалин цере рахъунарел. ТIабигIаталъго кьураб гьунар гьез рагьула жидер росу-ракь берцинлъиялъе, хъизаналъул ва гьудулзабазул горсверулъ. Гьединазул къиматги къадруги кидаго букIана, гьез цоцахъе кьун цIунунги буго миллаталъул хаслъи. Гьеб рагьизе нижедаги тIадаб букIинарищха.