Новость на родном

10000 тохтурасе баркала

Коронавирусгун къеркьолаго унго-унгояб бахIарчилъи бихьизабурал тох­турзабазе баркалаялъул кагътал кьуна республикаялъул нухмалъулев Влади­мир Васильевас. Гьезие мустахIикълъана 10 000-ялдасаги цIикIкIун чи. Гье­динго хIурматиял шапакъатал ва цIарал кьун кIодо гьаруна сахлъи цIуниялъул 223 хIалтIухъанги.     Гьезда гьоркьоса «Реццалъе мустахIикъаб захIмат» абураб шапакъат щвана анкьго чиясе, 128-ясе кьуна «Республикаялъул мустахIикъав тохтур» абураб цIар, 41-ясе -«Республикаялъул сахлъи цIуниялъул мустахIикъав...

Новость на родном

Конституциялда хиса-басиял: лъикIищ, квешищ?

КватIичIого РФялъул Конституциялда гьаризе ругел хиса—басиязда бан, цо—цо дагъистанияз гьадинал пикраби загьир гьаруна «ХIакъикъат» газеталъе.     «Путинидаса лъикIав чи вихьулев гьечIо» МухIамад РАМАЗАНОВ, юрист, ННТ телеканалалъул ведущий: -Лъица щиб бицаниги, дица рахъ ккола гьел хиса-басиязул. Гьезул багьанаги батун, президентасул болжал халалъизабизе къваригIин кколин гьелъул магIнаян чIун руго цо-цо чагIи. Амма гьедин гьабуниги­цин, Владимир Путинидаса...

Новость на родном

2020-2021 цIалул сон: хиса-басиял

РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ цIияб цIалул со­налде хIадур гьарун руго иргадулал хиса—басиял.   ТIоцебесеб классалде лъимал рачине руго гьез гIумру гьабу­леб бакIалъул хIисабги гьабун. Гьедин букIана кидаго. Амма исана школалде тIоцебесеб классалде вачIунев цIалдохъанасул вац яги яц батIияб, ай жидеца гIумру гьабулеб микрорайоналда гуреб школалда цIалулел рукIун ратани, тIоцебесеб иргаялда гьебго школалде босизе ккола гьеб...

Новость на родном

Нилъер гIумруги шагIирасул гIакълабиги

Зоб роцIун цIад банани, цIакъ бохула тIабигIат, ГIадамил ракI роцIунеб цIад хIажатаб ракьалда. (Инхоса ГIали-хIажи) ГьацIул хъабинибе хъублъи ккараб, нилъго ки­рехун унел ругелали нилъедагоцин лъалареб гьаб хIабургъараб заманалда, шагIир, гIакъил, гIалим Ин­хоса ГIали-хIажил асараз къобахъанагIан гIажаибаб асар гьабулеб буго дие. Гьале жакъаги, кодобе гьесул тIехьги босун, гIакълудал ралъдалъ бищунго гучал карачелазул цояллъун ругел кицабазулги алфазазул­ги...

Новость на родном

ВатIаналъул солдатал

Исана кIодо гьабуна КIудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тIубай. Нилъер гIолилазда лъазе ккола сундулъ букIарабали Советияб ар­миялъул къуват ва сунца кумек гьабурабали вахIшиял фашистаз­даса бергьенлъи босизе…     «РФялда лъай кьеялъул хIакъалъулъ» абураб законалда­ги, «РФялда лъай кьеялъул мил­лияб доктринаялдаги», «РФялъул гражданазулъ патриотизм ку­цай» абураб программаялдаги, «РФялда гIолилазе тарбия кье­ялъул хIакъалъулъ» абураб кон­цепциялдаги ва «ДРялда ватIан бокьиялъул...

Новость на родном

Къисматалъул сайгъат – нусго сонилаб гIумру

Гъуниб районалъул СалтIа росдал жамагIаталда лъикI лъала­ан Аминат-кIодо. Гьей гьаюна араб гIасруялъул 20-абилел сона­зул байбихьуда.   1970-абилел соназда дун хIалтIулев вукIана гIелмабазул кандидатасул диссертациялда тIад. Щвана республикаялъул централияб архивалдеги, цIалана дол соназул хIакъикъат рагьулел гIемерал документалги. БакIаб асар гьабулаан гьез ракIалъе. Кин гIумру гьабулеб букIараб нилъер умумуз? Рукъги, хъи­замги, колхозалъул хур-ахги жи­дер гъуждузде бегарал руччабаз...

Новость на родном

ГIорхъаби рагьаниги, гIорхъичIваял хутIана

15 июналдаса байбихьун республикаялда гIорхъичIваялъул низам дагь-дагьккун нахъе бахъизе байбихьана. Амма ахIвал-хIал хIалуцани, гьеб хIукму хисизабизе бугин, гьединлъидал гIорхъичIваялъул низам бигьа гьаби заманаялъе гьабураб тадбирлъунги ккезе рес бугин лъа­забуна гьал къоязда республикаялъул «Роспотребнадзоралъ».   ТIоцебесеб иргаялда, хIалтIизе риччана парикмахерскиял, ретIел чурулел бакIал, хIамамал, батIи-батIияб къайи-цIа бичулел тукаби ва гьел гурел цогидалги бакIал.   Гьединго шагьаралъул...

Новость на родном

«Дунги инчIони, цоги щив инев?»

  «ХIакъикъат» газеталъ байбихьулеб буго, коронавирусалде данде къеркьолаго гIумруялдаса ратIалъарал, медицинаялъул хIалтIухъабазул хIакъалъулъ хъвазе. ГIаммаб куцалда Россиялда гье­зул 190 чи хванин хъвалеб буго ин­тернеталда. МухIканлъи жеги лъа­ларо. Гьединго чIванкъотIи гьечIо Дагъистаналда хваразул рахъалъанги. Цояз 40-йин, цогидаз 50-йин рехсолел руго тарихал.     Кин батаниги, гьезул цояй ккола 28 апрелалда Аллагьасул къадарал­де щварай Гъуниб районалъул Шан­гъода...

Новость на родном

Лъимер гьабунгутIиялде рачине бегьула

Гьорорал хIатIал, понцIон рачIарал бидурихьал, гьоркьо-гьоркьоб рукIкIунел ччорбал – гьединал гIаламатал рукIуна варикозалъул унти бугони. Гьезде кIвар кьечIого теялъ сунде рачине бегьулеб? Бидурихьал гIатIилъарал чагIазе операция кин гьабулеб? Гьел ва цогидал суалалгун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чIвари гьабуна рекIелгун бидурихьазул унтабазул тохтур-хирург, ДРялъул сахлъи цIуниялъул отличник Ислам Албуриевасулгун. — Ислам, варикозалъул унтийин щиб унтуда абулеб?...

Новость на родном

РухIияб берцинлъиялъул расенал

Бигьародул гъотIол сариналъухъ    ХIалтIудаса хадуй шагьаралъул паркалде арай дие роол хIикматаб асар гьабуна хIанчIазул панаял бакъназги, гьел бакъназухъ гIенеккун машгъуллъун ругел гIолилазги, гIолилазухъ хIасратго балагьун бугеб рокьиялъги. Ццидалаб унтуца жанире къотIун рукIарал гIадамазул цIун букIана парк. Киса-кибего – сунтIун хIалхьолареб талихIалъул махI. Паркалда скамейкаялда гIодой чIарай диде аскIоре рачIана цIикIкIараб ригьалъул рос-лъади ва гIодор...