Новость на родном

5 G тушманлъунги ккун

   Жакъа интернеталъул бугеб кIвар бицинчIониги нилъеда лъала. Хасго пандемиялъул заманалда загьирлъана гьелъул хIажалъиги.     ЧIобого кьолеб интернет Унти тIибитIилин абураб хIинкъиялъ гIемерисел идараби, хъу­лухъал интернеталдасан гьаризе байбихьана – тохтургун кIалъазеги, пособиялгун пенсиял ва хIалтIухъ мухь щвезеги, цIала-къали гьаби­зеги, жеги гIезегIан жал гьаризеги интернет къваригIунеб батана.   Гьедин росабалъ гIумру гьабулел гIадамаз исана сон...

Новость на родном

ЦIорол Дадаги вачIун щиб рохел гьаниб бугеб?

Республикаялда байбихьулеб буго «ЦIияб сон — щибаб рокъобе» абураб акция. Гьелъул хIакъалъулъ бицана 14 декабралда «Дагъи­стан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда ДРялъул гIолилазул рахъалъ ишазул министр Камил СагIидовас.   ЗахIматаб пандемиялъул за­маналда ЦIияб соналъул байра­малда хурхун дандеруссиналги лъималазе байрамалги тIоритIизе рес гьечIолъиялда бан, ресукъал хъизамаздаса ва ковидалда данде къеркьолел ругел тохтурзабазул лъималазе сайгъатал рикьулеб къагIида ургъизе...

Новость на родном

МагIарул найил гьоцIоги гIиял гьанги

  Нилъер республикаялдаса найихъан Рафик Сефербеков бергьана «Россиялдаго бищун тIагIамаб гьоцIо» абураб кIудияб конкурсалда. Гьеб тIобитIана ДРялъул Найихъабазул ассоциациялъ, гьединго, гьеб тадбиралъе квербакъана республикаялъул Росдал магIишаталъул ми­нистерствоялъги.   Бищун лъикIал найихъаби тIаса рищулел рукIана анлъго батIияб номина­циялда рекъон. Конкурсалда цере лъун рукIана Россиялъул 30 субъекталда­са 200 батIи-батIияб тайпаялъул гьоцIо. Рафик Сефербеков бергьана «Полифлорнияб чIегIераб гьоцIо»...

Новость на родном

Унтарал дагьлъулел гьечIо….

Декабралъул бащдаб моцIалда жаниб республикаялда ковидалъ ун­таразул къадар цIикIкIана микьнусгогIан чиясдалъун. Гьезул гIаммаб къадар бахана 1750 чиясде.     Коронавирусалде данде къеркьолеб Россиялъул Оперативияб штабалъ кьурал баяназда рекъон, 30 ноябралда республикаялда ковидалъ унтун вукIана 937 чи.   МахIачхъалаялъул тIоцебесеб больницаялда ругел унтаразул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ Фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералдасан гьеб больницаялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Маллаевас...

Новость на родном

СалтIа цIияб нух рагьана

Гъуниб районалъул СалтIа росулъе рачIунеб шагьранух кьучIдасанго къачIан бахъана. Гьеб ккола 2017-2020 соназда Дагъистаналъул нухазул магIишат цебетIезабиялда хурхун къабул гьабураб программаялъул цо бутIа.    Нух рагьизе СалтIе рачIун рукIана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хиз­ри Абакаров, транспорталъулгун нухлул магIишаталъул министр Ширухан ХIажимурадов, туризмалъулгун халкъияб махщалил рахъалъ министрасул заместитель Эмин Мерданов, Халкъияб Собраниялъул депутатал МухIамад КIудиямухIамадов, Муслим Гиндиев...

Новость на родном

Гьудуласул къватI

ГIабдула Даганов гьавуралдаса 80 сон тIубаялде)   Дун унев вуго дирго гьудуласул цIаралда бугеб къватI ккун. Унев вуго гIодове виччан. Пи­крабазда. Гьаб къватI МахIачхъалаялъул цогидал къватIаздаса берцинабги, чIухIарабги, бацIцIадабги гьечIого батизеги бегьула, амма дие гьаб бищун берцинаб буго: гьанир ругел минабиги дида берциналлъун рихьула. Дида ккола гьел дунгун гаргадулел ругин, хIатта гъветI-херцин. Дун зама-заманалда щола...

Новость на родном

COVID-19 — лъималазда гурхIулеб унти

Дунялалда коронавирусалъ унтаразул къадар бахана 67 миллион чиясде. Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, цIех-рех гьабурал 70 проценталдаса цIикIкIун гIисинал лъималазул (7-8 сон базегIан) коро­навирусалде данде иммунитет лъугьун батана. Гьелда рекъон, лъимал къанагIат гурони унтулел гьечIин абун цIуна-къай гьабичIого тезе бе­гьиладай? Ясли-ахаздеги лъимал эркенго хьвадула, амма гьел щве­заризе яги нахъе рачине рачIарал эбел-инсуда маскаби ретIинарулел руго. Лъималаздаса цоцазде...

Новость на родном

Гьаваялда бижараб гьунар

  ТалихIалъул цIваялъухъе гьабураб роржен   АсхIабгIали цIалулев вукIана Буйнакск шагьаралда. Киназулго гIадин, гьесулги рукIана жиндир­го анищал. Гьелги гьес жиндирго цIваялда аскIор паракъат гьарун рукIана. Зама-заманалдасан гье­зухъе гьоболлъухъ гьес жиндирго пикрабиги ритIулаан. Цо къоялда, АсхIабгIалидацин гьикъичIого, гье­сул цIваялъ анищазда гъуна куркь­бал ва гьев вачун щвезавуна жин­дирго анищалъухъе гьоболлъухъ. ГIолиласда бичIчIана гьез жиндие рахIат тезе гьечIеблъи....

Новость на родном

Берцинаб херлъиялъул гъасда

МугIруз тарбия кьурал, кьурабаз лъадарарал МугIрул хараби-бихьинал. РетIун хъахIал сагула­бигун годекIанир гIодор чIарал гьез берцин гьабун букIунеб куц тIубараб росуго. Гьениб бижулебщинаб гIакъиллъи, гьенисан дунялалъулго гIакълабазул кавабахъе боржанщинаб камилаб калам. Гьанже­ги урхъун йикIуна дун харабаз берцин гьабулеб годекIаналъухъ. Росдадаго нур базабун букIуна гье­динаб гьайбатаб сураталъ: цо заманалдасан векерун вачIуна васасул яги ясалъул вас. Хурхун виччан...

Новость на родном

«Хунзахъе щведал, ракIгицин батIайисан кьабула дир»

Гьаб буго МухIамад ГIисаевасулгун дир кIиабилеб интервью. ТIоцебесеб босун букIана 2001 соналда, гьес Хунзахъ районалъул нухмалъиялде кандидатура лъедал. Доб мехалда гьев политикаялда гъорлъ вукIинчIо. Лъалаан МахIачхъалаялъул мэриялда хIалтIулев чи хIисабалда. Гьединлъидал Хунзахъ районалда тIоритIизесел рищиязда гьев бергьинин абураб ракIчIейги къанагIатав чиясулги букIун батиларо. Щайин абуни гьенир гIахьаллъулел рукIана гIезегIан гIадамал. Амма МухIамад бергьана рищиязда. Хунзахъ...