Новость на родном

«Меседил мугьал» рищун кьуна магIарулазе

  ЦIикIкIараб гIелалъул гIадамазда, хасго педагогазда ракIалда вати­ла Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялда авар мацIалъул дар­сал кьолев вукIарав МухIамад ГIабдулаев. Гьев гьавуна 1924 соналда ЦIумада районалъул Лъондода росулъ. Анкьго класс росдал школал­да лъугIизабурав гьев КIванада байбихьул школалде учительлъун хIалтIизе витIана.       Рагъул соназда росулъ 8-9 классал­ги къан, анкьго класс лъугIизабурал гIолилал районалъул росабалъе учительзабилъун хIалтIизе...

Новость на родном

Бищун лъикIаб дару — прививка

 Дунялалда тIадго коронавирусалъул пандемия тIибитIулеб букIиналда бан, рахIат хвезабун буго «ХIакъикъаталъул» цIалдолезулги. Гьеб рахъалъ жакъа республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул, гьелда­са цIуни-къай гьабизе кколел къагIидабазул бицун, нижер суалазе жавабал кьуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул Управлениялъул от­делалъул начальник Мурад Рамазановас:   — Мурад, коронавирусалъ гIадамал унтиялъул рахъалъ Дагъистаналда щиб хIал бугеб? — ТIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго унтаразул къадар. Гьоркьохъеб хIисабалда,...

Новость на родном

Дагъистаналъул мелиорация: жакъа ва метер

2020 соналъул 24 сентябралда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул дан­делъиялда кIалъалаго, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заме­ститель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас абуна: «Дагъистаналъул экономикаялда аслияб бутIа ккола агропромышленнияб комплексалъ (АПК) – гьелъул цебетIеялда бараб буго росабалъ гIумру гьабулел гIемерисел дагъистаниязул», — ан. Гьаб макъалаялда бокьун буго «Мелиорация – Дагъистаналъул АПК цебетIезабиялъул стратегияб рахъ» абураб темаялда гьабураб ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул кIалъаялдаса аслиял бутIабазул...

Новость на родном

Фатимал нашидазулъ бахчараб къисмат

Гьелъухъ гIенеккаразул ракIал хIеккуна. Гьелъул гьаркьихъе щива­сул ракI гIодула. Къваридаб къисматалъул къасидатаз бищун хириязухъ тIолеб магIуги бигьалъизабула. Гьединай йиго ЧIарада районалъул Ба­гинуб росулъа Фатима ГIисаева. Гьелъул рекIелъа чваххулел пашманал нашидал рагIичIев чи къанагIат гурони ватиларо магIарулазда гьор­кьов. «Эбелалъухъ чIалгIун йиго дун» абураб нашид гьелъ ахIулелъул гIодуларей чIужугIаданго ятиларо.   ГьитIинго эбелалъул хинлъигун рокьудаса махIрумлъарай Фатимаца...

Новость на родном

РухIиял гьоркьорлъаби гIагар гьарулеб форум

Динцоял ва дин батIиял Аллагьасул лагъзал Дагьаб цебегIан МахIачхъалаялда рагIалде бахъана диназда гьор­кьосеб гIолилазул форум. Гьелда гIахьаллъана Россиялъул регионаз­даса ва къватIисел пачалихъаздаса батIи-батIиял диназул кинавниги 70 вакил. Форум араб куцалъул бицана 2 октябралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда.     Республикаялъул миллияб поли­тикаялъул ва диназул суалазул рахъ­алъ министр Энрик Муслимовги муфтиясул заместитель МухIамад Майрановги рачIун...

Новость на родном

ЖамагIатчагIазул гIарзал

8 октябралъул къалъудаса хадуб ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев Сергей Меликов дандчIвана республикаялъул жамгIиял хIаракатчагIигун, Харабазул советалъул вакилзабигун.     Харабазул советалъул нухмалъулев ГIабдула МухIмадовас С. Меликовасе малъа-хъваял гьаруна гIадамал хъулухъаздаса рахъизе гIедегIугейин, гьезул щивасул х1ал­т1и борцинчIого. МухIамадовас гьарана ДРялъул бетIерасулгун хIукуматалъул адми­нистрациялъул нухмалъулев Вла­димир Ивановги тейин гьеб хъу­лухъалда. «Дагъистаналъе цIуне гьев, кивего виччаге», — ян...

Новость на родном

Сталинградалъул цIар тIад буссинадай?

  БакътIерхьул улкабазда бугелде ва гьениб къиматаблъун рикIкIунелде дир рекIелъ рокьукълъи букIаниги, дие къа­булаблъун лъугьун буго гьениб дида бихьулеб ва нилъеца рахъ кквезе мустахIикъаб цо хIужа – доба хIукумат хиса­ниги, бетIерлъуде щив кканиги, хисизаричIого хутIула къватIазда ва шагьаразда лъурал цIарал. Большевика­зухъе улка ккедал советияб Россиялда лъилъулареб ун­тилъун лъугьун буго цIарал хисизари.     Дир пикруялда...

Новость на родном

Росу цIилъулеб буго

Шамил районалъул Хучада росулъе щведал, бегавул Жамалудинов Къурбан-ХIусен ватана культураялъул рукъ балеб бакIалда хIалтIулев. Мурад бициндал, росулъ цо свери бахъун лъикIинги абун, гьес цадахъ вачана дун.     Чанго соналъ цевеги щун вукIана Хучаде, амма гьаб нухалда гьеб хисун, цIилъун батана. Гьев бега­вуллъун хIалтIизе лъугьараб 2015 соналдаса нахъе гIурал хIалтIаби гьарун ругоан росулъ. — ТIоцебе...

Новость на родном

Анищазда хадуй сапаралъ

ХIакъикъаталдаги учителасул букIунаро бокьичIого гьабулеб хIалтIи, гьесие щолеб харжалъухъ хал гьабидал. Ратизе бегьула гье­зул кьеразулъги рес къотIун школалдаго хутIаралги. Амма, аслияб къагIидаялда босани, гьенир руго учителасул хIалтIухъ ккараб рокьу­ца школалда ккурал хIикматал гIадамал. РакI-ракIалъ бокьичIони, кинаб бугониги хIасил кьоларо учителасул хIалтIуца.   Релъиги, гIодиги, квешлъиги, лъикIлъиги, хIалуцинги, сабруги, берцинлъиги, гьайбатлъиги, хин­лъиги, цIоройги. Гьеб киналъулго тIогьиб...

Новость на родном

ХъахIаб халгIаталъул къадру цIунана

25 сентябралда 70 сон тIубана ДРялъул мустахIикъав тохтур, РФялъул сахлъи цIуниялъул отличник, тIурул унти ккарал гIадамазе кумек гьабулеб республикаялъулаб централъул (Центр антирабической помо­щи) нухмалъулев, хирург ва травматолог Анварбег ХIажиевас. Анварбегил хIакъалъулъ абизе гьев бегьула унго-унгояв, унтарасул тIалабалда гIумру унев тохтур вугин абун. Инсанасул сахлъи цIуниялде жавабияб тIалабчилъи букIуна гьесул. «Нижеца унти сах гьабуларо. Ни­жеца сах...