Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?

Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечIо

 

18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.

 

Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагIаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цIикIкIун чияс.

Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ 25 январалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана ракIалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.

 

Аслияб куцалда гьеб гьабизе буго цIикIкIараб ригьалъул гIадамазе. Амма цо-цоязул тIубан божилъиги гIолеб гьечIо гьеб вакцинаялда.

Киназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цIех-рех гьабуна батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул гIадамазда гьоркьоб.

 

Мурад АхIмадов, «Гьудулъи» ва «Лачен» журналазул бетIерав редактор:

 

— Г1акълуялда данде кколареб гIадаб жо кколеб буго гIадамал вакцина гьабиялдаса хIинкъулел рихьидал. Сахал, базалиял гIолохъаби вакцина гьабизе нахъе къалел руго, амма хвалил хIинкъи гъорлъ бугеб вирусалъ унтизе хIинкъулел гьечIо. Маскаби ххезе инкар гьабулеб буго, цIуна-къай гьабулеб гьечIо. Дунгоги унтун вук1ана гьеб вирусалъ, гьабсагIталдаги тIуванго сахлъун вугин абиларо.

Вакцинация гьаби-гьабунгутIи щивав чиясул иш буго. Дица абила цин лъикI ургъизе ккелин абун. Щайин абуни, гьеб бигьаго тIаса унеб тайпаялъул унти гьечIо, цIакъ рекIкIаб жо буго. Гьадинаб мехалда нилъерго гIага-божаразулги пикру гьабизе ккела. Щайгурелъул цIакъ хехго бахунеб бугелъулха гьеб унти.

 

Бищун захIматаб жо буго мунго сабаблъун цогидазе зарал ккелин абураб пикруялъ ханлъи гьаби. Цо чи сабаблъун чанго чи хвезе бегьулин абураб пикруялъ чIвалел рукIана нилъ. Гьединлъидал цоги нухалда ургъизе ккела. Дица вакцина гьабуни, гьелъ рес кьезехъин буго чанги чиясул гIумру хвасар гьабизе.

Нижер хъизамго букIана унтун. Эменги унтана, дунгоги унтана, кIиго сон барай яс хутIун киналго больницаялде ккана. Больницаялда 25 къо бана дица. Амма, ракIчIун абулеб буго, гIураб къадаралда дир антителабиги ратичIони, цоги нухалда унтизе ресги батани, дица, сундухъго балагьичIого, гьабила вакцина.