Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?

Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечIо

 

 

18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.

 

Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагIаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цIикIкIун чияс.

 

Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ 25 январалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана ракIалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.

 

Аслияб куцалда гьеб гьабизе буго цIикIкIараб ригьалъул гIадамазе. Амма цо-цоязул тIубан божилъиги гIолеб гьечIо гьеб вакцинаялда.

Киназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цIех-рех гьабуна батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул гIадамазда гьоркьоб.

 

Мурад Багъилов, Гъуниб районалъул Къорода росдал школалъул тарихалъул учитель:

 

— Районалъул лъай кьеялъул управлениялдаса бачIараб кагъат букIун батила доб, сон нижер киналго хIалтIухъабиги ракIарун, директорасги борхана гьелъул х1акъалъулъ суал. Киназго инкар гьабуна, дица хутIизегIан. Щайин абуни, нилъее квешаб жо улкаялъул нухмалъиялъ гьабуларо. Нилъеда бихьулеб буго х1акимзабазги гьеб гьабулеб бук1ин.

 

Мантуялде данде прививка гьабичIев чи, араб гIасруялъул 70-80-абилел соназул гIелалда гьоркьов цониги вук1инч1о. Гьелъул лъалкIги буго жакъа щивасул гъажазул бетIералда гъоркь. Щиб лъалеб, доб мехалдаги бук1ун батизе бегьула хехго т1ибит1иялда х1инкъи бугеб унти.

 

Палх1асил, дица вакцина гьабизе буго, цогидаз бокьараб гьабе.