Новость на родном

ХIикматаб цIаралъул Хиринду

МагIарул жергъенги, Америкаги, бадибчIвай гьабизе гIедегIарал гIадамалги   МагIарулазул йигин Хиринду-Сафи СултIанова абурай кочIохъанилан гьабсагIат дица хъвани, гьас бицунеб щибилан ццим бахъун лъугьинеги бегьула нуж. ТIоцебе рагIулеб бугин гьединаб цIар, магIарулазулги гье­динаб цIар бугел руччабийищин рукIунелин абун. Амма цIар магIарул руччабазул гIадаб гьечIониги, йиго гьединай гIаданги кочIохъанги.   ГIемерисезда гьелъул цIар тIоцебе рагIулеб батулеблъиги хIисабалде...

Новость на родном

ЛъагIилухъе сапар

Цо чанго соналъ цебе №35 гимназиялда тIобитIун букIана ре­спубликаялъул «Рахьдал мацIалъул лъагIалил учитель» конкурс. Гьелда гIахьаллъарай мугIалималъ дарсил цо бутIа сайгъат гьабун букIана ГIабасил МахIамадил творчествоялъе. Видеобухьеналъ­ул кумекалдалъун бухьен гьабун букIана шагIирасулгунги. Гьеб къоялдаса нахъе нижер анищ букIана ЛъагIилухъе щвезе. Кинго санагIалъи рекъечIо ва гьедин ана заман.     Исана нижер гьеб анищ тIубана. Дагъистаналъул...

Новость на родном

Нилъер шагьранухал бищун узданал

Россиялъул церетIурал шагьаразецин мисалияб ку­цалда къачIалел руго магIарухъе унел нухал ЛъикIаб тайпаялъул къачIарал нухал хIисабалда нилъер республи­каялда ругел шагьранухал росун руго Россиялдаго бищунго лъикIал нухазул сияхIалде. Киналго тIалабазде дандекколел ва хъулухъ гьабун къачIарал нухазул 56 процент хIисабалде босун буго статистикаялъу­лаб цIех—рех гьабураз. Россиялда бищун лъикIал нухал ратун руго Мо­скваялдаги, Ханты—Мансийскиялъул автономияб округалдаги. Нилъ­ер республика буго...

Новость на родном

БахIарзалги гIолилалги

19 cентябралда МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул Минаялъуб тIобитIана Россиялъул БахIарзазулгун гIолохъанал дагъистаниязул дандчIвай. Цереккун гьединал тадбирал Избербашалдаги, Дербенталдаги, гьединго ДГУялдаги гьаруна.     Улкаялъул 67 шагьаралда тIоритIана Совет Союзалъулги Россиялъулги БахIарзазулгун студента­зул, волонтёразул, школлъималазул дандчIваял. «БахIарзазул Вахта» абураб гьеб тадбиралда нилъер республикаялда гIахьаллъана 12 БахIарчи – нилъерго гьаниса, Ингушетиялдаса, Севе­рияб Осетиялдаса, Адыгеялдаса, Калмыкиялдаса, Алтаялдаса, Ро­стовалдаса ва Калининград обла­сталдаса....

Новость на родном

Эбелалъул сариналъ ВатIаналде ахIана

Тохтурасда хьолбохъ кидаго букIуна гIумруги хвелги. Гьезул даи­маб къеркьеялъул нугIлъун вугев МухIамад ИмангIалиевас къойил салам кьола гьезие. Операциялъулаб столалда чанги гIумру хваликьа бахъун бугониги, МахIачхъалаялъул №2 больницаялъул бетIерав тох­турасул рекIелъ абадияб бакI ккун батила коронавирусалде данде гьа­булеб къеркьеялъ.   Дунялалъего хIалуцарал гьел къояз МухIамадги гьесул коллек­тивги, цогидал киналгоги тохтурзабиго гIадин, макьу тун, рахIат тун, больницаялдаго...

Новость на родном

БахIарчилъи бичун босуларо

Дагъистаналъул халкъ кидаго машгьураблъун букIана ба-хIарчилъиялдалъун, цоцазде бугеб божилъиялдалъун, гIагараб ракь хиралъиялдалъун, эркенлъиялъе гIоло гIумру кьезе хIадурал рукIиналдалъун. Гьеб кинабго якъинго бихьана 1999 соналъул лъугьа-бахъиназдасанги.   Доб мехалда РФялъул президент Владимир Путиница абун букIана гьадин:     «ХIажалъи ккедал, гIагараб республикаялъул гуребги, тIолабго улкаялъулго къисмат жидерго биялдалъун цIунана дагъистанияз. Гьеб буго тIолабго Россияго гьезие ракI-ракIалъ...

Новость на родном

ХIалуцин цIикIкIараб заман бачIана

Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул (ДИРО) гIаммаб ва хасаб педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул заведующая, психологиял гIелмабазул кандидат Гулжан Тажудиновалъ «ХIакъикъаталъе» бицана аслиял масъалабазулги гьел тIуразариялъе гьарулел тадбиразулги хIакъалъулъ.     Нижер баян: Гулжан Тажудиновалъ лъугIизабуна ДГПУялъул биологиялъулгун химиялъул факультет. 1997-2001 соназда цIалана Москваялъул пачалихъияб педагогияб университеталъул аспирантураялда. ЦIунана психологиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. 1994 соналдаса нахъе хIалтIулей...

Новость на родном

Гьудуллъиялъул кьалбазда кьаву чIваларо

14 сентябралда МахIачхъалаялъул №9 школалда данделъун рукIана Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул байрам кIодо гьабизе.   ЦIалдохъабигун дандчIвазе рачIун рукIана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул председателасул заместитель, республикаялъул «Дагъистан» басмаханаялъул директор ГIумаргIусман ХIажиев, «Россиялъул халкъазул ассамблея» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясов ва «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.   Байрамалъул тарихалъул хIакъалъулъ бицана...

Новость на родном

Кьищни-къулалъ нахъеги «ахIи» бахъинабуна

МахIачхъалаялдагун Каспийскиялда бугеб кьищни-къулалъул суал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIана гьал къоязда, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Хизри ШихсагIидовас. Нилъер гьанир шагьаралъул бутIрул хисула, кьищнийин абуни бугелъубго хутIулин абун гIайиб гьабун кIалъана спикер.   ШихсагIидовас кIвар буссинабун бугин гьеб суалалдеян абураб хIужаялда хурхинабун кьолеб гьечIо нижеца гьаб баян газеталдасан. Кьищни-къулалъул гъуназул цIун ругел МахIачхъалаялъулги Каспийскиялъулги къватIал нижер...

Новость на родном

Хасавюрталъул цIияв мэр

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралъул бетIерлъун бакIалъулал депутатаз вищана Коргъоли Коргъолиев.   Гьесде щвезегIан (2015 соналдаса нахъе) гьеб хъулухъалда вукIана Буртунаялдаса Зайнудин Охъмазов.   Коргъолиевги гьенисаго ккола.   Хасавюрт шагьаралъул сайталда хъвавухъе, мэрасул хъу- лухъалде кандидатураби лъун рукIана 13 чияс. Гьезул анлъгоясе инкар гьабуна комиссиялъ, хадуб лъабго кандидатасги нахъе росана жидерго документал.     Коргъолиев гьавуна...