Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечIо
18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.
Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагIаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цIикIкIун чияс.
Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ 25 январалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана ракIалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.
Аслияб куцалда гьеб гьабизе буго цIикIкIараб ригьалъул гIадамазе. Амма цо-цоязул тIубан божилъиги гIолеб гьечIо гьеб вакцинаялда.
Киназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цIех-рех гьабуна батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул гIадамазда гьоркьоб.
ИсмагIил ГъазимухIамадов, ЦIунтIа райсобраниялъул депутат:
— Дица цIех-рех гьабураб суал гуро гьеб. Амма, кин батаниги, дица вакцинаялъул рахъ ккола, гьеб гьабизе киналгоги ахIула. ХIукуматалъ малъараб гьабуни, лъикIаб буго нилъее. Жал гIакъилзабиян гаргадулел чагIи камуларо, гьабсагIат камунги гьечIо. Дун божулароха гьединаз рицунел харбазда.