Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечIо
18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.
Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагIаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цIикIкIун чияс.
Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ 25 январалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана ракIалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.
Аслияб куцалда гьеб гьабизе буго цIикIкIараб ригьалъул гIадамазе. Амма цо-цоязул тIубан божилъиги гIолеб гьечIо гьеб вакцинаялда.
Киназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цIех-рех гьабуна батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул гIадамазда гьоркьоб.
МухIамадгIарип Абакаров, Гъуниб районалъул Гьонода росулъа фельдшер:
— Сахлъи цIуниялъул вакил хIисабалда гуребги, гIадан хIисабалдаги, дица абила вакцина гьабизе ккелин. Щайгурелъул гьеб буго вирусалъулаб инфекция. Бокьараб вирусалъулаб унти вакцина гьабун гурони къезабизе кIоларо. Гьеб практика кидаго букIана. РакIалде щвезабе, нилъ гьитIинаб мехалдаги, краснуха, коклюш, бронхит ва цогидалги вирусалъулал унтабазде данде кидаго гьабулаан вакцина.
Гьеб унти буго цIакъ рекIкIаб, заралияб, кутакалда хIинкъи бугеб. Гьелъ сахлъиялъе заралги гьабула.
Гьединлъидал гIадамазе бищун лъикIаб нух буго вакцинация гьаби. Гьайгьай, пачалихъалъеги буго гьелдаса пайда. Вакцина гьабун бугони, гьалгощинал унтарал рукIинаро, дарабазда тIад хвезабулеб гIарац нахъе тIокIлъила.
— Кин бугониги гIадамазул божилъи гIолеб гьечIоха…
— Бокьараб вакцинаялъул букIине бегьула гъая. Гьеб кидаго букIараб жоги буго. Амма вакцинаги кIанцIун рахъун гьабулеб гьечIелъул. Дур температураги бидул кьабиги борцуна, пульсалъул хал гьабула. МухIканаб анализ гьабун гурони, вакцина гьабуларо. Гьелдеги кIвар кьезе ккела.