Россиялъул предпринимательлъиялъул къоялда бан, 26 маялда республикаялъул журналисталгун дандчIвана предпринимателазе кумекалъе гIуцIараб Централъул директор ГIиса Мигитинов. Гьесул рагIабазда рекъон, гъоркьиса гьез бизнесчагIазе ичIазаргогIанасеб хъулухъ гьабун буго. Аслияб куцалда даранчагIазе кумек гьабулеб буго гIарцул рахъалъ. Кризисалда дандечIеялъул мурадалда лъагIалие лъабго процентги гъоркь ккун, микрозаймалги кьолел руго централъ даранбазаралда ругел чагIазе: жалго жидедаго чIун...
