Рищнидул полигоназе бакI гьечIо

 

     Республикаялъул журналисталгун дандчIвана ДРялъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министр Ибрагьим Ибрагьимов.

Чара гьечIого тIуразе кколел экологиялъул масъалабазда гъорлъ гьес рехсана рищнидул суал.

 

         Ибрагьимовасул рагIабазда рекъон, рищни-къул бакIариялда хурхун Сергей Меликовасул тIадкъаялдалъун гъоркьиса хIадурана хасаб проект. Гьениб республика бикьун буго лъабго бутIаялде – северияб, централияб, югалъулаб. Гьелъул щибалда базе буго рищни-къул бацIцIад гьабулеб заводги, гьелдаса хадур хутIарал жал ракьулъ рукъулеб полигонги.

Гьел полигоналги рукIине руго гьанжесел тIалабазда рекъон гьарурал. Исана лъагIалил ахиралде хIадурун рахъине ккола документал. ГIага-шагарго 11-12 млрд гъурущ тIад харж гьабизесеб кIудияб проект ккола гьеб. Гьединго гIурухъа рищни бакIаризе хасал русби росизе руго Малмулкалъулгун ракьул суалазул министерствоялъ.

БукIине кколеб куцалда, законалъ тIалаб гьабухъе гьабураб кIиго полигон гурони гьечIо республикаялда – Гъизляралда ва Избербашалда. Гъоркьиса тIатинабун, бацIцIад гьабун буго изну гьечIого рищни балеб батараб 86 гохI.

Министрас абухъе, рищнидул масъала тIубаялда бараб буго нилъехъе инвестор вачIин-вачIунгутIи. Гьеб тIубачIого тараб районалде инвестор вачIинищалиги щакаб жо буго.

Гьанже гьеб суал, гIицIго республикаялде рехун течIого, улкаялъул даражаялдаго тIубазе бугин бицана Ибрагьимовас.

Гьедин ран рахъун, 2025 соналъул байбихьуде хIалтIизе лъугьине ккола рищни бацIцIад гьабулел заводалги полигоналги (кинабниги анлъго объект).

«Гьел полигоназе бакI балагьизеги кутакалда захIмат буго, хасго магIарухъ. Масала, БежтIа участокалъул бетIерас абуна дуца килищ битIараб бакIцин кьезе кIоларин жинда полигоналъе. Ракьул 50 сотыхцин кIоларин кьезе, щайин абуни, жив вачIиналдего яги ричун, яги минаби, тукаби ва цогидаб бан, эркенаб бакI хутIун гьечIин шагьранухазда аскIор. Нухазда аскIорлъидалха полигонал рукIине кколел. Рощнол 40 тонна баччизе кIолел машинаби рачIине руго гьенире. КватIичIого дунго ун, балагьила щиб гьениб ургъизе бегьулебали», — ян бицана министр И. Ибрагьимовас.

     Гьеб хъулухъалде ккун чанго моцI гурони гьечIониги, карьеразул суалги цойиде ккезабизе байбихьанин жинцаян абуна гьес. Гьедин батIибатIиял карьерал хIалтIизаризе 200 лицензия кьун батун буго цIитарав министрасда. Гьанже инвентаризация гьабидал, баянлъана гьезул 45 карьер хIалтIулеб гьечIолъи. Ракьул категория хисизабизе бажарун гьечIо гьезул бетIергьабазухъа (росдал магIишаталъул кIваралъул бакIалда — промышленнияб абун).

Гьединго 36 карьералъул хIалтIулъ тIатана кIуди-кIудиял гъалатIал. Гьез гьел лъугIизарун руго. Гьединалго гIунгутIаби лъугIизаризегIан 17 карьералъе гьукъун буго хIалтIизе.

Жеги 13 карьералъе лицензия кьун буго сали бахъизе, 40 лицензия – чабах бахъизе, 90 – гач бахъизе, цо — гипсалъе, 12 – кирпич къотIулеб хIарщуе.

     Карьеразулги жидер тIалабалда гъоркье кколел цогидал объектазулги хIалтIуда хадуб халкквезе кватIичIого квадракоптерги босизе буго Ибрагьим Ибрагьимовас нухмалъи гьабулеб министерствоялъе цо гьесул гьалмагъас (миллионалдасаги цIикIкIун гъурщиде).