Исана хIежалъул багьа

 

 

   «Марва-Тур» компаниялъул пресс-хъулухъалъул баяназда рекъон, 2022 соналда дагъистаниязе хIежалде ине хIажалъулеб буго 4,700 доллар (312000 гъурущ). Гьелда гьоркьобе уна МахIачхъалаялдаса Дубаялде щвезегIан самолеталда роржин, хадуб — Мадинаялде щвезегIан автобусалда ин. Гьединго гьелда гъорлъе уна: трансфер (гостиницаялде-нахъе автобусалъ раччи), Маккаялда ва Мадинаялда гIумру гьаби, Зам-зам лъим ва хIеж борхулесе хIажатаб комплект ратIлил. Дубаялдаса Мадинаялде самолеталда рекIун ине бокьараз тIадеги 700 доллар кьезе ккола. Гьединго, «Мадинаялда микьго къо» абураб тIадежубаялда рекъон (+400 доллар), хIеж борхун хадуб Мадинаялда 3-8 къо базеги бегьула.

Исана Дагъистаналдаса хIежалде ине вуго 4550 чи.