Новость на родном

МагIарухъги буго хIалуцараб хIал

ЧIарада районалъул бетIер ХIусен ГIарабиевги гьесул заместитель Салман ХIажиевги гIахьал­лъана республикаялъул хIукуматалъ тIобитIараб оперативияб штабалъул видео-дандеруссиналда. Гьеб нухда бачана ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас. Данделъиялда гIахьаллъана ДРя­лъул Гражданияб оборонаялъул, тIасан борчIараб ахIвал-хIалалъул ва тIабигIиял балагьазул хIа­силал тIагIинариялъул рахъалъ министр Нариман КазиахIмадов, РФялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб БетIераб управлениялъул нухмалъулев Муслим Девришбеков ва балагьалъукье ккарал районазул бутIрул. ХIалуцараб...

Новость на родном

Донбассалъул лъималаз Дагъистаналъул лъималазе

Гьал къоязда Дагъистаналде, чвахунцIадаздаса хадуб лъим кIанцIараб Дербент районалъул Мамедхъала росулъе гуманитарияб кумекгун бачIун букIана Мариуполь шагьаралдаса делегация. Дагъистаналде рещтIарал тIабигIиял балагьазул хIакъалъулъ рагIарабго жидедаго хIалкIвараб гуманитарияб кумекги бакIарун рачIана «ГIолохъанаб гвардия» абураб Мариуполь шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулев Никита Аверкин, Мариуполалда бугеб Санкт-Петербургалъул вакиллъиялъул нухмалъулев Олег Моргун ва шагьаралъул собраниялъул депутал. Гьелгун цадахъ къварилъи ккаразе...

Новость на родном

Сергей Меликовас тIобитIараб пресс-конференциялъул хIакъалъулъ министр Сажид Сажидовасул пикру

ДРялъул физкультураялъул ва спорталъул министр Сажид Сажидовас гьадинаб пикру загьир гьабуна ДРялъул бетIер Сергей Меликовас тIобитIараб пресс-конференциялъул хIакъалъулъ: «ДРялъул бетIерасул журналистазулгун, блогеразулгун ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазулгун букIараб гара-чIвариялъ лъикIаб асар гьабуна дие. Дида Сергей Алимович лъала ракIрагьарав инсан хIисабалда. Гьеб дандчIваялъги тасдикъ гьабуна гьеб. Къиматаблъун дица рикIкIуна республикаялъул нухмалъулев щивасда бичIчIулеб мацIалда кIалъайги кьолел суалазухъ...

Новость на родном

Сергей Меликов: «Кумек щвезе буго щивасе»

ДРялъул бетIер Сергей Меликов дандчIвана Дагъистаналъул журналисталгун, блогералгун ва жамагIатазул вакилзабигун. Гьес жавабал кьуна республикаялда ккарал балагьал лъугьа-бахъиназда сверухъ рижарал суалазе. «Нилъеца гьабизе кколеб хIалтIи цIакъ гIемер буго. ЧвахунцIадаз ракьал ччукIизарулел руго батIи-батIиял районазда. Гьелде тIадеги, ккана гIаздал гIансиял тIеялъул лъугьа-бахъиналги», – ян бицана С. Меликовас, данделъи рагьулаго. Республикаялъул нухмалъиялда цебечIараб аслияб масъалалъун гьес рехсана...

Новость на родном

МухIамад ПатахIовги «ХIакъикъаталъул» гимнги

«Релъи-хъуй гьечIого, рохизе лъалел, МагIу чвахичIого, гIодизе лъалел, ГIишкъул рекIараб цIа цIунизе лъалел МагIарулал ругел лъикIал гIадамал». Дагъистаналъул халкъияв поэт Р. ХIамзатовасул гьел рагIабаздалъун байбихьулеб кечI хадусан лъугьана нилъер магIарул миллаталъул кидагосеб гимнлъун. Дагъистаналъул цогидал миллатазул гьединаб гимн жеги гьечIо. Гимн цIалулаго яги ахIулеб рагIарабго, беразде цебечIола магIарулазул цебесеб гIумру, гIажаибго берцинаб, бахIарчияб гIамал-хасият, халкъалъул...

Новость на родном

КватIараб кантIи, тIурачIел анищал

Ахирал соназда цIикIкIунеб буго наркотикал хIалтIизарулезул къадар, гIолохъанлъулеб буго наркоманазул ригьги. Гъизилюрталда букIараб руччабазул колониялда жанир тIамуразул гIемерисел рукIана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьединазул цояй, ГIайшатилгун (цIар хисизабун буго) ункъо соналъ цебе колониялда нижер ккараб гара-чIвари буго жакъа гьаниб бахъулеб. Гьей йиго 32 сон барай гIадан, колониялда базе ккола анлъго сон, гара-чIвари...

Новость на родном

Эбелалъул кочIол хIикматаб хIасрат

Эбелалъул кечI. Цин гьелъ кьучI лъола кинидахъ. Гьеб кечIалъ нилъее бицуна лъимералъул гьимиялъулги, рохелалъулги, гIодиялъулги. Гьеб кочIохъ гIенеккидал, лъала нилъеда кинида бущараб хIикматалъул щибаб галулги, гьелъ тIоцебе абураб рагIул — бабайилан гьелъ абидал, анкьзобалаздеги боржуна кечI. Лъимералда цадахъ кIудиябги гIола гьеб, эбелалъул кечI. Эбелалъул  кочIол магIнаги хисула. Гьелъулъ цIикIкIуна хIасратги, къварилъи-пашманлъиги, рохел-гIатIилъиги, угьи-зигараги. Гьединаб буго...

Новость на родном

Сундухъха дагъистаниял рокьилел?

Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03… ва буго Дагъистан, 05 Къого соналъ цебегIанго дадал гIарцуца къватIисеб хIукуматалда гIумру гьабизе ворчIарав «цIияв дагъистанияс» хъван букIана «Щай дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ватIаналде «лагIараб» макъала. Гьелда ничгьечIица жужа­хIалъул къавмалъулгIанги рехсечIеб гIунгутIи тун букIинчIо МугIрул Улкаялъул гIадамазул. Амма дагъистанияз (СВОялда, ракълилаб гIумруялда, тIабигIияб балагьалъул къохIехьеялда…) рихьизарулел бахIарчиял...

Новость на родном

Ва бана цIад, ва риххизаруна рукъзал

Дагъистан нахъеги асир гьабуна лъеца Анкь гьоркьоб иналде цIидасанги республикаялде бараб цIадалъ цIи-цIиял заралал гьаруна гIадамазе. Дербент районалда лълъелъ тIерхьун буго 500-ялдасаги цIикIкIун мина-рукъ. ГIадамал гьениса нахъе гочинаруна. ЦIадаца гIураб зарал гьабуна Хайдакъ районалъеги. Кирки абураб росулъа цо гIадан лълъелъ гъанкъун ятана. Дербент ва ДагъОгни шагьаразда киналго ясли-ахалги школалги къан руго. Гъоркь букIараб кIочон телалде,...

Новость на родном

ЦIилкьадерил хъутаналда чвахунцIад бан хадуб…

Иххица хвезабуна анцIгоялдасаги цIикIкIун мина-рукъ, школа, гIадамазул рагIи-хер 7 апрелалда «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабаз сапар бухьана чвахунцIадалъ зарал гьабурал росабазул цояблъун кколеб, Хасавюрт районалда бугеб ЦIияб ЦIиликье. Апрелалъул тIоцересел къояз республикаялде рарал гьалагал цIадаз гIадамазе ккараб къварилъиялъул киса-кибего рагIана. ГIемерав чиясул мина-рукъ лъелъе ккун гъанкъана. ГIумруялъ данде гьабун букIараб магIишат минатахъ щущазабуна. Гьеб рахъалъ бищунго цIикIкIун кьаби...