Новость на родном

«ГIумруялъул дарсал» магIарулазе аманат гьабурав гIакъиласул вас

Нахъеги — гIагараб районалде, хунздерил тIалъиялде. Нахъеги — ЦIада росулъе. ГIакъил ЦIадаса ХIамзатил минаялъухъе гьоболлъухъ. Гьаб нухалда — гьесул гьитIинав вас ХIажиясул нусгосонилаб юбилеялде. Гьале доб мина. МагIарулазе ХIамзатги кьураб, дунялалъул адабияталъе Расулги кьураб, Дагъистаналъеги Северияб Кавказалъеги тIоцевесев академикги кьураб хIикматаб мина. Гьаб минаялъуб бижанщинаб гIакъиллъи! Гьаниса боржанщинаб машгьурлъи! Гьале гьаб минаялъ цIар рагIизабуна Дагъистаналъул....

Новость на родном

Дагъистан, дур чилъи чотIайин гIураб

Гъогъолъа Даитбег-дибирасул, Къарахъа МухIамадтIагьирил ва чуязул хIакъалъулъ   Дирги букIана чу цIадул кьер бугеб, Кьолокь басандулеб, дир мацI бичIчIулеб. ХIихIиди гIарцулаб, гIамал чалухаб, ГIодоб хIетI хъвалареб, гIамал парччахIаб. Хасаб асар буго дир чуяздехун, Гьезул малакь гIуна дирни лебаллъи.   ГIумархIажи Шахтамановасул гьал рагIабаз гIемераб жо цебетIамизабула. ХIакъикъаталдаги чодул малакь куцана, гьелъул мугъалда лъадарана нилъер умумузул...

Новость на родном

Хуриса цIун бачIаги!

Исана Оц баялъул байрам гIуцIана БежтIа росдал советалъул хIаракаталдалъун. Администрациялъе хIалае рахъана муниципалитеталъул маданиял идарабазулги, Россиялъул БахIарчи ГIабдухаликъ Къурбановасул цIаралда бугеб БежтIа росдал гьоркьохъеб школалъулги, Искусствоялъул школалъулги ва цогидал идарабазулги хIалтIухъаби. БежтIадерил мацIалда байрамалда абула «БолIоос»: болIо — ракь беги, ос — оц. Байрамалъул гIахьалчагIи цудунго ракIарана росдал КIудияб кьода. Миллияб парталги ретIун чIахIиялги гIисиналги...

Новость на родном

МухIамад Рамазан: «КIудияб жавабчилъи тIаде босулеб букIин бичIчIула дида»

13 маялда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анкь­абилеб ахIиялъул 56-абилеб данделъи. Гьеб нухда бачана Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеровас. Гьенив ДРялъул ХIукуматалъул председательлъун вищана МухIамад Рамазанов. Депутатазда цеве кIалъазе вахъана ДРялъул бетIерасул ишал заманаялъ тIуразарулев Федор Щукин. Гьес бицана М. Рамазановасул хIакъалъулъ. «Нухмалъиялъул рахъалъ кIудияб хIалбихьи буго МухIамад Исрапиловичасул. Гьев хIалтIана рагъулалгун гражданиял хъулухъазда, вукIана РФялъул...

Новость на родном

Дур мисал хутIила тIанусдерие…

ГIатIиракьалда — Афгъаналъул бахIарчиясул цIаралда турнир Лъабабилеб маялда нижеца сапар бухьана Бабаюрт районалда бугеб Хунзахъ районалъул тIанусдерил хъутаналде. Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго къадаралде щварав, «БагIараб ЦIва» орденалъул кавалер, ГIалиханов Шамилил цIаралда волейболалъул турнир тIобитIана гьениб. Шамилил хIакъалъулъ нижеца газеталда цебеги чанго нухалда хъван букIана. Къого сон барав гIолохъанчи ккана гьев Афгъаналъул цIа боркьараб рагъул корониве. Ва...

Новость на родном

ТалихIаб шигIруялъ ахIун рукIана

30 апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукIана магIарул шагIир, публицист, учитель, насихIатчи КIуядаса МухIамад ХIасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде. Авар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагIирзаби ва адабият бокьулел шагIирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гIага-божарал. Дандеруссиналда рикIкIана, цIа­­лана М. ХIасановасул асарал. Бай­рамалъул хIурматиял гьалбаде­рида гьоркьор...

Новость на родном

Анищазул ва кочIол куркьбазда

Араб анкьалда МахIачхъалая­лъул Семендер поселокалда бугеб №58 школалда тIобитIана санайилаб «Анищазул ва кочIол куркьбазда» абураб этнофестиваль. Исана гьеб сайгъат гьабун букIана Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялде. Гьеб къоялъ школалъул азбаралде ва жанахIалъубе, щибаб кабинет-классалде данделъун букIанин гьитIинаб Дагъистанилан абунигицин мекъи букIинаро. Киса-кирего рукIана мугIрузул улкая­лъул гIамал-хасияталъулги, ма­данията­лъул­ги, адабияталъулги би­цунел къа­дал газеталги выставка­би­ги. Шко­лалъул азбаралъуре лъугьарабго, рагIизе...

Новость на родном

Кавказалъул речIчIухъабазул меседил бачIин

ГIабдурашидил «Топ- 5» ва Тираналъул ургуялда магIарулазул гуч Дагьал церегIан къоязда Албаниялъул тахшагьар Тираналда рагIалде бахъана эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат. 24-26 апрелалда гьениб лъугьа-бахъунелде буссун букIана спорталде интерес бугевщинав чиясул кIварги, берги, пикрабиги. Дагъистаналдаса анкьго гугарухъанас гIахьаллъи гьабуна турниралда, ва анкьасго лъикIаб хIасилги бихьизабуна. Щуго меседил, цо гIарцул ва цо мазгарул шапакъатгун нахъруссана гIолохъаби...

Новость на родном

ГьитIинаб росдал гIадамазул гIатIидал ракIал

Марталъул ахирисел ва апрелалъул тIоцересел къояз рарал гучал цIадаз гIемерал росабазе зарал ккана. ГIумруялъ данде гьабураб магIишат хвана, минабазул къадал риххана. ГIатIиракьалда ругезе гуребги, къварилъи ккана магIарухъ ругел росабазеги. Масала, Унсоколо районалъул ГьаракIуниб росдае. Амма республикаялда бугеб ахIвал-хIалги бихьун, гьерекI руцIцIун чIана, чанго къоялъ токги лъимги букIинчIониги, гьезул рахъалдасан гIарзал рукIинчIо. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун,...

Новость на родном

АнцIго чу хвасар гьабизе кIвечIо…

Гъанкъана нус-нус чIегIерхIайван, лемаг-хух ва рекьулел хурзалгун-ахал Республика жеги бигьун гьечIо тIабигIияб балагьалъул хIа­си­лаздаса. ЧвахунцIадаздаса хадуб гIодоблъиялда лъелъе ккун гъан­къарал минабазул ва гIадамазул магIишаталъе ккараб кIудияб заралалъул хъвана ва жеги хъвалебги буго. Амма гьава-бакъалъул шартIал кьварухъего чIун руго. ГIазугун жубараб цIад бан, их бигъана исана магIарухъги. 13 апрелалда согIаб гIазул бураналда гьоркьобе ккана Болъихъгун Гумбет...