Новость на родном

РухIияб тарбия кьеялъул гъанситухъ

     ЦIурире щварал ниж раккана музеялдеги. ЛъикIаб, ракIрагьараб дандчIвай гьабуна музеялъул нухмалъулей Насибат ХIажиевалъ. ГьитIинаб ЧIарада. Гьадин абуниги мекъи ккеларо, музеялда ругел щибаб росдае сайгъат гьарурал кIудиял альбомал рихьидал. Гара-чIварана Насибатгун. Ва гьелъ нижее бицана музеялъул хIалтIул хIакъалъулъ.  — Районалъул гIадамазул, росабазул жамагIатазул, жамгIиял гIуцIабазул тIалабазда рекъон, ЧIарада районалда 2003 соналда рагьана муниципиалияб музей....

Новость на родном

Умумузухъа ирсалъе щвараб махщел

    Бицине мустахIикъаб буго бежтIадерил хьухьариялъул ва рукъариялъул махщалил хIакъалъулъ. Маданияталъул идараялда (Центр традиционной культуры народов России) гIуцIун буго гьелъул бечелъи рагьулеб хасаб рукъ. БитIахъе пана гьаруна ниж батIи-батIиял соназ бежтIадерил руччабазул кверзукьан арал асарал рихьидал. Жакъа гьеб рукъалъул тIалаб гьабулеб буго Назипат ГIабдурашидовалъ. Гьей ккола гIицIго бежтIадерие хасиятаб хьухьариялъул ва рукъариялъул устар. Жиндирго махщалил...

Новость на родном

Гуржиялъан букIана бетIербахъи

    БежтIаса Кахетиялъул Къварели районалъул Ахалсопели абураб росулъе щвезегIан буго 54 километр. Мадугьалихъ рукIиналъ чIахIияб гIелалда лъикI лъалаан гуржи мацI. Щибаб хъизама-лъул рукIана гьалбал-гуржиял. Цоцазухъеги гIемер щолаан.   ЭБЕЛАЛЪ БИЦУНААН…     Дир эбел, Марзият МаламухIамадова гьаюна 1928 соналда. Гьелъ гIезабуна ичIго лъимер. Гьелъ бицунаан: «ГIолохъанаб заманалда – росасе иналде кIиго ва ригьнада йикIаго щуго соналъ...

Новость на родном

  Дагъистаналдаги гьабулаан кагъат

        Москваялда, пачалихъияб библиотекаялда, щуабилеб нухалда тIобитIана реставраторазул халкъазда гьоркьосеб конференция. Гьелда гIахьаллъиги гьабула библиотекабазул, архивазул хIалтIухъабаз ва тарихчагIаз. Дагъистаналдаса гьеб конференциялда гIахьаллъана РАНалъул ДФИЦалъул гIелмияй хIалтIухъан Заира Ибрагьимова. Гьелъ гьениб бицана XVII-XVIII гIасрабазда Дагъистаналда кагъат гьабулеб букIараб къагIидаялъул хIакъалъулъ.      Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.      — Заира, кина-кинал росабалъ кагъат гьабулеб букIарабали...

Новость на родном

Огь, кIудияв имам, дур наслабаца…

      Имам Шамил накълулъаралдаса исана тIубала 150 сон. БакъигIалъул хабалалъ аварагасул инсул вац ГIабасида аскIоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикI гьабуралдаса ана гьебгощинаб мех. Чанги лъим чвахана ГIанди ва Авар гIоразухъан гIодобе. ГIемерал лъугьа-бахъинал ккана гьеб 150 соналда жанир магIарухъги. ГIезегIан тIадчагIи хисана, чIвана, ана, лъугIана. Гьезул гIемерисезул лъалкI...

Новость на родном

ГIасрабазул гъварилъи, гIумруялъул бечелъи

Нилъерго тарих лъачIони, жакъаселъе къимат кьезеги букIинеселъул хIисаб гьабизеги расги бигьаго букIунаро. Кинха гьеб лъазе бугеб? ТарихчагIазул, археологазул кумекалдалъун. Гьединазул цояв ккола тарихиял гIелмабазул кандидат, РАНалъул ДФИЦалъул историялъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул кIудияв гIелмияв хIалтIухъан, «Дарс»» НПЦялъул генералияв директор, «МавраевЪ» басмаханаялъул нухмалъулев, Буйнакск районалъул Дурангъиса Рабадан МухIамадов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.     —...

Новость на родном

Нилъер тарихалде жеги каву рагьун гьечIо, чIемгIа гурони

Ахираб къого соналда жаниб нилъер тарихалда, адабияталда ва маданияталда хурхун тарихчагIаз, гIалимзабаз, гьединго гIагараб ракь лъазабулез хъван къватIире рачIана анцI-анцI тIахьал. Къадаралъул рахъалъ тIолабго советияб гIуцIиялъул заманалда рахъараздаса дагьал гьечIел гуребги, гьел руго бугеб хIалалъе, заманалъе битIараб къимат кьун, хIакъикъат рагьарал, ай партиялъул идеологиялъул мугьру тIад чIвачIел.   Дагъистаналъул, магIарулазул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб анцIила микьго...

Новость на родном

Сталинградалъул цIар тIад буссинадай?

  БакътIерхьул улкабазда бугелде ва гьениб къиматаблъун рикIкIунелде дир рекIелъ рокьукълъи букIаниги, дие къа­булаблъун лъугьун буго гьениб дида бихьулеб ва нилъеца рахъ кквезе мустахIикъаб цо хIужа – доба хIукумат хиса­ниги, бетIерлъуде щив кканиги, хисизаричIого хутIула къватIазда ва шагьаразда лъурал цIарал. Большевика­зухъе улка ккедал советияб Россиялда лъилъулареб ун­тилъун лъугьун буго цIарал хисизари.     Дир пикруялда...

Новость на родном

Цолъиялъул тарихияб байбихьи

  Тарихалда рекъон, Дагъистаналъул ракьалда гIадамаз гIумру гьаби­зе байбихьун буго 150 азарго соналъ цебе. Гьелдаса нахъе батIи-батIиял къавмаздаса гIуцIараб халкъалъ нахъа тана цIар араб, бахIарчияб нух. Экономикияб, культурияб цебетIеялъулъ ккана кIуди-кIудиял хиса-ба­сиял. Берцинаб тIабигIаталъги, ракI рагьарал гIадамазул хасияталъги батила, Жебал Каф (Кафалъул мугIрул) абулеб ракьалде магърибалда­саги машрикъалдасаги гIалимзабазулги гIадатиял гIадамазулги пикру цIалеб букIана. Гьединаб гьитIинаб,...

Новость на родном

Маршал ШугIайпов

Болъихъ районалъул Шодрода росулъа КIудияб ВатIанияб рагъде ун вуго 55 чи. Гьездаса 33-яв абадиялъго кьалул майданал­да хутIана. Бергьенлъи босун тIадруссаразда гьоркьов вукIана АхIмаднаби ШугIайповги.     Дида мунагьал чураяв АхIмаднаби лъикI лъалаан. Болъихъ зонаялда «БагIараб байрахъ» газеталъул хасав мухбирлъун хIалтIулев дун араб гIасруялъул ункъоа­билел соназда гIемер дандчIвалаан А. ШугIайповгун. Гьес гьоболлъиги рагIизабун букIана дида. Щибаб...