Новость на родном

Шамил имамасул кагътал

  Шамил имамас ЦӀулдаса МухӀамадтӀагьирихъе хъвараб кагъат Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир хирияв, вокьулев вац МухӀамадтӀагьирихъе. Аллагьасул саламал лъеги дуда. Амин. Цинги. Дихъе нилъер хирияв вац Даниял-султӀанил рахъалдасан кагъат бачӀана. Гьениб гьес дихъа изну гьарулеб буго мун жинда аскӀов теян. Дуда лъан букӀа, дир изнуялъул нуцӀа дуе рагьун букӀин. Дуе гьесда аскӀов вукӀине бокьани, дир...

Новость на родном

Квералъ хъварал тIахьал  

     Дагьалъ цебе «ХIакъикъаталда» бахъун букIараб «Дагъистаналъул рухIияб бечелъи» абураб макъала. Гьелда бицун букIана РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIараб мацIалда квералъ хъварал ва басмаялда рахъарал тIахьазул фондалъул хIакъалъулъ. Фондалъул нухмалъулев МухIамад ШехмухIамадовас гьадин бицана гьенир цIунун ругел къиматал тIахьазул ва документазул тарихалъул хIакъалъулъ.   — Диналде данде рагъ балел соназ квералъ...

Новость на родном

Шамил имамасул кагътал

Шамил имамасул кагътал Шамил имамас ЧӀохъа ГӀинкъав ХӀажихъе хъвараб кагьат   Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ГIинкъав ХӀажихъе. Ассаламу гӀалайкум. Цинги. Дихъе дой Мирзал МухӀамадил яс ГIашура ячӀун йикӀана жиндаго кодоб бугеб байтулмалалъул хуралда тӀасан гӀарзалъ. Дица дуда абулеб буго дуца гьеб хур гьелда кодоб теян ва нилъеца сангарал гьариялдалъун хвезарун рукӀарал, нилъер вацал...

Новость на родном

Шамил имамасул кагътал

Идрисил рахъалдасан дир мугъчIвай гьабулев сайид, муъмин- забазул амир Шамилиде. Ассаламу гIалайкум. Аллагьасул салам лъеги дуда, Гьесул рахIматал-разилъигун цадахъ. Амин. Цинги. Нилъер вац наиб ХIажияс Ражабихъе кьун, гьесда кодоб букIараб хеч, Алмахъ росулъа анцIила цо чиясда гьоркьоб гIахьалаб хеч буго, хумус босун хадуса хутIун букIараб. Гьебги гьанже гьезул мулк, ай гьезул буголъи ккола, цебе букIараб...

Новость на родном

 «МагIарулазул ярагъ: хвалчабигун тункIихер, хадур — гIарадаби ва ракетаби»

    Хвалчаби Кавказалде Россиялдасаги цере щвана     «Дагъистанияс живго мурадалде щваравлъун рикIкIунаан йокьулей чIужуги, гъабардаязул чуги, базалай абураб ханжарги, мадьяразул туманкIги бугони», — ян хъвалеб буго гIалимчи ХIасан Алкъадарица.   Мадьяразул тункIил (гьелда абулаан мажариланги) бакIлъи букIана 18 килограмм. Гьелда мажарин абиялъе гIиллаги букIана – нилъер умумул татаразул Маджар абураб шагьаралде даран-базаралъ щолел...

Новость на родном

«ТIаде вахъун Шамил вачIуна дихъе, дун дова гьечIилан, дун гьанив вугин»

      «ХIакъикъат» газеталъул жакъасеб номералдаса байбихьун нижеца рагьулеб буго Имам Шамилие сайигъат гьабураб хасаб рубрика. Исана 225 сон тIубала гьев гьавуралдаса. Гьелда бан, гьаб сон ахиралде щвезегIан гIемерал тадбирал тIоритIизе руго республикаялда. Гьелъул хIакъалъулъ бицине 17 марталда редакциялде рачIун рукIана имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб Фондалъул нухмалъулев ГIалиаcхIаб Хархачаевги, Халкъияб Собраниялъул депутатал...

Новость на родном

«БатIи-батIиял рукъалаби рараб юргъанлъун бихьула Дагъистан»

  «Ахираб заманалда этнографиялдехун бербалагьи хисулеб буго. ГIадамазе бокьулеб буго жидергоги цогидал халкъазулги гIадатал ва рукIа-рахъин лъазабизе. Цо-цояз абуни гьелъие гIоло жидерго махщелцин хисизабулеб буго. Масала, тохтурас лъазабулеб буго умумузул заманалда букIараб халкъияб дару-сабаб, гьанжелъагIан музеязда яги кабинетазда жанирги чIун гIелму лъазабулел рукIарал гIадамал рахъунел руго некIсиял росабалъе хьвадулел гидал-оператораллъун. Амма этнографиялъе кьучI лъезе ккола...

Новость на родном

Харахьиса ГIумарил ТIайгиб

Гьоркьохъел гIасрабазда Харахьи росу рикIкIунаан лъай камил гьа- булел бакIазул цояблъун. Гьениса гIадамаз кIудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналда исламияб гIелму тIибитIизабиялъе ва лъай кьеялъулъ авар мацI хIалтIизабиялъе. Биценалда рекъон, цебе зама- налда росу букIун буго КъвекIада ва Щулалъуда абурал бакIазда. ГьабсагIаталда Харахьи бугеб бакIалда хьуцI букIун буго. Гьениб бугеб лъим гьекъезе бегьулеб букIун гьечIо. Гьедин «хвараб...

Новость на родном

ТIалакъоро магIарда данделъи

     Имамзабазул гIадатлъун лъугьун букIана зама-заманалдасан кIудияб лъугьа-бахъиналда цебе тIолго халкъалъул вакилзабаз гIахьаллъи гьа­бурал мажлисал ахIулеб. Гьеб гIадат батIаго цIакъ тIибитIана Шамил имамасул заманалда. ТIоцебе гьев имамлъун вищулеб гьединаб дан­делъи букIана 1834 соналда ГIанди магIарда. Чачаназулги Дагъиста­налъулги гIорхъода букIиналъ гьеб цIакъ санагIатаб бакIлъун букIана гьединал ишазе.   Амма 1845 соналда данделъи тIобитIизе ккана гьанжесел...

Новость на родном

Хунзахъа ГIалихан

  (ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадил биценал)       Биценалде гьоркьобе араб гьаб лъугьа-бахъиналъе байбихьи лъураб 1843 соналда магIаруллъиялда рукIарал пачаясул аскарал жидерго щулияб хъала бугеб Темир-Хан-Шураялде лъутулел рукIана. Хунзахъ, ЦIатIанихъ, ГьоцIалъ, Зирани хъулби рехун тана гьез. Шамил имамас Гъойсубулиялъул рахъалде наиблъун тIамуна ГьоцIалъа Худанатил МухIамад. Жиндирго тахшагьарлъун тараб Инхо росулъ букIана гьесул чIолеб бакI, канцелярия,...