Новость на родном

Гьав вукIана нижер мугIалим

Машгьурав хъвадарухъан, журналист, таржамачи Асадулагь Му­хIамаевасул хIакъалъулъ Хочо ХIамзатовасул гьаб макъала 1992 соналда бахъун букIана «ХIакъикъат» газеталда. Гьел кIиялго рукIана Хунзахъ районалдаса, гIемерал соназ цадахъ хIалтIана магIарул газеталда, гьединлъидал макъалаялъул авторасда лъикI лъалаан Асадулагь. Берцинаб мацIалъ хъвараб, хъвадарухъанасул гIумруялъул хIакъалъулъ мухIканал, дурусал хIужаби жинда жанир ругеб Хочол макъалаялъул жакъаги буго кIвар. Гьединлъидал, исана Асадулагь МухIамаев...

Новость на родном

«Хъвадарулеб ана дур тIолго гIумру»

Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъ, жиндирго гIумрудул гьудул, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Му­хIамадов хведал хъвараб кочIолъ руго «Хъвадарулеб ана дур тIолго гIумру», — ян абурал мухъал. ХIакъикъаталдаги, тIолабго гIумру хъва­дарулаго арав Муса МухIамадов гьавуралдаса исана тIубана 100 сон. Гьесул хIурматалда, гьевги ракIалде щвезавун, 28 маялда Ма­хIачхъалаялда тIобитIана юбилеялъулаб тадбир. Тахшагьаралъул майданалда аскIоб бугеб, гIемерал соназ...

Новость на родном

Дагъистаналъул Шолоховасул гIасруялъулаб юбилеялде

Араб анкьалда, 28 маялда МахIачхъалаялда, Муса МухIамадовас гIумру гьабун букIараб хъвадарухъабазул минаялъул къадада чIвана ракIалдещвеялъул хъарщи. Тадбиралда гIахьаллъана хъвадарухъаби, шагIирзаби, журналистал, студентал, хъвадарухъанасул гIагарлъи, гьудул-гьалмагълъи, республикаялъул хIукуматалъул нухмалъиялъул вакилзаби, министрал ва хъвадарухъанасул асарал рокьулел цогидалги дагъистаниял. Тадбир рагьана ва нухда бачана Алексей Тимохиница. Дандеруссиналда кIалъана ва хъвадарухъанасул творчество ракIалде щвезабуна Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал...

Новость на родном

«Дур тIамур магIида гIодулеб буго, гIин кьурун ахIизе вачIа, дир эмен»

  Микьигьориб росулъ бижараб хIикматаб гьунар Лъебелазул рохьор вехь гьечIел чундул, Вихьанищ нужеда Даку араб бакI? КочIохъабаз цIураб автобусалъе Авария ккараб кьуру киб бугеб? Жеги гьитIинав чи вукIана дун гьаб кечI радиоялдасан ахIулеб рагIараб мехалъ. Даку Асадулаев хутIана магIарул ахIулеб кочIол удаманлъун, такрарлъи гьечIеб бергьараб гьунаралъул кочIохъанлъун. Исана 50 сон сверана битIун завалаб ригьалда вукIаго...

Новость на родном

Тухумалъул махщалие ритIухъал ЧIегIеровал

Абула мажгиталъул къадалъ лъураб цо гамачI хIеж борхиялда бащалъулин. Гьедин бугониги, нухазе хIадурараб гамачI мажгиталъе хIалтIизабизе бегьуларо. Инсанас гьарулел киналго хIалтIабазда гьоркьосан нухал гьариги кьоял райги рикIкIуна бищунго цIикIкIун кири щолеллъун. Бицине бокьун буго гьединаб камилаб лъалкI ракьалда толеб, тухумалъе квербакъарав, Шамил районалъул ГIурада росулъа ЧIегIеразул ХIажил ва гьесул нухдасан арал хъизамалъул гIагарлъиялъул хIакъалъулъ. Гьанибго...

Новость на родном

ЦIоралде «чабхъен»

Исана дица дирго отпуск ЦIоралда тIобитIана. Профсоюзалдса путевка тIалаб гьабичIо, вахун машинаялдегун ЦIоралде хазабуна. Мурад цо букIана – халкъалъул кIалухъ гьедигIан цIакъ рехсолеб, кици-биценалъулъ гIемераб, некIсиял сариназулъ гьарзаяб ЦIор дирго берда бихьизе ва гьелъул гIадамазул къан квер бачине. Щиб ракь ЦIор ва щал гьелъул гIадамалали лъазе. Орджоникидзе шагьарги нахъа тун, цIар рагIараб Рагъул-гуржи нухги къотIун,...

Новость на родном

Чемпионасул ракIалдещвеял

1959 соналъул 1–4 октябрь. Ираналъул тахшагьар Тегераналъул «Соррейя» стадионалда унеб буго эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. СССРалъул тIаса бищараб командаялда цадахъ гьениб гIахьаллъи гьабизе вачIарав гIолохъанав ГIали ГIалиевас ургуялда босула тIоцебесеб бакI ва вахъуна тIоцебесеб нухалда дунялалъул чемпионлъун. Гьеб букIана кIудияб бергьенлъи ва рохел магIарулазеги тIолабго Дагъистаналъеги. Гьединго гьеб чемпионаталда хасго ГIалил бергьенлъиялъ квербакъана СССРалъул...

Новость на родном

МустIафа Дагъистанли — къей лъачIев гугарухъан

1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цIар рагIарав турказул гугарухъан, магIарул мугьажирзабазул вакил  МустIафа Дагъистанли. Гьесул кӀудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. МустIафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен МухIамад. Гьев вукIун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магIарда букIараб цо хIоринивеги ккун,...

Новость на родном

Машгьурав гIалимчиги гIадатияв инсанги

Щуабилеб маялда академик, гIалимчи, хъвадарухъан, журналист ва гIуцIарухъан ХIажи ХIамзатов гьавуралдаса тIубала 100 сон Северияб Кавказалда академиклъун вахъарав тIоцевесев гIалимчи вукIана гьев. Дагъистаналда гуманитарияб гIелмуялъе кьучI лъолаго, цIиял пикрабаздалъун гьес бечед гьабуна адабият ва мацI лъазабиялъул гIелму, кIудияб бутIа лъуна халкъазул кIалзул гьунаралъул асарал данде гьариялъулъ ва гьезул гIелмиял цIех-рехазе квербакъана. Жиндир гIелмиял хIалтIабазулъ ХIажица...

Новость на родном

КIиго релълъараб къисмат. КIиго батIияб къисмат

ВатIаналъул васал, нужей рецц гьабун, свакалей гьечIо дун, кигIан хъваниги. Гьел нужер гьунараз гьале цIидасан цIар гьабулеб буго бихьинчилъудал. Макьил рахIат гьечIей хIикматай гIадан, солдатасул эбел – дун духъ гьоболлъухъ. Цо вугев васасул бицунеб мехалъ, Хатимат, дур магIу гIорлъун чвахула. МухIамадхIажица дур къисматалъе багьа тIадегIанаб сайгъат гьабуна. МугIрул улкаялъул бахIарчиясул тIокIлъиялъул буго жакъа бицунеб. Бихьинчияс...