Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъ, жиндирго гIумрудул гьудул, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадов хведал хъвараб кочIолъ руго «Хъвадарулеб ана дур тIолго гIумру», — ян абурал мухъал. ХIакъикъаталдаги, тIолабго гIумру хъвадарулаго арав Муса МухIамадов гьавуралдаса исана тIубана 100 сон. Гьесул хIурматалда, гьевги ракIалде щвезавун, 28 маялда МахIачхъалаялда тIобитIана юбилеялъулаб тадбир.
Тахшагьаралъул майданалда аскIоб бугеб, гIемерал соназ Мусаца гIумру гьабураб минаялъул къеда чIвана кIудияв хъвадарухъан ракIалде щвезавураб мемориалияб къоноги.
Гьелдаса хадуб ГIурус театралдаги тIобитIана юбилеялъулаб сордо.
Тадбиралда кIалъарав ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер Муслим Телякавовас бергьун кIудияб къимат кьуна хъвадарухъанасул творчествоялъе. Бицана гьес нахъа тараб нухлул, Дагъистаналда, Северияб Кавказалда ва тIолабго улкаялда гьесул творчествоялъ кколеб бакIалъул хIакъалъулъ.
Литературиял журналазул бетIерав редактор, публицист Мурад АхIмадовас бицана Муса МухIамадовасул бечедаб творчествоялъ Дагъистаналъул адабияталъе тараб меседилаб хазинаялъул хIакъалъулъ.
ХIакъикъаталдаги, Мусаца гIадин 70-ялдасаги цIикIкIун тIехь хъварав прозаик гьечIо магIарулазул ва Дагъистаналъул хъвадарухъабазда гьоркьов.
ГIолохъанаб мехалдаго Мусаца Фазуде гьабун букIараб кечIги ахIана гьениб ДРялъул халкъияв артист ГIабдула МухIамадмирзоевас. Хадуб Фазуца Мусаде гьабун букIараб кечI ахIана ДРялъул мустахIикъай артистка Машидат ГIумарасхIабовалъ.
Тадбиралде рачIаразе баркала кьун кIалъана Мусал вас, «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев Жамбулат МухIамадовги.
70 сонил ригьалда, 1997 соналъул 26 февралалда къадаралде щвана мунагьал чурад. Гьеле гьел соназда жаниб цоялдаса цоял магIна гъваридал, цIалдолез кутакалда къабул гьарурал тIахьалги хъвана Мусаца. Советияб заманалда цоцазухъе кьун, щибаб гъасда, гIухьбузул цIадухъ, хуриб-хариниб цIалулел рукIарал Мусал тIахьазул гIемерисел жакъа кодоре щолел гьечIо. МагIарулазул адабият бокьулел жакъаги гIашикъго руго гьесул тIахьазухъ. Мазгаруласулги Ханикалги гIажаибаб рокьул хIакъалъулъ цIализе, Салимил ГIашурал, ГIалисултанил ва Зубаржатил къисматалъул хIакъалъулъ цIидасан пикру гьабизе, гьелгун цадахъ рохизе ва пашманлъизе анищалда руго магIарулал.
Муса МухIамадовасул юбилеялъулаб сонги бугелъул, ракIалда буго гьесул творчествоялъул хIакъалъулъ жеги бицине ва кIудияв хъвадарухъанасул хIакъалъулъ газеталъул хадусел номеразда хъвазе, гьесул лъималазул ва гIагарлъиялъул ракIалдещвеязухъ гIенеккизе. Харбалго гIадин, кутакалда пасихIго хъварал Мусал кучIдулги цIализе рес щвела нужее.
1947-1949 соназда, «ЦIияб канлъи» абураб цIаралда гъоркь КъахIиб (Шамил) районалда биччалеб букIараб газеталъул редакторлъун вукIана Муса. Гьениса ана гьев Саратовалъул партшколалде цIализе. Гьебги лъугIизабун, МахIачхъалаялде щварав чи, гьанжего гьанже Литературияб институтги лъугIун вачIунев Расул ХIамзатовгун дандчIван, гьес мукIурги гьавун, росулъецин щвечIого, Литературияб институталде цIализе ана Муса. ТIокIлъиялда гьебги лъугIизабуна.
Литературияб институталда цIалулеб мехалдаго хъвазе байбихьун букIана гьес машгьураб трилогия: «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветI», «Лъукъарал кьураби». Гьелъул хIакъалъулъ гьадин ракIалде щвезабулеб буго Мусаца: «Инсуе бокьун букIана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскIов вукIине. Амма дир ракIалъ батIияб иш, ай адабият тIаса бищана. Дир кечI бахъараб газеталъул номерги босун дун вачIиндал, гьес нодо букIкIинабуна: «КечIалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тIощалица гурони», — ян абуна ва довехун вуссун чIарав тIокIалъ дида кIалъачIо гьеб къоялъ.
Амма чанго соналдасан, дир «Къисас» абураб тIехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабниги КъуръангIанасеб тIехь хъван бихьула васас», — ян абуна гьес, аскIор гIодор чIаразда. Гьеб букIана дие тIадегIанаб рецц-бакъ, дица гьабураб хIалтIуе щвараб кIудияб къимат.
Дун Литературияб институталде нахъвуссун индал, вацасда цIализабун буго гьес тIехь. Вацас бицунаан, жиндирго тIолабго гIумру цебесан араб гIадин вохун вукIанила эменилан абун».
Аллагьас хъван батани, августалъул ахиралда хъвадарухъанасул ватIан Гьандихъги Шамил районалъул центр ХIебдаги кIодо гьабизе буго Муса МухIамадов гьавуралдаса 100 сон тIубай. Гьенир цIидасанги данделъила Мусал творчество хириял.
Ашахан Юсупов

