Дагъистаналъул Шолоховасул гIасруялъулаб юбилеялде

Араб анкьалда, 28 маялда МахIачхъалаялда, Муса МухIамадовас гIумру гьабун букIараб хъвадарухъабазул минаялъул къадада чIвана ракIалдещвеялъул хъарщи. Тадбиралда гIахьаллъана хъвадарухъаби, шагIирзаби, журналистал, студентал, хъвадарухъанасул гIагарлъи, гьудул-гьалмагълъи, республикаялъул хIукуматалъул нухмалъиялъул вакилзаби, министрал ва хъвадарухъанасул асарал рокьулел цогидалги дагъистаниял. Тадбир рагьана ва нухда бачана Алексей Тимохиница. Дандеруссиналда кIалъана ва хъвадарухъанасул творчество ракIалде щвезабуна Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Муслим Телякавовас, МахIачхъала шагьаралъул бетIер Жамбулат Салавовас:

— Муса МухIамадовасул асаразулъ хасаб бакI ккола магIарул росдал гIумруялъ. Гьесул асаразул героялги руго гIадатиял магIарулал, росуцоял. Гьесул буго къуватаб проза. ГIадада батиларо гьесие критиказ ва проза бокьулез Дагъистаналъул Шолоховилан цIар кьурабги. Хъвадарухъанасул творчествоялъулъ хасаб бакIаб ккола «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветI», «Лъукъарал кьураби» роман-трилогиялъ. Руго гьесул гIисинал цIалдолезе хъварал асаралги. Бицуна, доб заманалда М. МухIамадовасул тIахьал библиотекабазда ратизе цIакъ захIмат букIанилан. Жакъаги гьедин бугин абула. Рахьдал мацIалда цIализе бокьаразе гьечIо хъвадарухъанасул тIахьал. Гьелъул магIнаги ккола, кинаб заман бачIаниги, кинаб гIел босаниги, Муса МухIамадов вукIана, вуго ва вукIинеги вуго унго-унгоги халкъияв хъвадарухъанлъун. Гьеб рахъ босани, гьев хутIизеги вуго талихIав инсанлъун — гьесул асаразулъ талихIги рохелги батулеб буго жакъаги цIалдолезда, — ян абуна гьез.

РакIалдещвеялъул хъарщи рагьулеб лахIзаталъ, гьадин бицана хъвадарухъанасул вас Жамбулатица:

— Гьале цIидасанги лъимерлъуде тIадвуссараб гIадаб асар гьабуна дие. Гьал къватIахъан чанги векерана дун, гьанив гIуна дун. Гьанисан, гьаб хIикматаб минаялъул кавудахъан, рагьана нижее цIияб гIумруялде цIиял нухал. Ниж, хъвадарухъабазул, шагIирзабазул лъимал, гIодоркъояз бакъинегIан азбаралъурги расандун, цо-цо мехалда щолаан эбел-инсуда цадахъ цоцазухъе гьоболлъухъги. Доб букIана цIакъ аваданаб заман — хъвалелги цIалдолелги гьарзаяб. Мусахъеги Фазухъеги къойилго гIадин рачIунаан цIалдолезул кагътал. Инсуца хIаракат бахъулаан щибаб кагъат мухIканго цIализе ва щибалъе жавабги кьезе. Цо-цо дицаги МахIачицаги махсараги гьабулаан, кагътазул цоцоялгIаги нижехъе кьейилан, нижеца кьелин жавабилан. Кинго разилъулароан эмен. КигIан свакан рокъое ячIаниги, эбелги гIодой чIолаан кагътазе жаваб кьезе. Гьелъги цониги кагъат толароан, кIвар гьабичIого. Гьединаб букIана доб заманалда шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул гIумру. Гьединалго кагътал рачIунаан цогидал шагIирзабазухъеги. Гьеб кIудияб рохеллъун букIунаан гьезие. Жакъаги дида цере рачIуна Мусалги Фазулги сипатал — цIалдолезул кагътал цIалулелъул, гьезул гьурмазда букIунеб букIанщинаб рохел. Гьединаб буго хъвадарулезул гIумру — гьел кIодолъун рачIуна цIалдолез жидеего кьолеб къиматалда цадахъ. Къадруги борхула. Гьагъабехун буго хIухьбахъиялъул майдан. Гьенирги чанги хьвадана ниж эбел-эменгун цадахъ. КигIан урхъаниги, доб заман тIадбуссинаро. Амма дие Мусаги Фазуги хутIизе руго даим гIолохъаналлъун. Гьединаллъун хутIизе руго гьезул асаралги щибаб гIелалъе, — ян.

Рагьана мемориалияб хъарщи. Гьенисан нилъехъ валагьун вуго жиндир асараз цIалдолел асир гьарурав, Дагъистаналъул адабияталда гъваридаб ва гвангъараб лъалкI тарав, мугIрузул улкаялъул Михаил Шолоховилан критиказ ва пероцояз цIар кьурав, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадов.

Шамай Хъазанбиева