Коронавирусалъ нахъеги кьаби щвезабизе байбихьана. Унтаразул къадар къойидаса къойиде гIемерлъулеб буго. Тахшагьаралъул больницабазда койкабазул къадарги цIикIкIинабуна. Ковидалъул лъабабилебги карачелалъ ахIвал-хIал хIалуцинабизе квер бана. 21 июналда Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас лъазабуна мажгитахъ тIоритIулел тадбирал, гьединго хабалахъе гьарулел зияратал гьукъулел ругилан. Гьелдаго цадахъ гIорхъичIваял лъазарун руго 150-ялдаса цIикIкIун чи вугел данделъабазеги. Бертаби, гIодорчIеял ва...

