Вакцина гьабунищ, мунго лъилъанищ?

Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечIо

 

18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагIаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цIикIкIун чияс.

Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ 25 январалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана ракIалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.

 

Аслияб куцалда гьеб гьабизе буго цIикIкIараб ригьалъул гIадамазе. Амма цо-цоязул тIубан божилъиги гIолеб гьечIо гьеб вакцинаялда.

Киназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цIех-рех гьабуна батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул гIадамазда гьоркьоб.

 

МухIамад МухIамадов, ЦIунтIа райадминстрациялъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев:

 

— Нижер гьаниб бугеб ахIвал-хIалалъул бицани, вакцина гьабурал чагIи руго, гьабизе бокьаралги руго. Амма гIемерисел разилъулел гьечIо. Дир пикруялда, гьеб иш гьабизе бегьила хIал гьабичIого, дагь-дагьккун, гьелъул бугеб к1варги г1адамазда бич1ч1изабулаго.

 

ТIоцебе гьеб гьабураб чагIаз бицунеб бук1ана хIасил жал рохараб ккечIин. Гьелъги батила, гIадамазул т1убараб куцалда божилъи гIолеб гьечIеб. Кин букIаниги, нилъго нилъецаго цIунизе ккела.

 

Гьеб вакцинаялъулъ унтуда данде чIезе кIолеб къуват загьирлъани, щай бегьулареб гьеб гьабизе?