Новость на родном

ЧIагояб къадал чIухIарал къисаби

     ЦIидасанги – магIарухъе. Гьаб нухалда — ЦIумада районалъул Гъоркьияб Гьаквари росулъе, МухIамад ГIабдулхабировасухъе гьоболлъухъ. Лъугьунеб рахIатха тIолабго черхалъе, магIарухъе щолелъул. Гьале – гьаб цояб рахъалда мугIрул сухъмахъал. Гьез рачуна магIарулал мугIрузул тIогьазде. Гьаб цояб рахъалдайин абуни, рикIкIадасан найил тIулбузда жал релълъунел, тIабигIаталъ мугIрузул каранда сокIкIарал хIайранал росаби.       ГIумруялъул цIамги гьел, гьелъул...

Новость на родном

ЖамагIат гъункаралъуб росу тIегьала

    Туристаз хIетIе чIечIеб росу къанагIатги батиларо жакъа магIарухъ. Гьездаса мисал босун нилъгоги хьвадизе байбихьана тарихиял бакIазде, тIабигIаталде. Цебе цоцазде тIаде-гъоркье хьвади цIикIкIун букIаралъул, гьобол-гьудул камураб росуги букIунароан. Гьанжесеб гIелалда росабазул хIакъалъулъ лъалеб жого батуларо. Гьединлъидал нижер пикру ккана жеги цIикIкIун магIарул росабалъе сапарал рухьине ва щибаб росдал хIакъалъулъ нужееги бицине. Жакъа хIалбихьилин Болъихъ...

Новость на родном

«Иццул саринаца» бачунеб бакъан

        МагIарухъе щведал, гIажаибго берцинго бихьула дунял. Рокьула гIадамал, бокьула гIумру. Кин абуниги, жакъа цохIо магIарухъ хутIун буго нилъер ракIал хинлъизарулеб къуватги, эбелаб ракьалдаса бугеб берцинаб махIги, тIабигIаталъул гьайбатлъиги. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеца цебеги бицана, сонал индал хадур рачIунезги бицина. Амма азарго сверел гьабун бицаниги, гьеб хIакъикъат хутIизе буго хиси гьечIеб, нур свинчIеб,...

Новость на родном

МагIарухъги гIумру тIегьалеб буго  

    ТIегьалеб буго магIарухъги гIумру. ЛъикIлъулеб буго гьеб. Гьелдаго цадахъ тIегьан рачIунел руго мугIрузул гIадамалги. Жибго тIабигIатгицин гьимулеб буго гьениб, гьеб берцинаб лахIзаталдаса хIалхьоларого. Гьединаб гIужалда ракI цIала магIарухъе. Гьениса гьалбал гIемер щола газеталъул редакциялде, бицуна магIаруллъиялъул берцинлъиялъулги магIарулазулги хIакъалъулъ. Гьаб нухалда нижее Шамил районалда цIилъулеб ва цебетIолеб бугеб гIумруялъул хIакъалъулъ бицана районалъул культураялъул,...

Новость на родном

Канлъиги хинлъиги дагьлъараб хасел

      МагIарухъ гIумру гьабун ругел гIадамазе токги къанагIат гьабуни, росаби чIороголъиялда гIажаиблъизего ккеларо. Хинлъиги, канлъиги, рекIелгъейги, хIалтIиги – кинабго квараз бачун бачIунеб «цIатариялдасан» гьечIищха. Исана хасел ЛъаратIа районалъул жамагIаталъе лъугьана хасго захIматаблъун. ГIицIго райбольница хутIун, кIиго моцIида жаниб щибаб къоялъ кIи-кIи сагIаталъ свинабулеб букIана тIолабго районалда ток. Гьеб масъалаялъул бицун районалъул щибаб рокъоб,...

Новость на родном

ГьитIинабго росулъ некIсияб гIадат

       ЦIакъ лъикIаб иш гьабуна газеталъул редколлегиялъ щибаб магIарул районазул гъваридго бициналде цIикIкIун кIвар кьеялдалъун. Гьелъ нижер жавабчилъиги цIикIкIана, росабазул гIумру рагьизе ресги кьола. Балъго гьабун щай, жибго гьитIинаб бугониги гьунарал гIемераб, гIадат-гIамал берцинаб ЧIарада районалъул гIумруялъул гъираялда бицуна дица. ГIадатлъун лъугьарал ва календаралъул байрамал цо гьоркьор риччачIого тIоритIиялдеги цIакъ кIвар кьола чIарадисез....

Новость на родном

ЦIорораб къо, хинаб дандчIвай

     Гьал къоязда Казбек районалъул Гуни росдал школалъул коллективгун дандчIвана республикаялъул БетIерасда цебе бугеб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул председатель Зикрула Ильясов ва гьелъулго членал, РАНалъул ДФИЦалъул мацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб цIех-рех гьабиялъул централъул нухмалъулев АхIмад МуртазагIалиевгун МахIачхъалаялъул «Возрождение» школалъул директор МухIамадхIабиб Халидов.    Киса-кибего бараб гIаздаца...

Новость на родном

РакIалдещвеязул халатаб рахас

        1974 соналда ДГУялъул биологиялъул факультет лъугIарав дун витIулев вукIана Советск (Шамил) районалъул Дагъбаш росдал микьгосонилаб школалъул директорлъун хIалтIизе. «Нух гуреб, ток гьечIеб, доба кибалиго рикIкIад бугеб росулъе унаро», — ян тIирун чIана. Хадуб райОНОялъул заведующияс лъазабуна Ругъелда росдал школалъул завучлъун хIалтIизе ине кколин.      Къелеве витIулев вугин бициндал, дирго росдал (ГьентIа)...

Новость на родном

Гъуниб, дур берцинлъи! Бицун пайда щиб…

       Нахъеги магIарухъе — машгьураб борхатаб Гъунире. ЦIидасанги магIарухъе, щивав магIаруласе рекIел тахлъун бугеб. Гьаб ракьалъ Дагъистаналъе ва дунялалъе кьунщинаб машгьурлъи. Халилбегил суратаздаги МухIамад ХIажиевасул гьунаралдаги цебе бетIер къулана ду- нялалъ. АхIулгохIалъул цIияб къиса гьаниб хъвана имам Шамилица. Миллаталъул тарихалда жидерго тарих бугеб борхатаб Гъуниб. Къабул гьаре дур тарихалдаги, къисаялдаги, къисматалдаги цере бутIрул...

Новость на родном

Къуват кьола хIалтIуде бугеб рокьиялъ

ЧIарада районалъул Гьилиб росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса 30 сон буго Рукъият КъурамухIамадовалъул. Гьал къоязда ниж дандчIвана Рукъиятгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.       — ГьитIинаб къоялдаса нахъе дир анищ букIана мугIалимлъун яхъине, — ян бицана Р. КъурамухIамадовас.      — Хехго ригьнадеги кьун, хадурго цун лъималги гьарун, гьеб махщалие цIализе ине...